ГьоцIолъун тIинкIана рекIел тIиналде

КIиабилеб июналда РФялъул президент Владимир Путинил нухмалъиялда гъоркь тIобитIана Россиялъул халкъазул мацIазул рахъалъ пачалихъияб политика гIумруялде бахъинабиялъул советалъул данделъи.

Гьениб бицана рехсарал мацIал цIуниялъул мурадалда гьаризе ругел ва гьарулел тадбиразул хIа­къалъулъ. Гьелда гьоркьоса Дагъистаналъе кIвар бугел суалал рехсезе бокьун буго.

Данделъиялъул хIасилал гьарулаго, улкаялъул бетIерас нахъе­ги кIвар­буссинабуна миллиял ма­цIаз­дегун адабияталде. «Адабията­лъул рахъалъ абуни, Дагъистана­лъул халкъазул мацIазда рахъулел тIахьазул къадар цIикIкIинабизе ккела. Советияб заманалде дандеккун, цересел анцI-анцI соназ гьеб ишалде тIаса-масагояб бербалагьи букIана.

Дагъистаналда церечIарал масъалаби гIемер руго: чвахунцIадазул балагь-зарал ва гь.ц. Амма миллиял мацIал цIуни — гьеб буго щибаб халкъалъул маданияталъул кьучI цIуни. Ва дица нужеда гьарила, гьелде кIвар кьеян, хIажалъи ккани — улкаялъул хIукуматалде хитIаб гьабе, гьеб рахъалъ квербакъиялъул мурадалда.

Дида ракIалде ккола, Россиялъул Федерациялъул халкъазул мацIазде нилъе­ца цIакъ къанагIат гурони кIвар­буссинабуларин. Гьез жидецаго кIвар кьоларо рахьдал мацIал цIуниялде, амма федералияб централъги экспертазги чара гьечIого кIвар кьезе ккола гьел суалазде. Гьединлъидал гьеб иш дица рикIкIуна цIакъ хIажатаблъун ва гьелъул рахъги кквезе буго — гьелда кинабгIаги щаклъи гьечIо», — ян.

В. Путиница абуна: «Исана микьабилеб сентябралда, нилъер шагIир Расул ХIамзатов гьавураб къоялда, улкаялда тIоцебесеб нухалда кIодо гьабизе буго Россиялъул Федерациялъул халкъазул мацIазул къо. Россиялъул халкъазул цолъиялъул лъагIел букIаго, гьеб байрам тIоцебесеб нухалда кIодо гьаби ккола хIикматаб лъугьа-бахъин», — ан.

Хадуб бицана пачалихъия­б мацI хIисабалда гIурус мацI це­бе­тIезабиялъе гьарулел тадбира­зул хIакъалъулъ. Масала, прези­дентасул пикруялда рекъон, пе­дагогиял вузазда рагьизе ккола ГIу­рус мацIалъул ва адабияталъул хасал факультетал, камил гьабизе ккола гIурус мацIалъул учительзаби хIадуриялъул къагIида. ГIурус мацIалъул цIалул тIахьал цIигьаруниланги абуна гьес. КIвар кьуна миллиял мацIаздегун адабияталдеги. Масала, исана байбихьизе буго «Россиялъул халкъазул адабияталъул бищун лъикIал асаразул библиотека» басмаялде бахъизе. Гьелда рахъизе руго миллиял мацIазда хъваралги цогидал мацIаздаса миллиял мацIазде таржама гьаруралги художествиял асарал.

Цебеккун президентас кьун ру­кIарал тIадкъаял тIуразариялъул хIакъалъулъ данделъиялда бицана РФялъул президентасул гIакъ­лучIужу, Пачалихъияб Думаялъул депутат Елена Ямпольскаялъ. Гьелъ мухIканаб баян кьуна лъай кьеялъул программабаздаги, цIалул тIахьаздаги, цIалдохъабазде ругел тIалабаздаги ва цогидал рахъаздаги гьарурал хиса-басиязул хIакъалъулъ. ТIолгороссиялъул цIал­дохъабазул умумузулгун ба­тIи-батIиял тадбиралги гIуцIун, лъа­забун бугоан, масала, адабията­лъул асарал школалда малъиялъул рахъалъ гьезул пикру.

