Гъуниб районалъул росдал магIишат кидаго букIана цебесеб кьерда, гIи-боцIул, тIорщалил, рахь-щаралъул ва гьан-хIаналъул рахъалъ. Ахираб заманалда киса-кибго хун буго дармил, магIишатазул ва цоги бакIазул къимат. Нижер пикру ккана Гъуниб районалъул росдал магIишаталъул нухмалъулесул заместитель Адибалов МухIамадилгун бухьен гьабизе ва жакъа бугеб ахIвал-хIалалъул хIакъалъулъ гьесулгун гара-чIвари гьабизе.

Институталда цIалун лъугIарал­даса нахъе МухIамад хIалтIулев вуго росдал магIишаталда. Гьениб гьес загьир гьабуна хIалтIуде рокьиги бажариги. Бихьулеб буго, гьал ахирал соназ тIорщалилги, гIи-боцIулги, цогидалъулги рахъалъ магIишат нахъекколеб букIиналъ гьесул ракI унтун букIин.

- МухIамад, Гъуниб районалъул росдал магIишаталъе кинаб къимат кьелеб дуца жакъа?

- Жакъа къоялда беццизе ккараб къагIидаялда гьечIо ахIвал-хIал. ЩибгIаги цебетIолеб хIалтIи гьечIо. ГIемерлъулел руго федералиял тIад­чIеялги, информациялъулал программабиги, тIадкъалел хIалтIабиги. ЗахIмат буго гьел тIуразеги. Абизе бегьила, гъоркьисалалде данде­ккун, исана цIакъ нахъе ккун буго магIишат. Гьеб цебе туркIиялдаги щаклъи буго. Масала, цебе бекьулаан азаргоялдаса цIикIкIараб ракьул гектар, исана бекьана гIицIго нусиялда анцIго.

- Гьелъие гIилла щиб?

- Ракь лъалъалеб идараялъ тIалаб гьабулеб буго лъехъ гIемер гIарац. Масала, ракьул нусго гектар бекьани, гьеб лъалъазе ккани, гьезие кьезе кколеб буго миллионгун нусиялда къо­азарго гъурущ, ай цо гектаралъухъ анцIила кIиазарго. Гьелде тIадеги, каналалъубе бачIунеб лъехъги кьезе кколеб буго – ижараялъухъин абун. Нагагь гьеб кьезе кватIани, тIаде пеня бахъула, гьебги цIикIкIуна, цо-кIиго соналъ кьечIого хутIани. КIиго-лъабго миллионалде бахунеб буго. Росдал магIишатазул къуват гьечIо гьанже гьединаб гIарац кьезе. ТIадежоялъе налогалги кьезе ккани, гьеб цIакъ захIмалъула.

Изображение

- Кинха кьолел хIалтIухъабазе харжал?

- ГIухьбузе ва дояркабазе кьезе гIарацго гьечIо. Гьединлъидал магIишатазул ишги лъугIулеб буго, рекьиги толеб буго. Росдал магIишаталъул ва Мулкалъул министерствабаз хIал гьабун тIамулел руго къотIи-къаял хъвазе, щайин абуни, гьезул бюджеталде бачIунеб гIарац бугони, гьезие пайда букIуна ва ишги лъикI букIинарищха.

- ЧIахъадерил, сугъулдерил ва гьединго ругъужсдерил «Данияловасул» цIаралда ругел магIишатал цебесеб кьерда рукIунаан кидаго…

- Исана чIахъадерица щибго бекьичIо. Сугъулдерица бекьулаан нусиялда анцIго гектаралда пиринчI, гьелги чIана, лъеберго гектаралда гьебги бекьун, тIокIаб бажаруларин ва гIарацги кьезе кIоларин абун. ТIадеялдаса тIадеялде захIмалъулеб буго росдал магIишатазул хIалтIи. Гьединго председателасе кутакалда захIмат буго, вехь, доярка, механизатор ва цогидал хIалтIухъаби ралагьизе. РачIунел гьечIо ва бокьулеб гьечIо гIадамазе гьединаб хIалтIи гьабизе. Гьанже киназего бокьун буго шагьаразда бигьаго гIумру гьабизе. Нусазарго гъурщил харж кьуниги, бокьун гьечIо хIалтIуде рачIине. МахIадерил магIишаталъ кьолеб буго хIалтIизе вачIарав чиясе нусазаргоялдасаги цIикIкIун гъурущ, гьеб гIарацги дагь бихьулеб буго. Гьезие къваригIун буго 200-300 азарго гъурущ харжалъе кьезе. Нижгоги руго 30-40 азарго гъурущ моцIиеги босун.

