2026 соналъул 25 октябралда 107 сон тӀубана нилъер ракьцояв, Дагъистаналъулги Россиялъулги тарихалда абадиялъго жиндир цӀар хъварав генерал-полковник МухIамад Танкаев гьавуралдаса. ГӀицӀго машгьурав рагъулав генерал гуревги, нилъее гьев вукӀана моралияб компаслъун, бахӀарчилъиялъул, яхӀ-намусалъул, ВатӀаналъе гьабураб рагъулаб хъулухъ цогидазе даимаб мисаллъун лъугьарав инсан. Гьесул наслабазги киналго дагъистаниязги кIудияб чIухIигун рехсола гьесул цIар ва бетIер къулула гьесул бахIарчияб рагъулаб нухалъе.

Пагьму тIокIав инсан

Танкаев гьавуна Шамил (цебе КъахIиб) районалъул ГIурада росулъ векьарухъанасул кӀудияб хъизамалда. Лъимерлъудасаго бихьулеб букIана МухIамад гIакълу бегIерав ва пикру камилав вас вукIин. Гьес кIиго соналда жаниб лъугIизабуна байбихьул школалъул ункъо класс. МугӀрузул кьварарал шартӀаз къвакIизабуна гьесул гӀамал-хасият.

1930 соналда гьев цIалана Буйнакскиялъул рабфакалда, хадув Гъунив – колхозалъул гIолилазул школалда. Дагьаб заманалъ хIалтIана гIагараб росулъ учительлъун. Агрономлъун вахъине букӀараб анищ тIубазелъун, Дагъистаналъул росдал магӀишаталъул институталъул лъабабилеб курсалда цӀалулев МухIамад, рагъ гIагарлъулеб букIин бичIчIун, цIализе лъугьана Краснодаралъул пехотаялъул училищеялде ва гьеб лъугIизабуна бергьенлъиялда. Рагъ байбихьизе щуго къо хутIараб мехалда. 1941 соналъул 16 июналда гьев тIамуна ротаялъул командирлъун.

Рагъулал нухал - бахIарчилъиялъул нугIзал

Рагъул соназда Танкаевас командирлъи гьабулеб букIана взводалъе, ротаялъе, полкалъе. Гьесул рагъухъаби гIахьаллъана цIакъ захIматал рагъазулъ. Гьез бихьизабураб бахIарчилъиялъе гIоло, МухIамадица командирлъи гьабулеб букIараб 460 полк мустахIикълъана Александр Невскиясул орденалъе.

М. Танкаевасул рагъулаб нух ккола хIакъикъияб бахӀарчилъиялъул хроника. Гьев гIахьаллъана Смоленскалъул рагъда, гьениб гьес ва гьесул гьалмагъзабаз щущахъ биххизабуна ункъо танк ва чIвана 50-ялдаса цIикIкIун тушман. Калининил фронталда гьес нухмалъи гьабулеб букӀана ротаялъе. 1942 соналъул февралалда гьев витӀана Фрунзел цӀаралда букIараб Ташкенталъул рагъулаб академиялъул хехлъизарурал курсазде. Танкаев гӀахьаллъана Сталинградалъул рагъда. Манштейнил танказул гьужумал нахъчӀвалаго бихьизабураб бахIарчилъиялъе гIоло, гьесие кьуна тӀоцебесеб БагӀараб Байрахъалъул орден. 1943 соналдаса нахъе гьес командирлъи гьабуна кьвагьдохъабазул 823-абилеб полкалъе, 1944 соналъул июлалдаса байбихьун, 100-абилеб Львовалъул кьвагьдохъабазул дивизиялъул 460-абилеб кьвагьдохъабазул полкалъе. Фронталъул нухазда вагъулаго, гьев ана Украинаялдасан, Чехословакиялдасан ва Польшаялдасан, гӀахьаллъана Донбассалъул, Корсун-Шевченкоялъул, Львов-Сандомиралъул, Висла-Одералъул ва Прагаялъул операциязда.

