ГIабдула ХIАЖИЕВ: «ЛъикIлъи гьабизе гIедегIе, ракIбацIцIадго, Аллагьасе гIоло»
Буго дунялалда киназго гIакълуялъги ракIалъги кIодо гьабулеб ва тIадегIанаблъун рикIкIунеб махщел. Гьеб ккола тохтурлъи. ГIадамазе лъикIлъи гьаби гIумрудул нухлъун тIасабищарал, намусалъул къолден ретIун тIолабго гIумру сахлъи кьеялъе сайгъат гьабурал тохтурзабазул цоявлъун ккола Дагъистаналъул мустахIикъав тохтур, жамгIияв хIаракатчи, ГIахьвахъ районалъул ТIадмагъилъ росулъа ГIабдула Набиевич ХIажиев. Гьеб цIар дагъистаниязда гIемер рагIана ва лъана ГIабдула Набиевич Дагъистаналъул сахлъи цIуниялъул министрасул заместительлъун хIалтIулел 2000-абилел соназда. ХIакимлъиялъул хъулухъалде ккезегIанги, Республикаялъул травматологиялъул централъул цо отделениялъул заведующийлъун ва гIадатияв тохтур-травматологлъун хIалтIулелъулги ракIбацIцIадго гIадамазул хъулухъ тIубазе кидаго хIадурав инсанлъун, камилаб лъаялъул тохтурлъун лъалаан гьев унтараздаги пишацояздаги. Гьале жакъа къоялдаги ГIабдула ХIажиев хIалтIулев вуго «МАКС-М» ОООялъул эксперт-травматологлъун. Гьес халгьабула ва къимат кьола цогидал тохтурзабазе ва гьез гьабулеб хIалтIуе.
ГI. Набиевичас гIумрудул аслияб хазиналъун рикIкIуна лъикIлъиги гIадамазде бугеб рокьиги. Гьаб дунялалде нилъ лъикIлъи гьабизе рачIарал рукIин бичIчIизе кколин щивав чиясдаян абула гьес. Гьединаб хасият гьесулъ куцана эбел-инсуца. ГIадамаздехун гурхIелги хIалтIудехун къиматги гьесулъ лъуна гьитIинаб къоялдасанго. «МустахIикъав тохтур» абураб цIаралда жаниб буго лъимерлъудаса нахъе гIадамаздехун эбел-инсуца рекIелъ лъураб недегьлъиги, кьураб рагIудаса кьурулареб ритIухъаб хасиятги, гIадатияв тохтур-травматологасул хIалтIудаса хIукуматалда сахлъи цIуниялъул суалал тIураялде щвезегIан нахъа тарал хъулухъалъул хIокIалги.
Анищ букIана журналистлъун вахъине
60 соналъ цебе ТIадмагъилъ гьоркьохъеб школаги лъугIизабун, инсул малъа-хъваялда рекъон, ГIабдула цIализе лъугьана Дагъистаналъул медицинаялъул институталде. Амма гьеб соналда гьев цIализе ворчIичIо. Росулъе тIадвуссине ккана. ЛъикI цIалулев цIалдохъан вукIаралъул, доб мехалда росдал школалъул директорлъун вукIарав ГIалиев Зубайрица ГIабдула ХIажиев тIамуна библиотекаялъул заведующийлъун, ва гьебго заманалда гьес байбихьул классазеги дарсалги кьолаан.
ГьитIинаб мехалда гьесул анищ букIана журналистлъун вахъине. ГIахьвахъ районалъул «Заман» газеталде макъалаби хъвалаан. Районалъул газеталда яги радиоялда мухбирлъун хIалтIизе ахIулев вукIана ГIабдула, журналистлъун цIализеги витIилин абун. Амма…
Эбел-инсул насихIат - гIумруялъул нух
ГIабдула вукIана 10 лъимер бугеб талихIаб хъизамалъул тIоцевесев васлъун. Гьесул эмен - КIудияб ВатIанияб рагъул ветеран Наби рагъдаса лъабабилеб группаялъул инвалидлъун тIадвуссана. Росулъе тIадвуссарабго, гьев чанго соналъ школалда авар мацIалъул мугIалимлъун хIалтIана. Хадув курсалги цIалун лъугIизарун, ГIахьвахъ районалъул росдал магIишаталъул инспекциялъул зоотехниклъун хIалтIана. КъогогIанасеб соналъ хIалтIана колхозалъул председательлъун. Рагъул кьогIлъиги бихьарав, гIумруялъул бичIчIиги бугев чи вукIана Наби ХIажиев. РакIбацIцIадаб хIалтIухъ гьев мустахIикълъана батIи-батIиял шапакъатазе. Рагъдаса хадуб унтуца рахIат толарев инсуца васасда абулаан, воре ракIалде ккогейин мун жив сах гьавилин хьулалъ цIализе витIулев вугин. ГIумруялъго дуца гIадамазе кумек гьаби бугин жиндир мурадин абулаан гьес. Эбел-инсуда лъалелъул лъимадул гIамал-хасиятги гьесухъа щиб хIалтIи бажарулебалиги, Набидаги лъикI лъалеб букIана васасул ракI.