Араб анкьалда дун вукIана Химпочвозащитаялъул бригадагун цадахъ МахIачхъалаялъул, ЧIохъ, Сугъралъ, Данияловасул цIаралда ругел хъутабазда. Гьенив гьечIоан хIалтIи гьабун бажарулевги хIалтIи бокьулевги цогIаги чи. Химпочвозащитаялъул 70 сон барав чи вукIана гьениве вачIун щугогIанасев чигун цадахъ. Гьел киналго рукIана ригьалдаса арал, пенсиялда ругел гIадамал. Гьев чияс, цадахъ рачIаралгун нухда бачана гьениб гьабизе кколеб кинабго хIалтIи.

- Росдал магIишаталъул министерствоялъ щиб абулеб бугеб гьединаб ахIвал-хIалалда?

- Гьенирги руго, жиндир гуреб хIалтIуда гIодор чIарал, хIалтIулелилан цIарги босун, «хIамида къулгьугIан» жоги лъаларел цо-цоял. Цинги кибеха ккелеб хIукуматги, росдал магIишатги ва гьеб гуреб цогидабги. ЦIияв министр вачIуна хIалтIуде, цадахъ жиндирго къокъаги бачун, амма гьенив вукIунаро росдал магIишаталъул хIалтIиги лъалев, гьебги бичIчIулев цогIаги чи. ХIалтIул хIалбихьиги бугев, кинабгоги бичIчIулев специалист нахъе ине кколев вуго. Гьанже лъиего щибниги жоялъул ургъел гьечIо. КъваригIараб жо буго гIицIго хIалтIулел ругин бихьизаби.

- Квасул хайир щолищ яги бегун хутIунищ бугеб?

- Квасги кепкиде ккун буго. 12-20 гъурщиде хIалица унеб буго гьелъул кило, цинги гьез гьеб, кIицIул хираги гьабун, бичулеб буго. Гьоркьохъаби гIемерлъун руго.

- ГIи-боцIи кин бугеб магIиша­тазул?

- Кин букIинеб? Расги лъикI гьечIо, соналдаса соналде дагьлъулеб буго. Росдал магIишаталъул министерствоялъ абулеб буго, нужеца боцIи дагьлъизе биччаге, гьеб дагьлъани, субсидия кьезе гьечIилан. Гъоркьиса тIорщалил бачIинги 40 тонна букIун батани, исана 41 тонна букIине кколилан. БоцIул нусго бетIер букIун батани, исана нусиялда цо букIине кколила.

Сибиралда боцIи гъурун бана, цо бетIер течIого, унти щун бугилан абун. Кинаб унти букIунеб гьениб? Цо-цо жидерго унти гьечIого хIайван букIунаро. Гьелъие гьабулеб уколги букIуна ва букIана кидаго. Дол бечедал, ццулъарал чагIазул фермаби ругелъул, жидерго нигIматал росизе, нилъерабго тIагIинабуна ва гьабулебги буго. Гьеб кватIичIого гьанибеги щвела.

Дун вуго советияб заманалдаса нахъе росдал магIишаталда хIалтIулев чи. ГIемераб жоги бихьана ва лъана. Амма росдал магIишат гьанже цебе унаро, нахъе ккани гурони. Гьаб цебе инеги бегьула, цо ракIунтарав нухмалъулев вачIани. Гурони, сон бахъанагIан, гьеб хвезе буго. Гьединаб жо бихьараб мехалъ, ракI унтун букIуна дир. Нилъ кире ккарал?

- МухIамад, мун нухмалъулевлъун вукIаравани, щиб дуца гьабизе букIараб?

- Институтги лъугIун, росулъе тIадвуссараб мехалъ, дида эбелалъ лъазабуна: «Дуца, дир вас, магIишаталъул председательлъи кодобе босуге. Дуца гьеб жакъа гьабуни, метерисеб къоялъ дуда цIогьорасул цIар чIвазе буго. КигIан лъикI, ракIбацIцIадго дуца хIалтIи гьабуниги, гьеб лъидаго бичIчIизе гьечIо», - ян.

Эбелалъул рагIи дие гIуна ва дица киданиги хъулулхъ тIалаб гьабичIо.

Гара-чIвари гьабуна

Рукъият ГIалисултанова.