23 январалда МахIачхъалаялда «Дагъистаналъул росу» абулеб этнографиялъул музеялда рагьана Россиялъул Художниказул Союзалъул член ГIабдула МухIамадовасул «Дир кIудияб ва гьитIинаб ВатIан» абураб выставка. Гьенир цере лъурал хIалтIаби руго суратчияс «Дагестан уходящий» абураб темаялде буссинабураб, лъеберго соналъ тIад хIалтIи гьабураб творческияб нух. НекIсиял росабазул минаби, сиял, рихьизарун руго кирго гьечIел гIадал цересел архитектуриял хаслъабиги кьун. Руго росдал гIадамазул портретал, гьезул гIумру-магIишат. Суратаз бицунеб буго гIагарал бакIазул берцинлъиялъул ва кIодолъиялъул.
Выставка рагьулаго, РФялъул мустахIикъав художник, ДРялъул Художниказул союзалъул председатель КъурбангIали МухIамадовас абуна: «Гьанир церелъурал суратаздасан бихьулеб буго ГIабдула вукIин гIагараб ракьалъул ва гьелъул тарихалъул унго-унгояв патриот, гьес нилъ тIадруссинарулел руго гIагарал мугIрузде ва нилъер росабалъе, тIамулел руго нилъер гIумру- магIишаталда тIад ургъизе. Гьас бахъун буго лъабазаргоялдасаги цIикIкIун сурат, гIемерисел руго нилъер росабазул унеб — тIагIунеб бугеб тарихалъул бицунел. Гьайгьай, ГIабдула мустахIикъав вуго хIурматиял цIаразе. ЦIарал кьола хIалтIулел бакIаздасан хитIаб гьабун. ДФИЦалъул филиалалъул нухмалъулезде нижер гьари буго ГIабдулае мустахIикъаб цIар щвеялъе кумек гьабеян».
МахIачхъалаялъул Художественнияб училищеялъул директор, Дагъистаналъул халкъияв художник Мухтар Камбулатовас абуна: «ГIабдулал хIалтIабазулъ буго жиндирго хатI, жиндиего хасаб, лъидаго релълъинчIеб нух. ГIабдула вихьидал, ракIалде щола гьесул суратал, суратал рихьидал – ГIабдула», — ян.
РАНалъул Дагъистаналъул федералияб цIех-рехазул централъул (ДФИЦ) отделалъул заведующий Хизри Юсуповас абуна: «Дун чIухIула ГIабдулагун цадахъ хIалтIулев вукIиналдаса. Гьадинал суратал рахъизе къваригIуна цIакъ кIудияб махщелги гIагараб ракьалде ва халкъалде кIудияб рокьиги, гьабулеб хIалтIи бокьиги», — ян.
ДРялъул халкъияв художник ГIамирхан МухIамадовас абуна: «Гьаб выставка тIобитIи рикIкIине бегьула унго-унгояб лъугьа-бахъинлъун. Нилъер росабалъ риххулел — тIагIунел руго некIсиял минаби, гьезда цадахъго тарихалде унел руго умумузул гIадатал. ГIун бачIунеб гIелалъе ГIабдулал суратаз нахъе цIунулел руго умумузул минаби, некIсияб архитектура. Дагъистаналда гьечIо тIадчIун гьединаб хIалтIи гьабулев суратчи. ГIабдула мустахIикъав вуго хIурматияб цIаралъе ва шапакъаталъе», — ян.
Пенсиялда йигей учительница ГIисаева Аминатица абуна: «Заман буго дир росулъе щвечIого. Гьал суратаз дун ячана басрияб инсул минаялде, лъимерлъи ракIалде щун, бадиб магIуцин хулана. Баркала суратчиясе», — ян.

