Исламалъе заралалъе бараб мажгит
СагӀид ибн Жубейрадасаги, Катадиясдасаги, Урвадасаги щварал баяназде мугъги чӀван, Ибн Касирица бицунеб буго, Аллагьасул Расулас гIалайгьи васалам Мадинаялде гьижра гьабилелдего, гьениб гӀумру гьабун вукӀанила Абу Амир ар-РахӀиб абурав чи. Жагьилияб заманалдаго гьес къабул гьабун букӀун буго насраниязул дин. Хазражитазул къавмалда къадру-къимат бугев чиги вукӀун вуго гьев.
МухӀаммад авараг Мадинаялдеги вачӀун, ислам тӀибитӀизабизе байбихьидал ва бусурбабиги аварагасда сверухъ цолъидал, Абу Амирилъ жахӀда бижун буго ва, кин гьабунги, аварагасе зарал-квалквал гьабизе гъира цӀикӀкӀунеб букӀун буго. Гьев Маккаялде ун вуго ва, къурайшиялгунги цолъун, гьес гьел ахӀулел рукӀун руго аварагасде данде рагъ гьабизе. Аллагьасул Расуласул дагӀваталъул хӀасил лъикӀаб кколеблъи бихьидал, гьев ун вуго Румазул империялъул бетӀер ГӀиракълиясухъе ва гьесухъа гьарун буго аварагасде данде рагъ гьабиялъе кумек.
ГӀиракълияс рагӀи кьола кумек гьабизе ва Абу Амир гьесда аскӀов чӀола. Хадубккун гьес жиндир къавмалъухъе кагъат битӀула, Мадинаялде вачӀиндал, ГӀиракълий рещтӀине ва кагъталгун щварал чапарзабиги тӀаде рачӀарал гӀадамал къабул гьаризеги санагӀатаб бакӀ байилан абун. Мунапикъзабазги байбихьула ал-Къубаялда дандбитӀун мажгит базе.
Мажгит бан бахъиндал, мунапикъзабаз аварагасда абула: «Я Аллагьасул Расул! Нижеца мажгит бана унтаразеги, мискиназеги ва гӀазу-цӀадалъукьа гӀадамал рахчизеги рукӀине», – ян ва гьарула, гьениб как базе вачӀаян. Табукалде сапаралъ вахъунев вукӀарав МухӀаммадица жаваб кьола, Аллагьас хъван батани, гьениса тӀадвуссиндал вачӀинилан абун.
Табукалдаса тӀадвуссунаго, Мадинаялде щвезе цо къоялъул манзил хутӀидал, МухӀаммадихъе рещтӀуна ЖабрагӀил малаик (р.гӀ.) ва бицуна «заралияб мажгиталъул» (масджид ад-дырар) хӀакъалъулъ, ай гьеб балеб бугин бусурбаби рикь-рикьизариялъул ва гьезда гьоркьоб жагьиллъи тӀибитӀизабиялъул мурадалдаян абун. Аллагьасул Расулас гӀадамал ритӀула, жив Мадинаялде щвелелде кьучӀдасанго биххизабе гьебанги абун.
«Бусурбабаз бараб мажгит бихьидал, гьелдаго дандбитӀун цоги мажгит бана мунапикъзабаз. Гьез абулеб букӀана: «Нижеца бусурбабазул кьерал ритӀизарила ва, жанисан балъгоги хӀалтӀун, гьезда гьоркьоб питна бекьила», – ян. Гьебмехалда ТӀадегӀанав Аллагьас аят рещтӀана, гьез бараб мажгит биххизабеян абураб.
ТӀадегӀанав Аллагьас абуна: «Заралалъеян, бусурбабазда гьоркьор рикьалаби гьариялъул мурадгун ва цебегоялдаса нахъе Аллагьасдеги Гьесул Расуласдеги данде къеркьолезе пардавлъун букӀиналъе гӀоло мажгит барал чара гьечӀого гьедизе руго: «ЛъикӀлъи гуреб батӀияб жо нижеда ракӀалда букӀинчӀо», – ян абун. Аллагьас нугӀлъи гьабула гьел гьерсихъаби ругилан. Киданиги гьениб как баге. ТӀоцебесеб къоялдасаго Аллагьасукьа хӀинкъи кьочӀоеги лъун бараб мажгит цӀикӀкӀун мустахӀикълъула мун гьенив гӀибадаталда чӀеялъе. Гьенир руго рацӀцӀалъи тӀалаб гьабулел бихьинал. ХӀакълъунго, Аллагьасе рокьула рацӀцӀалъулел»,– ан бицана нижее къокъаялъул бетӀерас.

