Щварал дарсазул даимаб тарих
Социалиял гьиназдасан рагIун гурони, педагог, журналист, жамгIияв хIаракатчи, Лаваша районалъул Чуни росулъа Мусаев МухIамадилгун лъай-хъвай букIинчIо дир. Редакциялде гьоболлъухъ вачIарав гьевгун ниж дандчIвана гьал къоязда ва ккана гьадинаб гара-чIвари.
- МухIамад, бокьилаан дурго гIумрудул хIакъалъулъ бицани?
- Щуго класс лъугIизабуна росулъ ва, эмен Ставрополь краялде гочиндал, хутIараб цIали добаги гьабуна. Армиялдаса вуссиндал, цIалана Хасавюрталъул педучилищеялъул физкультурияб отделениялда. ХIалтIана росдал школалда ва цадахъго заочно цIалана ДГУялда. КIикъого соналъ хIалтIана школалда мугIалимлъун. 2017 соналда тана гьеб хIалтIи ва школалда рагьана музей, гьабсагIаталда хIалтIулев вуго гьенив.
Дир буго ункъо лъимер: кIиго вас ва кIиго яс.
- Нужер росу хур-хер гьарзаяб, магIишат гьабизе бигьаяб бакIги бугелъул, эмен вехьлъун иналъе гIилла щиб букIараб?
- Гьедин бугониги, гIумру гьабиялъе санагIалъаби ралагьун, нижер гIадамал хьвадулаан Ставрополь краялде, доб букIана гIарац щолеб бакI. Дове инчIев чи къанагIатги хутIичIо, гьабсагIаталдаги буго доба нижеразул 45 цIараки. Нижер росу цIилъана, щивасул рокъоб буго лъим, ток, газ, руго лъикIал нухал, камураб жо гьечIо. Гьеб киналъего кьучI лъуна вехьлъиялъ.
- 40 соналъ школалда хIалтIиялдаса рекIекълъанищ?
- Цоги рахъ тIасабищарал дир гIелбащадал ресалде рачIана, гьез рана лъикIа-лъикIал минаби. Гьедин балагьани, рекIекълъана. Амма цIализеги цIалун, лъайги щун, гIадамазда гьоркьовеги ккун, бокьулеб хIалтIуда, лъималазе тарбия кьун вукIине рес щвей дица рикIкIуна гIемерго тIадегIанаблъун. Гьелда цадахъго диегоги щвана лъикIаб тарбия. Гьедин хIисаб гьабуни, гIемер лъикI ккана. Дун ругьунлъана гIадамазда кIалъазе, гьезул хIурмат-хъатир гьабизе, гьез бицунелъухъ гIинтIамизе, лъалареб лъазе. Ставрополалда бицунаан цIакъ чорокаб мацI. Гьаниве щведал, цIакъ захIмат букIана гьелдаса ватIалъизе, гьелда цадахъго магIарул мацIалдеги букIана кутакаб рокьи.
- Музей рагьиялъе гIилла щиб ккараб?
- Дие кидаго бокьулаан тарих, умумузул рукIа-рахъин, халкъиял кучIдул, маргьаби, кицаби, абиял, бицанкIаби лъазе, гьездехун букIана кIудияб гъира. Нижер кIудияй эбелалъул рокъоб хутIун букIана некIсияб къайи-къоно. Музей гIуцIизе ракIалде ккарабго, гьеб кинабго босана гьенибе. ТIоцебе гьеб букIана школалъул гьитIинабго рокъоб, хадуб дагьаб гIатIид гьабуна. ГIарац кьун, щибниги къайи гьенибе босичIо, кинабго кьола росуцояз ва гьалбадерица. Байбихьуда кинабго хIалтIи гьабуна чIобого, гьанже гьеб ккола Хъуппа росдал музеялъул филиал, рагьана штат, дие чIезабуна харж.
- Музеялъул хIалтIи гьабиялда цадахъ дур бугоха магIишатги…
- Буго 50 сотых ракьалъул. Гьениб бекьула картошка, хъапустIан, ламадур, чIакIултIан, багIаргьоло. Буго гIака, бече, хIелеко ва 10 гIанкIу. Дир хъизамалъе гIураб гьениса щола, тIокIлъараб бичула. Амма гIезабиялдасаги захIмалъула гIезабураб бичизе.
Багьа бугеб сон бачIани, хуруца хьихьула, гурони, рехсезе гIураб пайда гьениса щоларо. Школалъул хIалтIи ботIрое, сахлъиялъе бигьаяб гьечIо, харж цIикIкIараб гьечIониги, кидаго чIезе ккола гьелъухъ валагьун. Гьединлъидал бищун лъикIаб буго кинабго цадахъ хIалтIизаби.