Мунагьал чураяв инсуца гьесда абулаан тохтур журналистлъун вахъине рес бугин, амма журналист киданиги тохтурлъун вахъунарин. ГIадамазе жиндаса цIикIкIун пайда щолеб тохтурлъи тIаса бищана васас ва хадусеб соналъ, цIидаса экзаменалги кьун, мединституталде цIализе лъугьана.
Инсуца абухъе ккезеги ккана. Тохтурасул хIалтIудаго цадахъ ГIабдула Набиевичас батIи-батIиял газетазде макъалаби хъвалаан. Мухбир хIисабалда щвана гьесие ХIурматалъул грамотабигун Баркалаялъул кагъталги. Гьев ккола Россиялъул Журналистазул союзалъул член. ГьабсагIаталда гьев ккола «ХIакъикъат» газеталъул ЖамгIияб советалъул председательлъунги.
Эбел ГIайшат Ибрагьимовалъ лъималазда бихьизабулаан лъикIаб мисал. Гьей 25-ялдаса цIикIкIун соналъ хIалтIана больницаялъул богогьанлъун. Эбелалъул рахъалдаса насихIатлъун ккараб цо лъугьа-бахъинги ракIалде щвезабула ГI. ХIажиевас: «Цо нухалда унтун больницаялда егун йигей эбелалъухъе щвезе вачIарав дие гьелъ бицана жидерго палатаялъул «гIажаибав» тохтурасул хIакъалъулъ. Гьев щибаб къоялъ вачIунила унтаразде ваккизе. Палатаялда егарай цо гIаданалъ бицанила жиндир вас вачIун вукIанин тохтурасухъе щвезе ва гьесие сайгъатги кьунин абун. Хадусеб къоялъ гьей гIаданалдехун тохтурасул бербалагьиги хабарги хисанила. Гьебго жо гьабунила цогидал унтаразги, гьездехунги тохтурасул кIалъайгицин хисанила. Гьеб мехалъ жинца дол руччабазда абунила: «Гьагъав тохтурас гIадинаб хIалтIи гьабизегIан, жиндир вас хIарччул кирпич къотIулев вукIине бокьилин». Жиндаго цогидав тохтурасул сурукъго бихьараб гIамал-хасият гьедин бичIчIизабуна эбелалъ дида. Инсулги гьединабго букIана бербалагьи. ЛъикIлъи гьабулеб бугони, ракIбацIцIадго гьабизе кколеблъи гьитIинаб къоялдасанго малъулаан».
ХIалтIуца лъадарана махщел
ЦIалулеб мехалдаго байбихьана ГIабдула ХIажиевас медицинаялда хIалтIизе. Институталъул ахирисеб кIиго курсалда цIалулебгIан заманаялъ, дежурнияв медбратлъун хIалтIана. Институт лъугIарабго, Чечено-Ингушетиялде витIун вукIана интернатураялда ругьунлъизе. Гьенивги къаси хIалтIулаан хехаб кумекалъул хъулухъалъул тохтурлъун. Хадув хIалтIана Гудермесалда травматологлъун. ЛъагIелгун бащдалъ хIалтIана МахIачхъалаялда хехаб кумекалъул хъулухъалда. Гьебги буго тохтурасда лъазе кколеб, хIалтIулъ дандчIвалеб цо бутIа. ГIицIго тохтурасул хIалтIиги гьабун чIарав чиясда хадуб нухмалъиялъул хIалтIи гьабун бажарулариларин абула ГIабдула Набиевичас.
Дагъистаналъул Сахлъи цIуниялъул министерствоялъ Казаналде витIана гьев, травматологиялъул кафедраялда ординатураялда цIализе. Гьенив ординатураялдаги, хадув мединституталъул преподавательлъунги хIалтIана. ГIелмияб хIалтIул темаги босун, хIалтIулаго цадахъ гьеб хъвалев вукIана ХIажиев. Амма гьеб рагIалде бахъине Аллагьас хъван букIун гьечIо, гьесул гIелмияб хIалтIи нухда бачунев чи хведал. Гьенив хIалтIулаго кинабниги 40 гIелмияб хIалтIи хъвана.
