РачIа ВицIиялъе боцIи хьихьизе
ВицIиялъ росдал тарихалъул цIех-рехго гьабун гьечIин абуни, мекъи ккеларо. Аза-азар соназ цебеккунго росу букIиналъе нугIлъи гьабула басриял хабалаз: гьел тIиритIун руго гектаралдаса цIикIкIун ракьалда. Гуржи мацIалдаса бачIараб буго росдада цIар: «вицIи» - «лъалищ дуда», «ялъ» - бакIалъул падежалъул ахир.
ХIакъикъаталдаги, росуцояз жакъаги ракIалде щвезарула лъай-пагьму букIараб некIсиял гIалимзаби: СунтIи МахIама, Кьокьола Рамазан, ЧIухIарав МухIамад, Базанилав МухIамад, Нажмудинов Садикъ, КвацIилаев МухIамад, МухIамадов ГIумарасхIаб, ГIабдурашидов СагIадула, НасухIов Ибрагьим, НасихIов Муддасир, МухIамадов Шамил ва гь.ц.
Революция бергьун хадуб, вицIиялъдерил 20-30-гIанасеб цIараки гочун буго Турциялде. ГьабсагIаталда Ялова шагьаралда ва ГIусмание росулъ гIумру гьабулеб буго гIемерал цIунтIадерица.
1944 соналда, цIунтIалги Чачаналде гочинарун, И. Сталиница гьезул ракьал кьуна гуржиязухъе. Гьез гьел хIалтIизарулаан риидалил мучIдул хIисабалда. 1957 соналда цIунтIадериеги ихтияр кьуна умумузул ракьалде тIадруссине. Амма гьезда ватIаналда ратана гIицIго чIвадналги чIахIилъ къарал хурзалги. ЦIидасан росаби разе ва магIишат гIуцIизе ккана гьез.
СССР биххилалде ВицIиялъ росулъ букIана нусгоялде гIагарун цIараки. ГьабсагIаталда хутIун буго 45-50. ГIемерисел гочана, гIумру гьабизе бигьаябиланги абун, гIатIиракьалде. Вагьабиязде данде къеркьеялъул заманалда чIвана 30-гIанасев чиги.
Росу буго гIи-боцIи хьихьизе кутакалда санагIатаб. Бачинин цо мисал. Хасалоялде рагIи-хер хIадуризе кколаан сверухъ ругел росабазул гIадамаз. ГIазу бараб заманалда, цо анкьалъ гурони (гьебги къанагIатго), гIи-боцIи бокьоб тезе кколароан ВицIиялъ. Щайгурелъул бакъда бугеб росулъги росдал мучIдуздасаги гIазу хехго биунаан ва боцIи къватIиб кваназабизе рес щолаан. Бекьизеги, бецизеги, минаби разеги гIемераб ракьги буго гьениб. Масала, гьабсагIаталда Лъибил мухъалъул цониги росулъ гьечIо мина баялъе санагIатаб бакI, ВицIиялъ росдал гьединаб 10 гектарниги буго. Цебе заманалда вицIиялъдерил гIемерал кулабиги мархьабиги рукIана КIуралъ абураб бакIалда. Колхозал гIуцIулел соназда, рикьа-риххун, гьел ракьал щун руго Хупри ва ХIибиялъ росабазул жамагIатазе.
Сверухъ ругел рорхатал мугIруз гьураздаса цIунула гьезул ахалъуда бугеб ВицIиялъ росу. Совет Союзалъул заманалда (1950-1960 соназда) гьениб гIумру гьабизе рачIана гIемерал гIадамал, шартIалгун ресал ругеб бакIиланги абун. Гьениса гIадан лъадилъун ячарав чиги гьениве гочунаан гIумру гьабизе. Масала, Гьинухъа ХIажиласул инсуца ячана ВицIиялъа Аминат ва хвезегIан гьениб гIумруги гьабуна. Гьединабго къисмат ккана Цихохъа МухIамадилги (Эгъуч), Шагьикьа МухIамадил, Цебариса ГIусбанил. 1955-1965 соназда гьениб гIумру гьабизе вачIун вукIана БежтIаса Шайхов Шайх лъади ГIайшатгун ва васалгун. Цо-цоял рачIунаан риидалил мучIдузда хьихьизе жидерго гIиги бачун: ХутIрахъа ГIабдурахIман, Чаляхъа ГIабдукарим, Шапихъа Будумилов Рамазан ва гь.ц.
Колхозазул заманалда росулъ букIана 200 чIегIерхIайванги 900-ялдаса цIикIкIун гIиял бетIерги. ВицIиялъа колхозчагIазул №2 бригадаялъ бекьулаан пурчIина, бугIа, картошка, хъапустIан ва цогидаб. Гьелъул бачIиналъул гIураб бутIа баччулаан сверухъ ругел росабалъ бекьизеги. Гьединаб бечедаб ракь буго росдал. Совет Союз биххун хадуб, цогидазго гIадин, вицIиялъдерицаги тана хурзал рекьиги боцIи хьихьиги: гьанже гьениб буго нусгоялде гIагарун чIегIерхIайван ва 8-9 гIиялъажо.
БоцIи хьихьизеги хурзал рекьизеги, ай магIишат гьабиялъе ресал ругониги, инсанасул гIумруялъе шартIал гьечIо росулъ. 1958 соналда гьениб рагьана байбихьул школа. Учительлъун вукIана Гъуниб районалъул Ругъжаса Султанов ГIабдурахIман (КIабач). Хадурккунги школалда хIалтIана къватIиса рачIарал учительзаби: Шамил районалъул ТIелекьа ГIабдусалам, Гъуниб районалъул Кудалиса Багиров Басир, ЦIунтIа районалъул Кидироса ГIабдулкъадиров ГIабдусалам, Гьинухъа Абакаров Сайпудин, ЛъаратIа районалъул Гьукъалиса МухIамадов КъурамухIамад. 1972 соналда дунги хIалтIизе лъугьана гIагараб росдал школалда.
Гьенибе ток бачIана 1973 соналда ва шагьранух бахъана халкъалъ, пачалихъалъул рахъалдасан кинабгIаги кумекги щвечIого. 1974-1984 соназда, газа-белги хIалтIизабун, ХIибиялъа ВицIиялъе лъабгогун бащдаб километралъул нух бахъана жамагIаталъ.
ТIоцебесеб тIадегIанаб лъай щвана хадусел учительзабазе: МухIамад МухIамадовасе (Михъич), Айдемир МухIамадовасе, Назир Нажмудиновасе, Шамил МухIамадовасе. Медучилищеги лъугIизабун, росулъ хIалтIизе рачIана: ГIумар ГIабдулаев, ГIали ГIусманов, Жарадат МухIамадова.
2000 соналдаса хадуб цIилъизе байбихьана ВицIиялъ росу. КIиго километралъул манзилалда рогIралги лъун, гьенибе бачана лъим. Щивасе рес щвана хинабги цIорорабги лъим рокъобго чIезабизе, хIамам гьабизе, токалъул алатал (черолеб машина) лъезе. Минабиги руго гьанжезаманалъул къагIидаялда къачIалел. 2005 соналда хIалтIизе байбихьана мобильнияб бухьен. Исана росулъ бана ФАПалъе минаги.
ГьабсагIаталда росдае къваригIун буго библиотека, лъималазул ах ва байбихьул школалъул лъималазе квен хIадуриялъе бакI.
ХIажи Нажмудинов