- ГIадамазе гIезегIан лъикIал шартIал чIезарун ругеб нужер росулъа гIемерав чи унищ шагьаразде? Нилъер унтилъун кколеб рахьдал мацIалъул суал кин бугеб Чуни росулъ?
- Риидалил заманалда Россиялъул регионазде уна гIолохъаби. Амма, тIубанго росуги тун, гочун унел къанагIат гурони рукIунаро. Ставрополалда, Ленинкенталда ругел росуцоязул лъималазда ва гьезулги лъималазда магIарулалдаса лъикI лъалеб буго гIурус мацI. Дун вуго кутакалда нилъер мацIалда, гьеб цIуниялда хадув чIварав чи. Гьединлъидал, кигIан бокьичIониги, абизе кколеб буго, кибго бугеб гьеб унти жеги тIубанго нижеде бахунги гьечIо, бахине хутIараб жоги гьечIо. ТIагIун унеб буго мацI, гьеб лъугьун буго бищун цIикIкIун нилъ тIад хIалтIизе, кIвар кьезе кколеб масъалалъун. Мисалалъе, дица цебе лъун буго гьадинаб тIалаб - музеялде вачIарав магIарул миллаталъул чи гIурус мацIалъ кIалъазе бегьуларо. Гьединалги додиналги тIалабал чIезаруни, ясли-ахаздаса, школаздаса байбихьун, рокъоб эбел-инсуца гьеб хIалтIизабуни, мацI тIагIунаро.
- Цо заманалда дур лъикIаб бухьен букIана «ХIакъикъат» газеталъулгун. Гьоркьоб заман ингун гьаниве щведал, кинаб асар гьабураб?
- Дун цIалулеб мехалда, мухбирзабиги рукIана дида цадахъ - МухIамад ХIамзаев, Шарапудин Мусаев, АхIмад Амиров, лъикIав гьобол ва гьудул вукIана МухIамад МахIатIов. Доб мехалъ дида лъаларев чи гьанив вукIинчIо. Дица хъвала, цIалула газета, амма гIемераб мехалъ щун вукIинчIо, жакъа щвеялъги гьабуна лъикIаб асар. Амма республикаялъул газетазул редакциял жаниб хIебтIараб минаялъул къватIисеб рахъ бихьидал, цIакъ намуслъана.
ГIемерал соназ тIад хIалтIун, хъван, гIодоб лъун букIана росдал тарихалъул тIехь. КъваригIун букIана берцинго, гъалатIал риччачIого, гьеб компьютералда бищизе. Гьеб мурадгун щвана редакциялде.
- ГIемерал магIарулазда мун лъала социалиял гьиназда ругел къокъабазул жигарав хIаракатчи хIисабалда...
- КъватIиве ккараб заманалда бичIчIана росдал гурони, болмацI дида лъикI лъалеб гьечIеблъи. 35 сонил ригьалда вугев, ункъо лъимерги бугев дица анлъго, соналъги цIалун, университет лъугIизабураб заманалда, гIемерго бигьалъана бокьарав магIарулавгун берцинго кIалъазе. МагIарул тарихалъулги, жакъасеб къоялъулги, метер букIинеселъулги - гьел пикрабазда вукIуна дун кидаго. ГIадамазда гьоркьовеги лъугьун, дирго ракIги гъун, дир ругел хъвай-хъвагIаялги хIалтIизарун, дида лъалеб жо цогидаздаги лъай мурадалда квалана дун гьеб ишалде. Дида кколаан гIемераб жо лъалин абун, лъалареб жо жеги цIикIкIун батана. Гьединлъидал лъалеб бицуна, лъалареб балагьула. Дие цIакъ рокьула тарихги, маданиятги, адабиятги, гьел рокьулел гIадамалги.
- Гьеб иш нухда бачунаго, дур холеб батила гIезегIан заман…
- Гьеб заман гIадада хвараблъун рикIкIунаро дица. Дир мурад буго бажарараб, пайдаяб хIалтIи магIарулазе гьаби. Рогьалил как бан хадув жувала гьелде (цереккунго хIадурула хIажатал хъвай- хъвагIаял), гьеб лъугIун хадуб байбихьула рокъосеб, хурулгун харил хIалтIаби гьаризе.
Гара-чIвари гьабуна
ГIабаш ГIабашиловас.