Махъадерил кьо
ЦIияб сон щвелалде лъугIизе хьулгун…
Жакъа БагIараб кьоялда сверухъ бугеб ахIвал-хIалалде буссун буго магIарухълъиялъулги гьединго цогидазулги пикру. Гьелда гIайибги гьечIо. ГIемерав чиясе квалквал буго чвахунцIадаздаса хадуб гьеб кьо биххун букIиналда бан.
МагIарухъе ва магIарухъа шагьаралде унел чагIи ине кколел руго, кIудияб свериги гьабун, Дарадасан ва хадур Хьаргабисан. Халалъулеб буго нух, бахун буго рекIадухъ багьа. Руго, БагIараб кьодухъги рещтIун, добехун нухги бахун, цоги машинаялда рекIун унелги. Амма гьелдалъун гIунгутIаби лъугIулел гьечIо.
ЧIахIиял юк баччулел машинабазги гIемер заман балеб буго гьеб халатаб нухдаса сверун ине ккедал, къайи-цIа рехаралъухъ гьез рейсалъухъ босулеб багьаги хиралъун буго.
МахIачхъалаялдаса ралел бакIазул материал, мисалалъе босани, цо КамАЗ машина цIурал цементалъул блокал рехаралъухъ шоферас босулеб буго 55 000 гъурущ. Гьеб багьа буго жакъа, мисалалъе, Гьоноде, КIуяде ва Къороде росабалъе юк рехаралъухъ. Дагьалги рикIкIаде унез жеги цIикIкIун босулеб батиларищха мухь.
ПалхIасил, БагIараб кьо сабаблъун цоцада хадуб рахас гьабун лъугьарал гIунгутIабазгун квалквалаз чIвалеб буго жакъа магIаруласул гIумру ва ниятгун къасдал. Гьелъ, тIадехун бицен гьабухъе, цIакъго кIутIулеб буго чвантида.
Гьебги хIисабалде босун, гIадамазе бугеб квачIакълъиги лъан, республикаялда гIуцIун буго БагIараб кьода сверухъ бугеб ахIвал-хIалалда хадуб халкколеб Оперативияб штаб. Гьелда гъорлъ руго батIи-батIияб хъулухъ-пишаялъул чагIи, хIакимзаби, жамгIиял хIаракатчагIи.
Гьединазул цояв ккола, жамгIияв хIаракатчи, ДРялда бугеб ришватчилъиялда данде къеркьеялъул комитеталъул филиалалъул нухмалъулев ГIалиасхIаб Хархачаев.
Штабалъ гьабулеб-толелъулги БагIараб кьода унеб бугеб хIалтIулги хIакъалъулъ бицине ГIалиасхIаб вачIун вукIана редакциялде.
- ГIалиасхIаб, БагIараб кьода сверухъ бугеб ахIвал-хIал нилъеда киназдаго лъала, такрар гьабичIониги. Халатккун заманалъ, кьо къачIаялда тIад букIине кколеб хIалалъ хIалтIи гьабулеб гьечIин гIарзги букIана гIадамазул. Гьанже хIалтIи цебехун туркIанин хъвалеб буго. Социалиял гьиназде рехун рачIунел видеоялги руго. Гьеб нужер штабалъул хIаракатчилъиялъул хIасилищ кколеб?
- БитIараб буго, БагIараб кьода сверухъ жакъа иш лъикI гьечIо. Гьениб хIалтIи гIедегIизабуларогойилан, гIадамазул рази гьечIолъи рагIулеб букIана киназдаго. Гьебги бихьун, азаралда хадув чи жанив вугеб жамгIияб къокъа буго вацапалъул. 15-гIанасев чи ана БагIараб кьодухъе, щиб гьениб гьабулеб бугебали бихьизе гIоло.
Щай хIалтIи халатбахъунеб бугебали гьикъизе, хIакъикъаталдаги, кIиго-лъабго чи гурони гьечIоан гьенив хIалтIулев. КIиго-лъабго чиги хIалтIун, кьо кидаха къачIан бахъине букIараб? Гьаз дозде бан, доз цогидазде бан, букIана бицунеб хабар. Амма магIарулазе гьезул цоцазда ричIчIунгутIи гуроха къваригIун бугеб. КъваригIун буго, кIванагIан хеккого хIалтIиги гьабун, кьо къачIан лъугIизабизе. Гьединаб суалгун ниж ана цин республикаялъул нухмалъиялъухъе, хадур ралел бакIазда хIалтIи гьабулел чагIазухъе. Гьениб ккана магIнаяб, цоцада ричIчIараб хабар. Хадур, кьодухъеги щун, гьенибги гьабуна кIалъай. Гьелдаса хадуб гIуцIана оперативияб штабги. Гьанже нижеца щибаб къоялъ халкколеб буго кьода гьабулеб хIалтIуда хадуб. Дирго рес кколеб гьечIо щибаб къоялъ гьениве ине, амма, нижер оперативияб штабалъул чагIи дореги ун, сонги къоялъ рукIана кьодухъ гьабулеб хIалтIиялда хадуб халккун. Цеве гьенив хIалтIулев вукIун ватани кIиго чи, гьанже 22 вуго. ХIалтIи гьабулеб буго ва гьелъул цебе туркIиги буго, гьеб буго жакъа бищун аслияб ва нилъ разилъизе ккараб хIужа. Амма, гьедин хIаракаталда хIалтIулел ругониги, 28 ноябралда я лъугIила кьо къачIан, я лъугIиларо. Гьеб суалалъе жаваб кьезе кIолев чи жакъа гьечIо. Кинабго бараб буго хIалтIухъабазул хIаракаталдаги Аллагьас квербакъи гьабиялдаги.