Выставкабазул залалда цебелъун букIана ГIабдулаца батIи-батIиял соназ бахъараб 70 сурат. Цониги чи инчIо гьесул «Бечедав гьидалъесул рукъ» сураталда цеве лъалхъинчIого. ЧIухIун къачIараб цагъуралда бан буго рукъалъул кинабго бечелъи: пахьул хьагал, тIарсал, суркIби, гулдул, гъудал… Рукъалъул мокърокь ран ракъвазарулел руго къулагIаби. Цебесеб кьерда руго чIахIиял- гIисинал щагIил тIагIелал. Рукъалъул цо бокIнида бихьула хъахIаб кьегIер. ХIалтIи-пишаялдаса руссун, маркIачIуда канлъукъаб рокъоб данделъун буго свакараб хъизан. РетIун тIингъалгун, хьонбакIида гIодорчIун хабаралда руго бихьинал. ЦIа-каналда, квен-тIехалда квалквадулел руго руччаби. Рукъ бакьулъ, туртида тIад гIодобчIун, букIинеселде балагьун буго гьитIинаб лъимер.
Суратчиясул хIалтIабаз гIадамал тIамулел руго гIумруялда, къисматалда, аралда ва бачIунелда тIад ургъизе.
Гьесухъа бажарун буго гIорхъи-рахъ гьечIеб ралъдал гIатIилъиги, квелъ базе кIоларел карачелазул гучги, лъеда тIад цохIо хутIараб гамил чIалгIенги, бакъул канлъиялъулгун лъел къатIрабазул накъиталъул балагьун бер гIорцIулареб берцинлъиги бихьизабизе.
ЛъикIав суратчи гуревги, ГIабдула вуго гIакъилав, хабар-кIал гьуинав чи. Гьес бицана: «ГIиявехь вукIаниги, дир эмен ГIабдурахIманица берцинлъиялъул къимат гьабулаан, гьесда искусствоги бичIчIулаан. Щуго сон букIана дир, инсуца магIарде вачараб мехалъ. Дида чIалгIинчIого букIиналъе, гвандинисаги босун гьес квералъ хIатI кIвекIана ва гьелъул батIи-батIиял хIайваназул суратал гьарулеб куц бихьизабуна. Гьеб букIана искусствоялде лъураб дир тIоцебесеб гали. Школалдаги клубалдаги дун тIамулаан лозунгал хъвазе, суратаз ва накъишаз зал берцин гьабун къачIазе, гIахьаллъулаан районалда тIоритIулел суратазул къецазда.
Ахираб 25 сон буго дир, сордо-къо цIехечIого, хIалтIулев вугелдаса. Лъабазаргоялдасаги цIикIкIун сурат бахъана. Ахираб 20 соналда жанив дун хIалтIулев вуго «Дагестан уходящий» абулеб темаялда тIад. МугIрузул улкаялъул кинабго тарих ганчIазда хъван буго. Кир ругел жакъа гьел ганчIал?! Дица ралагьана гьел, гьездасан рахъана суратал ва гьанже нахъе цIунун руго. Кинабго умумузул архитектура, гIадатал, рукIа-рахъин унеб буго нилъедаса, гьеб кIочонеб буго. Дир мурад буго умумуз нилъее тараб бечелъи, берцинлъи бачIунеб гIелалъе суратаздалъунгIаги нахъе цIуни».
«Суратчиясул буго жужахIалъулаб махщел», — ан хъвалеб буго цо дир пишацояс. Гьеб битIарабги буго, нижер буго захIматго щолеб чед. Дагъистаналда суратчи цохIо суратал рахъун тIуваларо, масала, дун хIалтIула щуго батIияб ишалда.
Суратал рахъулев чи лъаялдаги махщалидаги тIад хвезегIан хIалтIизе ккола. Сурат бахъизе байбихьилалде цебе, гьелъул идеялда, темаялда ва магIнаялда тIад ургъун, гьеб кагътида хъвазе ккола. Гьедин бахъараб сураталъул щибаб тIанкIалъул, мухъалъул, кьералъул букIуна жиндирго магIна, гьелде балагьун тIубаларо, гьеб цIализеги ккола».
ГIабдулал хIалтIаби рихьизе бокьарал музеялде ине бегьула 28 февралалде щвезегIан.
Нури Нуриев
