2022 соналъул 17 февралалда къватIибе бачIараб «ХIакъикъат» газеталда бахъун букIана «Бекилалде бухьун лъикI бетIер» абураб дир макъала.

Гьениб рехсон рукIана бакIалъулаб самоуправлениялъул цIияб законалъул проекталда тIасан дирго пикраби ва ахIи балеб букIана росабазул, районазул, шагьаразул нухмалъулезде, Халкъияб Собраниялъул депутатазде, метерисеб къоялъул пикруги гьабун, росабалъ ва районазда хутIун бугеб халкъалъ бакIалъулаб самоуправлениялъул органал, депутатал ва бутIрул рищулеб къагIида цIунизе хIаракат бахъеян.

Гьеб законалъул проекталда рекъон, районазул бакIалда гIуцIизе кколаан округал, росабалъ ругел муниципалиял гIуцIабиги хвезарун.

Гьебмехалда Дагъистаналъул букIинеселъул ургъел бугел жамгIиял хIаракатчагIаз гIуцIана хасаб комиссия. Гьенир гьоркьор рукIана юристал, гIалимзаби ва дунги - гIемерал соназ бакIалъулаб самоуправлениялъул нухмалъиялда хIалтIарав ва хIалбихьи бугев чи хIисабалда.

Дица киданиги рикIкIинчIо ва рикIкIунаро ватIан бокьулеллъун къватIисеб пачалихъалда лъайги щварал, гьезул гражданствоги, гьениб мина-мулкги бугел, жидерго васалги рахчун, чияр васал рагъде инелъун ахIи балел гьереси-патриотал. Гьединго дица къимат кьоларо законалъул проект бахъарал Пачалихъияб Думаялъул депутат Павел Крашенинниковасе ва сенатор Александр Клишасе. Гьез хъвана жидедаго лъикIаблъун бихьараб къагIидаялъ ва кьун букIана халкъалъул халгьабиялде.

ТIоцебе къватIибе бачIараб федералияб законалъул проекталда рекъон, ихтиярго кьезехъин букIинчIо Россиялъул субъектазе жидецаго тIаса бищизе жидеего дандекколеб бакIалъулаб самоуправлениялъул гIуцIиялъул къагIида. Гьединлъидал нижеца, ай жамгIиял хIаракатчагIаз гIуцIараб комиссиялъ хъвана гьадинаб пикру гьеб законалъул проекталде гъорлъе бачинелъун: «РФялда муниципалиял гIуцIабилъун ккола росу, район ва шагьар. БакIалъулаб самоуправление букIуна гьал хадур рехсарал муниципалиял гIуцIабазда: шагьаралъул округазда, росулъ ва районалда. Гьединго букIине бегьула муниципалияб округалда. Кинаб къагIидаялъ гьеб бакIалъулаб самоуправление букIинебали чIезабула РФялъул субъекталъ, гьелъ къабул гьабураб законалъул кьучIалда».

Гьединаб пикру  битIана Дагъистаналъул Халкъияб Собраниялде. Гьениса жаваб бачIана нуж кватIанин абураб магIнаялъул. Цинги гьебго пикру  битIана Пачалихъияб Думаялде. Ахир-къадги гьединабго пикру  бачIана Татарстан Республикаялдаса ва гьезул бетIерасгун республикалъул параламенталъ тIамуна федералияб закон къабул гьабулелъул хъвазе, ай ихтияр кьезе жидеего субъектазе гьаб закон бахъилалде букIараб бакIалъулаб самоуправлениялъул къагIида росабалъ, шагьаразда ва муниципалиял районал ругеб хIисабалда.

Закон къабул гьабуна 2025 соналъул 20 марталда.

Гьелдаса нахъе нилъералги васвасдилел руго Дагъистаналда бакIалъулаб самоуправлениялъул закон гIуцIизе бокьун. Дир хIисабалда, гIемераб ургъизе жого гьениб гьечIо. Дица рахъ ккола ва битIараблъунги рикIкIуна МахIачхъала шагьаралъул муниципалияб округ гьаби ва гьениб бугеб лъабабго районалъул депутатазул собраниял ва гьез районалъул бутIрул рищулеб къагIида хвезаби. БитIараблъун букIинародай, муниципалиял округалги гьарун, цогидал шагьаразул ва гьебго шагьаралъул цIаралда гъоркь ругел бакIалъулал самоуправлениялъул гIуцIаби цолъизаруни. Масала, Дербент муниципалияб округ - шагьар ва район цолъизабун. Гьедин гьабуни букIина бюджеталъул гъурщазе цIуна-къай.

