МухIамадрасул ГЕРЕКОВ: «Халкъалдаса батIалъараб бутIалъун лъугьине тоге лъимал»
Официалиял баяназда рекъон, Кабардино-Балкариялда гIумру гьабулеб буго 15 азаргогIанасев дагъистанияс. Аслияб къагIидаялда гьезул чIей буго Нальчик, Тырныауз, Прохладный, Майский, Терек ва Нартхъала шагьаразда.
2000 соналда Нальчикалда рагьана «Дагъистан» абураб миллиябгун маданияб центр (НКЦ). Гьеб рагьиялъул мурад букIана Дагъистаналъул халкъазул гIадат-гIамал машгьурлъизаби, гьезул тарихалъулгун маданияталъул ва мацIазул цIех-рех гьаби.
НКЦ рагьиялъе жигараб хIаракат гьабуна КБРалда гIумру гьабулев ва лъикIаб чагъир бахъулев чи хIисабалда Северияб Кавказалдаго машгьурав Нариман Шамсиев. КъогогIан соналъ гьев вукIана ДРялъул хIукуматалъул КБРалда вугев вакиллъунги. 2020 соналда гьев къадаралде щвана ва нилъер республикаялъул вакиллъун тана ЧIарада районалъул Чуниб росулъа МухIамадрасул Гереков. Дагьалъ цере Нальчикалде щварал ниж дандчIвана гьевгун.
- МухIамадрасул, Кабардино-Балкариялде кин мун ккарав?
- 1988 соналда лъугIизабуна Дагъистаналъул пачалихъияб университеталъул юридикияб факультет, ва дун витIана КБРалъул МВДялда хIалтIизе. 25 соналъ хIалтIана гьенив. ВукIана следовательлъун, кIудияв следовательлъун ва цIакъго кIудияб кIваралъул ишазул рахъалъ следовательлъунги. Дица лъадилъун ячана росуцояй мадугьал ва нижер вуго кIиго вас. КIиявго ккола Россиялъул спорталъул мастерал. КIудияв вас лъабцIул вахъана самбоялъулги дзюдоялъулги рахъаз дунялалъул чемпионлъунги.
- Миллиябгун маданияб централъулгун кинаб бухьен бугеб дур?
- 1999 соналда Нальчикалда, КБРалъул В.Х. Вороковасул цIаралда бугеб Культураялъул фондалда цебе рагьана «Дагъистан» абураб миллиябгун маданияб центр. Гьелъул нухмалъиялда тана РФялъул ва КБРалъул культураялъул мустахIикъав хIалтIухъан МухIамад Рамазанов. ТIоцересел къояздасаго гьелъул ишазулъ жигаралда гIахьаллъана дунги. 2012 соналдаса нахъе НКЦялъул председательлъун вуго РФялъулги КБРалъул Художниказул союзазул член Ибрагьим Сурхайханов.
- КБРалда гIумру гьабула гIемерал дагъистанияз. Щиб иш-пишаялъул чагIи кколел гьел?
- 15 азаргогIанасев дагъистаниясда гьоркьор КБРалда бищун гIемер руго тумал (60%), хадур – магIарулал, лезгиял, лъарагIал ва цогидал халкъазул вакилзаби. ГIумруялъул кинаб рахъ босаниги, гьениб кIудияб бутIа лъола дагъистаниязги. Гьел хIалтIула стоматологаллъун, хьитазул, меседил тIагIелазул, тIагърал рукъулел устарзабилъун, къадахъабилъун, вузазулгун колледжазул преподавателаллъун ва цогидалги махщелчагIилъун.
- НКЦ гIуцIиялъул аслияб мурадлъун рехсолеб буго Дагъистаналъул халкъазул маданиятгун тарих машгьурлъизаби. Кинал тадбирал гIуцIулел нужеца гьелъие гIоло?
- Тадбирал гIемер руго. Рехселин аслиял, гIемерал гIадамазул гIахьаллъигун тIоритIулел. Нижеца санайил кIодо гьабула 15 сентябрь – Дагъистаналъул халкъазул цолъиялъул къо. Байрамазда тIиритIула миллиял майданал. Гьенир церелъола нилъер халкъазул ретIел, кванил нигIматал, Дагъистаналъул хIакъалъулъ бицунел тIахьалгун альбомал. ХIадурула культурияб программаги: халкъиял мацIазда ахIулел кучIдул, миллиял кьурдаби, сценкаби рукIуна гьелъул аслияб бутIалъун.