Командирлъиялъул борхалъи

Амма, тӀоцебесеб иргаялда, гьесул рагъулал гьунаразул борхалъилъун ккола Освенцим эркен гьаби. 1945 соналъул 27 январалда подполковник Танкаевасул нухмалъиялда гъоркь бугеб 460-абилеб полкалъ тӀоцебе гьужум гьабуна Освенцим-Биркенау концлагералде. Гьесул таваккалаб хӀукмуялдалъун ва рагъухъабазул бахӀарчилъиялдалъун хвалдаса хвасарлъана гьеб лагералъул 300-ялдаса цӀикӀкӀун асир. 1945 соналъул 27 январалда Совинформбюроялъул докладалда къокъго хъван букӀана: «1-себ Украинаялъул фронталъул аскарал... рагъулел рукӀана Польшаялъул ракьалда бугеб Освенцим шагьар бахъизе гIоло», - ян. Гьел къокъал мухъазда нахъа батула Танкаевасул рагъухъабазул бахӀарчияб гьунарги.

МухIамадица ВатӀаналда цебе гьабураб хъулухъ ккола цIакъ бахIарчияб ва гӀемеррахъазулаб. Гьев вахъана Северияб Кавказалда кӀиабилев генерал-майорлъун (тӀоцевесев вукӀана И.А.Плиев). Танкаевас нух рагьана дагъистаниязул гӀемерал гӀелазе тӀадегӀанал рагъулал хъулухъазде.

МустахIикъал шапакъатал -

бихьинчилъиялъул нугIзал

ВатIаналъе гьабураб рагъулаб хъулухъалъе гIоло, гьев мустахIикълъана ункъо БагӀараб Байрахъалъул орденалъе, Ленинил орденалъе, Октябралъул Революциялъул орденалъе, тIоцебесеб даражаялъул ВатӀанияб рагъул кӀиго орденалъе, БагӀараб ЦӀваялъул орденалъе. Гьеб сияхIалда гьоркьор руго Польшаялъул, ГДРалъул, Болгариялъул, Монголиялъул медалалги орденалги…

Танкаевасе щвана Освенцималъул ва Бжезинкаялъул бахIарчи абурал цIарал.

ГIуцIарухъанлъиялъул цевехъан

Генерал вукӀана Россиялъул рагъулаб разведкаялъул ва рагъулаб лъай кьеялъул нухмалъулевлъун. Рагъдаса хадуб гьес меседил медалалда лъугӀизабуна М.В. Фрунзел цӀаралда бугеб рагъулаб академия, хадуб СССРалъул Яргъил къуватазул Генералияб штабалъул рагъулаб академия. Гьесул гӀуцӀарухъанлъиялъул гьунаралъул ва гъваридаб лъаялъул тӀалаб букӀана бищунго кӀвар бугел хъулухъазда: гьес нухмалъи гьабуна гьавадул десанталъул дивизиялъе, вукIана гьавадул-десанталъул къуватазул командирасул тӀоцевесев заместительлъун, нухмалъи гьабуна рагъулал къуватазул Северияб къокъаялъе, гьединго СССРалъул рагъулаб лъай кьеялъул идарабазул бетӀераб дирекциялъе, 1978 соналдаса 1988 соналде щвезегӀан нухмалъи гьабуна Москваялда бугеб Рагъулаб институталъе.

Къо-асс бугесе кьолеб къимат

Цо рагъулал ругьунлъабазул хIасил гьабун хадуб, оборонаялъул министр, Совет Союзалъул Маршал А. А. Гречкоца МухIамадида абуна: «Командующий, дудаса дун цIакъ рази вуго», - ян. 1969 соналда Танкаев вахъана генерал-полковниклъун.

Расул ХIамзатовас битӀун абуна: «МухIамад Танкаев киданиги гьимуларо лъиданиги берцин вихьизе, гьес киданиги лъиениги бетӀер къулуларо. Гьев къулана гIицIго ВатӀаналъе гIоло… Гьев вуго солдаталгун солдат, генералалгун генерал», - ан.