Дида рагIана Дагъистаналъул нухмалъулезда ракIалда бугила нилъер гьаниб билълъанхъизабизе кIиго батIияб муниципалияб къагIида:

1) чIахIиял районазда цIунизе бугеб къагIида, ай росабалъ депутатазул собраниял ва гьез рищулел росабазул бутIрул. Гьединго районал, районалъул собраниял ва гьез рищулел бутIрул.

2) гIисинал районазда росабазул собраниял ва, гьез бутIрул рищулеб къагIидаги хвезабун, районазул бакIалда гIуцIизе муниципалияб округ, киналго росабиги цолъизарун.

Гьеб кIиябго къагIида буго федералияб законалда хъванги.

Цо заманалда Дагъистаналъул бащдал районазул бутIрул рищулаан избирателаз гьаракьги кьун, ва гьел рукIунаан районазул администрациязул бутIруллъунги. Бащдал районазда бутIрул рищулаан районазул депутатаз ва гьел кколаан райсобраниязул бутIрулги. КIиго батIияб статус ва кIиго батIияб хIалтIи букIана гьабулеб гьеб заманалда рукIарал, масала, ГIахьвахъ ва ЦIумада районазул бутIруз.

Дир пикруялда, киналго районазда цIунизе ккола гьабсагIаталда бугеб къагIида. Ва амма, федералиял ва субъектазул законазда хиса-басиялги гьарун, росабазул бутIрул рищизе ккола районалъул бетIерас рихьизарурал кандидатазда гьоркьоса.

Дагъистаналъул бетIер заманалъе толелъул, хадув вищулелъул ва вахъизе ккедал вахъизеги Россиялъул президентасул бугеб гIадаб ихтияр кьезе ккола  Дагъистаналъул бетIерасе шагьаразулгун районазул бутIрул заманалъ толелъул, рищулелъул ва эркен гьарулелъул (цIияб законалда гьелда релълъараб ихтияр кьун буго). ХисичIого гьединалго ихтиярал кьезе ккола районалъул бетIерасеги росабазул бутIрул заманалъ тезеги, рищизелъун рихьизаризеги, ккани, жавабчилъиялде цIазеги ва хъулухъаздаса эркен гьаризеги, жамагIатазда дандги бан, гьезул пикруги кьочIое босун.

Амма тIадегIанаб лъайги гьечIев, щуго соналъул болжалалдаса дагьал соназ хIукуматалъул хIалтIудаги хIалтIичIев, армиялда хъулухъги гьабичIев чи бегьиларо я шагьаралъул, я районалъул, я росдал бетIерлъун вищизе.

Районалъул призывалъул комиссиялъул председательлъун вукIуна районалъул бетIер. Жиндаго армияги бихьичIев, автоматги горбода бачIев чияс кин ахIулел чияр васал армиялде, хасго гьаб заманалда!

Армиялда хъулухъ гьабичIев чи тIамизе бегьиларо пачалихъалъул ва муниципалияб хъулухъалдеги.

Дун районалъул бетIер вукIа­равани, диеги бокьилаан, муниципалияб округги гьабун, гьелъул нухмалъуда, хан гIадин вукIине. Щай абуни, жакъа росабазул жидехъго ругел ракьазулги бюджеталъулги ихтияр букIинаан дихъ. Телаан дица росабалъ диего мутIигIал нукаралги.

Дир хIинкъи буго, цин районазул округалги гьарун, хадуб байбихьилин жакъасел гьитIинал районал чIахIиялгун цолъизаризе. Гьадингоги ахирал соназ, масала, нижер ГIахьвахъ районалда букIараб чамалиго идара къана.