Санайил тIобитIулеб байрамлъун лъугьана Расул ХIамзатов гьавураб къоялъул хIурматалда гьабулеб тадбирги. Киназдаго лъала магIарулав Расул ХIамзатовги, кабардияв ГIалим Кешоковги, балкарав Къайсин Кулиевги лъикIал гьудулзаби рукIин. Гьединлъидал КБРалъул халкъалъеги цIакъ бокьула нилъер классикасул поэзия. ТIоцебесеб нухалда нижеца 2013 соналда кIодо гьабуна Расулил 90 сон тIубай. ГIуцIун букIана КБРалъулги Дагъистаналъулги халкъазул гьудуллъи-вацлъи щулалъизабиялъул хIакъалъулъ бицунеб видео-конференция. КБРалъ Дагъистаналъе битIана Дамаскалъул роза-тIегьалъул 90 хъарахъ. МахIачхъалаялда, Ак-Гель хIорил рагIалда чIана гьел ва гьеб тадбиралда гIахьаллъана КБРалъулги, Дагъистаналъулги нухмалъиязулги, Р. ХIамзатовасул хъизамалъулги вакилзаби.
ТIоритIула цогидал – халкъиял – байрамалги (их чIей, масала), гIахьаллъула бакIазул тадбираздаги, масала, Нальчик ва цогидал шагьаразул къоязда, «Цолъиялъулъ буго нилъер къуват» абураб цIаралда гъоркь тIобитIулеб фольклорияб фестивалалда, 22 октябралда улкаялдаго тIоритIулел «ХъахIал къункърабазул къоязда».
- ВатIаналдаса рикIкIада гIумру гьабулеб мехалда, миллияб мацIги маданиятги цIуни бигьаяб масъала батиларо…
- Бищунго ракIунтараб буго рахьдал мацI цIуниялъул масъала. Цебего Дагъистаналдасаги гочун, КБРалда гIумру гьабулел дагъистаниязул лъимал кIудиял гIуна. Гьезулги лъимал гIуна ва гьарулел руго бакIалъул гIадамазулгун ригьнал. Кабардиясе росасе арай дагъистаниялъул лъимер лъугьуна кабардиявлъун. Гьесда лъаларо эбелалъул мацI, халкъалъул тарих, маданияб ирсалъул бечелъи. Гьеб лъугьуна халкъалдаса тIубанго батIалъараб бутIалъун. ВатIанлъунги гьединаб лъимадуе лъугьуна Кабардино-Балкария.
НКЦялда рахьдал мацIазул дарсал кьезе хIалбихьана нижеца. Руго гьенире лъималгун рачIунел дагъистаниялги. Амма гьанибго бижараб ва Дагъистан ватIанлъун рикIкIунареб наслуялда миллияб мацIги маданиятги хиралъизабизе цIакъ захIмат буго.
- КБРалда гIурал гурелги, гьенир ругел вузазда цIализе Дагъистаналдаса рачIарал гIолилал гIезегIан ратила. Гьезул хьвада-чIвади кинаб букIунеб?
- Нижеца хIаракат гьабула щивав студентасул вукIа-вахъин берзукь кквезе. Руго вузаздагун колледжазда ракьцоязул хасал жамгIиял гIуцIабиги. Камуларо тIасан борчIараб хьвада-чIвадиялъул хIужабиги. Рехселин цо мисал.
КБРалъул Терский районалдаса гIолилас, наркотикал хIалтIизариялъул хIасилалда, гъанкъана таксистлъун хIалтIулев вукIарав бакIалъул чи. Гьев вукIана гIемер лъималазул эмен. Районалъулго жамагIат бахъун букIана, жидер ракьалдаса дагъистаниял рачахъизе кколин абун. Бигьаяб масъала гуро гьеб! КIиго халкъалда гьоркьоб бекьизехъин букIана рокьукъаб питна. Гьеб питнаялъул лъалкIал тIиритIилаан киса-кирего. Пакъир таксистасухъа машина бахъизеян абун, гIакълу гьечIев гIолилас гьабураб такъсиралъ вацал гIадин гIумру гьабулеб кIиго республика рехулеб букIана кьалул коронибе. ГIемерал гIадамалгун гара-чIваризе ккана, ахирги питна сасинабун бажарана. Дов чIвадарухъанги, 18 сонги кьун, туснахъалде витIана.
Бокьилаан, батIияб шагьаралде, чияр бакIалде лъимал ритIулеб мехалда, эбел-инсуца гьезулгун накъитал гьаруни, хьвада-чIвадиялъул, вукIа-вахъиналъул рахъалъ цIодорго рукIаян гIакълу-малъи гьабуни.
Кавсарат Сулейманова