ГIадлу-низам хвезабиялъул мисал
Мадинаялда гӀагарлъухъ, 5-7 километралъул манзилалда, буго исламалъул тарихалда кӀудияб кӀваралъул цоги бакӀ – УхӀуд мегӀер. Гьениреги ана ниж зияраталъ.
VII гӀасруялда УхӀуд магӀарда ккана бусурбабаздаги къурайшияздаги гьоркьосеб кьварараб рагъ. Тушманас бусурбабазда нахъасан гьужум гьабунгутӀиялъул мурадалда УхӀудалъул борхатаб щобда (гьелда абула Жебел-ар-Румаянги) МухӀаммад аварагас чӀезаруна чӀорбутӀ кодосел рагъухъаби. Ва гьениса, рагъул кинаб хӀасил кканиги, кьуругеянги лъазабуна. Гьенив вукӀана 50 рагъухъан. Гьезда гьоркьов – аварагасул имгӀал ХӀамзаги.
«УхӀудалда рагъ ккана 625 соналъул 23 марталда. Бусурбаби бергьунел рукӀана. Маккаялъулал нахъе къалелги ва рагъул майданалдаса давла бакӀарулеблъиги бихьун, чӀорбутӀазул аскариял гохӀдаса гъоркье лъугьине байбихьула. Аварагас гохӀдаса кьуругеян лъазабун бугин абураб асхӀабзабазул ахӀухъ гӀинтӀамичӀо гьез.
Бусурбазул рагъухъабазда хадув халккун вукӀана къурайшиязул рекӀаразул бодул бетӀер Халид ибн Валид. Бадралда ккараб рагъулъ къурал къурайшиязе кутакалда бокьун букӀана бусурбабаздаса рецӀел босизе. Халидица аскаралъе буюрухъ кьола, бусурбабазда рихьиларедухъ нахъасанги ун, гьел сверун кквеян абун. Тохлъукьего тӀаде кӀанцӀараб къурайшиязул рекӀаразул боялъ бергьенлъи кодоб бугилан тохлъарал бусурбабазда гьоркьоб рихха-хочи лъугьинабула. Ва бусурбаби гьенир гъурула.
УхӀудалда ккараб рагъ тарихалде ана, гӀадлу-низам хвезабиялъул хӀасилалъул мисал хӀисабалда», – ян бицана Т. ГӀумахановас.
Рехсараб мегӀералъул ахада буго гьеб рагъулъ шагьидлъарав 70 асхӀабасул хоб. Гьенив вукъун вуго «шагьидзабазул цевехъанилан» жинда цӀар чӀварав аварагасул имгӀал ХӀамза ибн ГӀабд ал-МутӀалибги. «Гъоркьиса риидал кутакал чвахунцӀадал рана Мадинаялъул ракьалда. АсхӀабзабазул хобазда тӀаса ракь чурун ун букӀана. Бицунеб букӀана, жаназаби, жакъа хабалъ лъурал гӀадин, щибго хисичӀого, ратанилан», – ин бицана Тулпарица.
УхӀудалде унеб нухда, цогидал бакӀаздаго гӀадин, кидаго рукӀуна базаргаби. Гьениб цояз цӀорораб лъим бичула, цогидаз – маккал кваназаризе могьолал, лъабабилез – чӀумал, ретӀел ва цогидаб къайи. РукӀуна садакъаде лъим ва чамасдак бикьулелги. Нижееги щвана гьелъул бутӀа.
УхӀудалдаса тӀадруссунаго, ниж рачана чамасдакил ах бихьизе. ЦӀакъ берцинго гӀуцӀун бугоан гьелъул сверухълъи. Суратал рахъизеги ахикье лъугьинеги рес кьола, щивав чиясухъа дагьа-макъабго гӀарацги (сагӀудиязул щуго риал) босун. ХӀухьбахъиялъе санагӀатаб берцинаб бакӀ батана гьеб.
Ункъо къо Мадинаялдаги бан, ниж ана Маккаялде. Гьелъул хӀакъалъулъ бицина хадусел макъалабазда.
Кавсарат Сулейманова