ДРялъул хIукуматалъул председателасул заместительлъун хIалтIарав Рапи Абакаровас абуна: «ДАССРалъ 50 сон тIубаялъул юбилеялда тIоцеве вихьана дида генерал Танкаев. Борхатаб ва къамартIаб черхалъул, берцинаб гьумера­лъул, хIеренаб кIалъаялъул генераласухъ киназулго рокьи ккун букIана. Гьев вукIана Россия тун къватIибехунги цIар рагIарав генерал. Гьединал рижаги Дагъистаналда киналго гIолохъаби», - ян.

Дагъистаналъул ритӀухъав вас, ракълил заманалдаги гьев вукӀана жиндир халкъалда аскӀов. Танкаев чанго нухалъ вищана ДАССРалъул Верховный Советалъул депутатлъун - тӀоцебесеб нухалда 1959 соналъул марталда КъахӀиб рищиялъул округалдаса. Гьединго гьев вищун вукIана СССРалъул Верховный Советалъул депутатлъун (1970–1974). Гьел тӀадегӀанал хъулухъазда МухIамадица кидаго щулияб бухьен кколаан гӀагараб республикаялъулгун ва кумек гьабулаан гьелъие социалиябгун экономикияб цебетӀеялъул кӀвар бугел суалал тӀуразе.

Генераласе хасиятаб букIана сундулъго ракI­бацIцIалъи ва жавабчилъи. Гьев вукIана гIемерал гьудул-гьалмагъзаби ругев, гIемерал гIадамазул рокьи насиблъарав чи. МагIарулаз абухъе, рекIелъ ракьа бугев, чорхолъ яхI бугев инсан.

Танкаевасул гӀумру ккола бахӀарчилъиялъул, яхӀ-намусалъул, ВатӀаналъе ракӀбацIцIадго гьабулеб хъулухъалъул хIакъалъулъ бицунеб унго-унгояб мажмугI.


Дур цIар кIоченаро, дур цIа свинаро

Нилъер ракӀазулъ даималъ цIунун хутӀила МухIамад Танкаевасул цIарги бахIарчиял ишалги. Гьединлъидал генерал ракӀалдещвеялъул мурадалда, санайил Шамил районалда тӀоритIула волейболалъул турниралги мини-футболалъул къецалги.

Хасаб программаялда рекъон, районалъул школазда гIуцIула ватIан бокьиялде ахIулел тадбирал. Гьел къецазда гIолилазулъ щулалъула гьудуллъи, лъадарула гӀамал-хасият, гьезулъ бижизабула гӀагараб ракьалдехун нилъер ракьцояс гӀумруялъго рекӀелъ цIунун букIараб гIадаб рокьи.

ГанчIида накъиш гIадин, Дагъистаналъул тарихалда жаниб меседил хIарпаз хъван буго МухIамад Танкаевасул цIар. Гьев ракIалде щвеялъе МахIачхъалаялъул бакьулъ лъун буго генераласе памятник, гьенибго - Танкаевасул цIаралда къватIги. Тахшагьаралъул медицинаялъул централъе кьуна генераласул цIар, гьелда цебе лъун буго гьесул бюст. Гьединго бюстал лъун руго ГIурада ва ЦIияб ГIурада росабазул школазул майданазда.

Танкаевасул цIаралда гIуцIун буго гIолилазе ВатIан бокьиялъул тарбия кьеялъе квербакъулеб фонд. ГIурада росулъ рагьана Танкаевасул музей. Гьенир тIоритIула ВатIан бокьиялде гIолилал ахIулел тадбирал.

 Биччанте генерал-полковник М. Танкаевасул - Освенцим эркен гьабурав рагъухъанасул ва гӀакъилав насихIатчиясул сипат нилъее кидаго букӀине битIараб нух бихьизабулеб цӀвалъун.

М. Танкаевас гIумру гьабулеб букIана Москваялда ва гьенив хвана, вукъун вуго жиндир гIагараб Шамил районалъул ГIурада росулъ.

Нури Нуриев