Абула царал кваранаб рахъ кваназе бегьулин, квегIаб рахъ бегьуларин абун. Гьаб цIияб законалдаги руго гьединалго бакIал. Масала, 10-аб статьяялъул 4-аб. пункталда бихьизабун буго: «В состав территории муниципального образования входят земли независимо от форм собственности». Гьебго статьяялъул 6-аб. пункталда хъван буго: «Территория населённого пункта должна полностью входить в состав территории муниципального образования».

Анкьабилеб пункталда: «Территория муниципального образования не может входить в состав территории другого муниципального образования».

Гьаб бакIалда бачIунеб буго суал, щибха гьабизе бугеб гIатIиракьалда лъугьарал, цере колхозазегун совхозазе кьун рукIарал ракьалда гIурал росабазда?

Масала, нижер районалъул ЦIияб ЦIолода, ХIариб, Инхело росаби руго Хасавюрт районалда, ГIандуз ва Индира росаби руго Бабаюрт районалъул ракьалда. Гьелъие гIоло тIоцебе проекталда букIинчIеб 11 пункт рекIинабун буго федералияб законалда: «На территории субъектов РФ, в которых исторически сложились традиционные формы отгонного животноводства, территории и границы муниципального образования устанавливаются с учётом законодательства субъектов РФ, регулирующего порядок определения территорий и использования земель в целях отгонного животноводства, и особенностей расселения населения на указанных территориях». Гьанжеги добго хурив довго Муса.

ХIурматиял Дагъистаналъул нухмалъулел, депутатал ва хIакимзаби! Жакъа нужеца абулел «на землях отгонного животноводства» гьечIо Сталиница гIуцIун рукIарал колхозалги совхозалги. Гьезул букIараб гучаб магIишатги цебего кванан лъугIана! Дол гIухьбузулги, дояркабазулги, механизаторазулги «землянкабиги» гьечIо. Гьенир руго гьаб заманалъул минабиги, тIабигIияб газги, токги, школалги. Нужеда ракIалде ккун батани гьел гьенир заманалъ ругин абун, гьечIо. Заманалъ рукIуна хIакимзаби, хъулухъчагIи ва депутатал!

Щай гьанжеги гьел росабазул суал политикаялде буссинабулеб бугеб? Исана нилъер цевехъан Владимир Путиница гьаб сон лъазабун гьечIищ Россиялъул халкъазул цолъиялъул лъагIеллъун. Нилъ киналго дагъистаниял цолъун, гъункун, рекъон, вацал гIадин гурищ цадахъ гIумру гьабун ругел? Нилъер киназулго васал рагъулал вацаллъун гурищ кколел?

Гьел Россиялъул Федерациялъул ракьал кколарищ? Россиялъул Конституциялда рекъон, ихтияр гьечIищ гьел росабалъ минаби разе, абадиялъго гIумру гьабизе?

Ялъуни нижер заманалда гьадинги бегьилиланищ тун бугеб?

Суалал гIемер руго. Дица 100 кагъат битIун батила гIатIи­ра­кьал­да (хъутабазда) лъугьарал росабазул къварилъабазул хIакъалъулъ бицун Пачалихъияб Советалде, Халкъияб Собраниялде, президентасухъе, хIукуматалъул председателасухъе.

Кьезе ккола гьезие киназего цIаралги, щула гьабизе ккола гьезда хадуб ракьги, хъвай-хъвагIай гьабизе ккола гьенир рарал минабазулги, кьезе ккола гьез ракьул ва мал-мулкалъул налогалги. Гьел росаби ва гьенир гIумру гьабун ругел рачине ккола гьаваялдаса ракьалде!

Нижер хъутаналдаса анцIгоял­да­саги цIикIкIун гIолохъан­чи вуго рагъда. Кинаб ВатIан гьез цIунун бугеб, рагъдаса тIадруссиндал жидер умумуз ва хъизан-лъималаз гIум­ру гьабулеб цIар гьечIеб росулъ рукъ базеги хур бекьизеги ихтияр гье­чIеб!?

РакIалде ккола, гьанжегIаги бекилелде бетIерги бухьун, нилъеца рищарал депутатаз бачIунелъул ва букIинеселъул пикруги гьабун, гIадамазе хайирияб къагIидалъ къабул гьабилин Дагъистаналъул бакIалъулаб самоуправлениялъул закон.

ХасмухIамад Муслимов, ЗахIматалъул ветеран