- Гьенир хIалтIухъабийищ хисарал, подряднияб гIуцIийищ цIияб тараб? Кинаб ккараб аслияб хиса-баси?
- Гьениб гьабсагIат хIалтIулеб буго «Сибирстрой» абураб бакIал ралеб организация. Дица гьелъул нухмалъулесда абуна гIадамазул суалал рачIине ругин Сибиралдаса рахъарал нуж ахIичIого, нилъерго чагIи бегьулел рукIинчIищ гьанир хIалтIизеян. Гьебмехалъ гьев вуго дида, цIар Сибиралъул букIаниги, 98 процент гьанир хIалтIулел чагIи магIарулал ругилан. Гьанже гьез тIаде босун буго кьодул иш, хьул буго цIакъго дунял цIоролелде лъугIилин абун.
Амма, гIадамазе кьо сабаблъун цIакъ кIудияб къварилъи бугищин абуни, буго. Бищунго санагIалъи гьечIо Шамил, Хунзахъ, ЦIунтIа, ЛъаратIа районазе ва БежтIа участокалъе. Гьединго Гъуниб районалъул лъабго росдаеги: Къорода, КIуяда ва Гьонода.
- БагIараб кьо къачIан бахъинегIан, гьениб аскIосан заманалъул кьо яги нух гьабизе санагIат гьечIищ гьанжегIаги? Гьеб суал борхичIищ нужер оперативияб штабалъ?
- Борхана. Биххун араб кIудияб кьода аскIоб буго гьабсагIат гIадамал тIасан хьвадулеб цогиги кьо. Гьеб буго НикIалайил заманалъго бараб, 130 сон балеб бугеб кьо. БукIана пикру гьелда тIасан гIисинал машинабигIаги риччазе рукIине гIоло къачIазе бегьилин абураб. Амма гьениб буго гьадинаб суал: дидагоги бихьана, гьелъул хIал лъалел чагIазги абуна - кьодул доб кIалалда бугеб кьуру бокьараб мехалъ биххун бачIине рес бугилан. Гьениса чIахIиял хъинсал рортиялда хIинкъиги буго. Гьединлъидал гьеб пикруялдаса руссана.
Буго цоги къагIидаги, КIикIуни росдада аскIосанги ун, гIорда тIасан рогIралги лъун, машинаби хьвадулеб, заманалъул кьо базейин абун. Гьеб базе унеб буго кIиго-лъабго анкьниги. Гьелъул рахъалъги цо пикруялде рачIинчIо, балагьила, ахир сунде рачIинелали.

Ахиралдаги ГIалиасхIабица гьадинаб хитIабги гьабуна:
- ХIурматиял магIарулал! Жакъа БагIараб кьода сверухъ бугеб ахIвал-хIал сабаблъун, магIарухъ ругел гIадамазе гIураб квачIакълъи буго. Кванил нигIматазухъ ва цогидабги къайи-цIаялъухъ багьа хиралъулеб буго. Дие бокьун буго гьеб кинабго магIарухъе баччулел даранчагIаздехун ва юк баччулел машинабазул шоферзабаздехун гьадинаб хитIаб гьабизе. Гьабуге, гьудулзаби, багьа бахине. Жакъа нужее щолеб хайир сабаблъун, анцI-анцI, нус-нус чиясе кколеб къварилъиялъул хIисаб гьабе. ГIемерисел чагIи жакъа магIарухъ руго цоял пенсиялъул бадире ралагьарал, цогидал черхалдаса гIетI бучIичIого, захIматалдаса захIматаб хIалтIиги гьабун, жидеего гъурущ балагьулел чагIи. Гьелги ричIчIа нужеда. Нилъ киналго бусурбабиги руго, магIарулалги руго. Дагьал сабурго рукIа щолеб гъурщида цере!»
Ашахан Юсупов