Казаналдаса тIадвуссун щведал, МахIачхъалаялда травматологияб пункталъул тохтурлъун хIалтIана. Хадуб травмпункт лъабиде бикьана.
ГIабдулал махщалил ва гIаданлъиялъул хIакъалъулъ бицана гьесул пишацояв, Дагъистаналда бугеб «РацIцIалъиялъул ва эпидемиологиялъул централъул» бетIерав тохтур, Болъихъ районалъул Хелекьуриса МухIамад Таймасхановас:
«Дида ГIабдула Набиевич лъала Казаналъул медицинаялъул институталда цIалулелдаса. Гьев вукIана гьенив хIалтIулев. Дагъистаналдаса цIализе рачIанщинал студентазул тIалаб гьабулаан гьес. КIудияв вацас кинигин тIалаб гьабулаан гьес дир. Гьениб ккана нижер гьудуллъи. Дицаги гьесул адаб киданиги рехичIо. Киназго гьесул гьабулеб адабалъе мустахIикъав магIарулав вуго гьев. Кив хIалтIулев вугониги, кидаго ракIбацIцIадав, ракIлъикIав чилъун хутIана гьев, гIамал-хасият хисичIого. ГIабдула вуго махщел камилав тохтурги. Жакъа къоялдаги гьев тIаса вищун вуго цогидал тохтурзабазул бажари-гьунаралъе къимат кьолев экспертлъун».
ХIалтIаби цIехон лъихъениги инчIо
Тохтурасул хIалтIулъ гIемерал лъай-хъваял ккола, гIемерал гIадамазе лъикIлъи гьабизе рес букIуна. БукIана ГI. ХIажиевасдехун районцоязул хасаб адабги, хIажат ккараб мехалда кумекалъе ватиялда божилъиги. Гьедин ракьцоязул рахъалъ цIикIкIараб божилъигун вачIана ГIабдула ХIажиев политикаялда гъорлъеги. 1999 соналда, гьев вищана ГIахьвахъ районалъул рахъалдаса Халкъияб Собраниялъул депутатлъун. Рищиязда гьесул аслияб ахIилъунги букIана: «ЛъикIлъи гьабизе гIедегIе, ракIбацIцIадго, Аллагьасе гIоло», - ян абураб.
Депутатлъун вугеб заманалда, сахлъи цIуниялъул суалал гурелги, районцоязе кIвар бугел гIемерал лъикIал ишазулъ бутIа лъуна ГIабдула ХIажиевас. Дол соназда нухмалъиялда рукIаразги цогидал районцоязги баркалаялъул рагIабигун ракIалдещвезабула ГIабдула Набиевичасул хIаракат.
ГIахьвахъ районалъул ЦIолода росулъа жамгIияв хIаракатчи Шагьаднаби ГIалиевас ракIалде щвезабуна: «Депутатлъиялъул заманалдаги гьелдаса хадубги районалъул гIадамазе квербакъарав ва ракIбацIцIадго щивасул мурад тIубалев чи вуго ГIабдула ХIажиев. Нижер хъутан - Герзели росулъе проектги бахъун, газ бачине кумек гьабуна гьес. Гьединго лъим бачинеги гьес квербакъана.
ГIабдула депутатлъун вачIараб мех букIана чвахунцIадазул хIасилалда росабалъе лъарал-иххалги кIанцIун, гIадамазул ригь-миркалъе кIудияб зарал ккараб мех. ГIемерисезе компенсация щолеб букIинчIо. Гьеб щвезабизеги кумек гьабуна гьес. МЧСалдеги гьев нижеда цадахъ вилълъана гьеб иш тIубазе. Цогидал депутатаз мисал босизе мустахIикъав депутат вукIана гьев. Гьанжеги унтарав яги цогидаб мурадгун гьесухъе кумек гьарун ани, мухIканго тIубала гьес чиясул мурад. Баркала буго нижер росдал жамагIаталъул рахъалдаса ГIабдула Набиевичасе. Аллагьас къуватгун сахлъи кьеги гьесие».
Халкъияб Собраниялда гьев социалияб политикаялъул рахъалъ комитеталъул председателасул заместительлъун хIалтIана. Гьениб хIалбихьи щвана сахлъи цIуниялъул гIуцIиялда хурхарал суалазулъ, лъазе кколаан гьелда хурхарал законал. Халкъияб Собраниялда хIалтIулеб мехалда сахлъи цIуниялъул рахъалъ районазда бугеб ахIвал-хIал лъикI бичIчIана. Депутатлъиялъе бихьизабураб заман лъугIилалде, гьев тIамуна сахлъи цIуниялъул министрасул заместительлъун. Гьелде щвезегIан гьабураб кинабго хIалтIи пайдаялъе батана цIияб хъулухъалда тараб мехалда.