Дунялалъул адабияталъул институталъул профессор, филологиял гIелмабазул доктор Вадим Полонскияс бицана тIадехун рехсараб библиотекаялда тIад хIалтIиялъул хIакъалъулъ. «РакIалда буго 20 том басмаялде бахъизе. Россиялъул щибаб миллаталъул цо вакиласул асарал рахъизе руго томалда. Гьевги вукIине ккола миллияв классиклъун рикIкIунев, миллияб мацIалда хъвадарарав ва нижехъе лъикIал таржамаби кьурав авторлъун», — ан мухIкан гьабуна гIалимчияс.

Данделъи тIобитIулеб мехалда, РФялъул лъай кьеялъул министр Сергей Кравцов вукIана Дагъистаналда. Гьоркьоб лъураб суалалъул хIакъалъулъ гьесул пикруги цIеха­на В. Путиница. Цин министрас рехсана Санкт-Петербургалдагун Мос­ква­ялда ва цогидал регионаз­да тIоритIарал кIвар бугел цо-цо тадбиразул ва хадуб абу­на: «ГьабсагIаталда дун Да­гъис­та­налдаги вугелъул, абила: Расул ХIамзатовасул асарал лъун руго щуабилеб, микьабилеб ва 10-11 классазул цIалул тIахьазда», — ян. Гьелде тIадеги, «Рахьдал мацIалъул бищун лъикIав учитель» абураб щибаб лъагIалида тIобитIулеб конкурсалъул хIасилалги микьабилеб сентябралда гьаризе ругинги тIаде жубана министрас.

Гьесда аскIов вукIарав ДРялъул бетIерасул ишал тIуралев Федор Щукиниде хитIаб гьабуна президентас. «Дагъистаналъул халкъазул маданият, мацIал ва адабият — щаклъи гьечIо — гьеб буго Россиялъул миллияб маданияталъул кутакалда кIвар цIикIкIараб бутIа. Гьеб ккола дур хIалтIул бутIалъунги. Щиб гьабизе бугеб гьеб рахъалъ?» — ан суал кьуна В. Путиница. Ф. Щукиницаги жаваб кьуна республикаялъул нухмалъиялъул берзукь ругел аслиял масъалабазул цояблъун кколин гьеб ишилан абун.

Данделъиялъул хIасилал гьарулаго, улкаялъул бетIерас нахъе­ги кIвар­буссинабуна миллиял ма­цIаз­дегун адабияталде. «Адабията­лъул рахъалъ абуни, Дагъистана­лъул халкъазул мацIазда рахъулел тIахьазул къадар цIикIкIинабизе ккела. Советияб заманалде данде­ккун, цересел анцI-анцI соназ гьеб ишалде тIаса-масагояб бербалагьи букIана.

Дагъистаналда церечIарал масъалаби гIемер руго: чвахунцIадазул балагь-зарал ва гь.ц. Амма миллиял мацIал цIуни — гьеб буго щибаб халкъалъул маданияталъул кьучI цIуни. Ва дица нужеда гьарила, гьелде кIвар кьеян, хIажалъи ккани — улкаялъул хIукуматалде хитIаб гьабе, гьеб рахъалъ квербакъиялъул мурадалда.

Дида ракIалде ккола, Россия­лъул Федерациялъул халкъазул мацIазде нилъе­ца цIакъ къа­нагIат гурони кIвар­бусси­на­бу­ларин. Гьез жидецаго кIвар кьоларо рахьдал мацIал цIу­­ни­ялде, амма федералияб централъги экспертазги ча­ра гьечIого кIвар кьезе ккола гьел суалазде. Гьединлъидал гьеб иш дица рикIкIуна цIакъ хIа­жа­таблъун ва гьелъул рахъги кквезе буго — гьелда кинабгIаги щаклъи гьечIо», — ян.

Нилъее цIакъ хIажатаб, миллаталъул тIалабалъ ракIунтарав щивав чиясул рекIелъе гьоцIолъун тIинкIараб калам гьабуна президентас. Хьул буго хIакъикъиял ишаз гьел рагIабазда рухI речIчIизабилин абурабги.

Кавсарат Сулейманова