ИчIго соналъ хIалтIана министрасул заместительлъун. Гьелдаса хадув, пенсиялдеги ун, ГI. Набиевич тIамуна цIирагьараб Сахлъиялъул централда бетIерав тохтурлъун. Гьенив хIалтIана 2017 соналде щвезегIан.
Гьезул мисалалдалъун куцана
ГIабдула ХIажиевас цIалулъ ва хIалтIулъ жидедаса мисал босарал гIадамал жакъаги рехсола гьурмада гьимигун, гIумруялъулъ жал дандчIваялъухъ Аллагьасе щукруги гьабун.
Гьединазул цоявлъун кколаан ГIахьвахъ районалдаги хIалтIулев вукIарав тохтур, Ленинил цIаралда бугеб орденалъул кавалер, Россиялъул ва Дагъистаналъул мустахIикъав тохтур Ризван Каримов. Гьанже гьесул цIаралда буго кIиабилеб роддом. БагIараб Байрахъалъул орденалъе (орден Красного Знамени) мустахIикълъарав, Дагъистаналъул халкъияв тохтур ХIапшиса МухIамад Заидов, Ленинин орденалъул кавалер, Хунзахъа машгьурав тохтур Саху Дибирчуев.
ГIабдула Набиевичас ракIалде щвезабула МухIамад Заидов вукIанин гIумруялъ бащдаб гъурущ цогидав чиясул чвантиниб лъечIев чи. Республикаялъул централияб больницаялъул бетIерав тохтурасул Заместительлъи гьабуна гьес 25 соналъ. ГIахьвахъ районалдаса байбихьана гьев лъабасулго хIалтIул нух. Гьел рукIана ГIабдулал инсул лъикIал гьудулзаби. Гьедин ракIбацIцIадго хIалтIулел чагIи рукIана кидаго мисаллъун.
Бищун тIадегIанаб
шапакъат
ГIемерал соназда сахлъи цIуниялъулъ гьабураб хIаракатаб хIалтIухъ, тIадегIанаб махщелалъухъ, политикаялъулъ гIадамазе гьабураб ракIбацIцIадаб хъулухъалъухъ, гурхIел-рахIмуялъулаб пишаялъулъ гьабураб гIахьаллъиялъухъ ГIабдула ХIажиев мустахIикълъана республикаялъул тIадегIанал шапакъатазе. Гьезда гьоркьоб бищунго тIадегIанаб шапакъатлъун гьес рикIкIуна «Инсан» фондалда медицинаялъул отделалъул нухмалъулевлъун хIалтIулеб мехалда Дагъистаналъул муфтий шайих АхIмад-афанди ГIабдулаевас «ГурхIел-рахIму ва рес къотIарал гIадамазе квербакъи цебетIезабиялъулъ лъураб бутIаялъухъ» кьураб Баркалаялъул кагъат.
КIиго соналъ хIалтIана Макка-Мадинаялда хIажизабазе кумек гьабулел тохтурзабазул къокъаялдаги.
2017 соналда, Сахлъиялъул централдаса пенсиялдеги ун, гьев кIиго соналъ хIалтIана муфтияталъул хIаракаталдалъун рагьараб цIияб больницаялъул (МахIачхъалаялъул лъабабилеб больница) бетIерав тохтурасул заместительлъун. Гьеб букIана цIияб больницаялда хIалтIи гIуцIулеб заман. Гьелдаса нахъе цадахъго бачунеб буго «МАКС-М» страховияб компаниялда экспертасул хIалтIиги.
ГIабдула ХIажиевасул хъизамалда гIадатияб пишалъун ккола гIадамазул къваригIел тIубай, сахлъи цIуниялде кIвар кьей. Гьесул вас Рамазаницаги тIасабищана инсулго гIадаб нух. Гьев хIалтIулев вуго Республикаялъул хехаб кумекалъул больницаялда тохтурлъун ва МахIачхъалаялъул лъабабилеб больницаялда тохтур-хирурглъун. Яс Аминатица тIаса бищана медицина. Хъизан Жамилят гIумруялъ медсестралъун хIалтIана. Киналго лъималазе тIадегIанаб лъайги щвана. Ясалъул вас ХIажимурадицаги тIаса бищана тохтурасул хIалтIи. Мединституталъул щуабилеб курсалда цIалулев вуго гьевги.
ПатIимат СултIанмухIамадова