- Нух кье, кьураби!

- Нуж щал?

- Ниж гIолохъаби руго.

Р. ХIамзатов


Жакъасеб гIел. Кинабха гьеб бугеб. ГIолилазул кечI. Кинал саринал гьелъ жакъа рачунел ругел. МахIу беканиги, галадулареб гIолохъанлъиялъул чодаги рекIун, жакъасеб гIелалъги, жидерго умумуздаса мисалги босун, гIанлъулел руго кьурабиги, унел руго церехунги, жидерго анищазул куркьбаздаги рекIун. Буго гьезул щивасулги жиндирго цIва. Гьелъухъе щвезе хьулазда, гьез нахъа тола гIумруялъул сухъмахъалги, хIатта шагьрабигицин гIатIид гьарула. Дуниял бижаралдаса нахъе гIадатлъун лъугьун бугелъул, чIахIияб гIелалъ гIолохъанаб гIел каки. Камуларо гьединал жакъа къоялъги. Жакъасел лъималги гIолохъабиги батIиял ругин абулелги руго. БитIараб буго. Ратила гьезда гьоркьорги, чIахIиязда гьоркьорго гIадин, квешалги, нилъер рукIа-рахъиналде данде кколарел гIамалал ругелги, яхI-намус биларалги. Амма жакъасеб гIелалъулъги рихьулел руго дида гIумру берцинлъиялъе къваригIунел гурхIел-рахIмуги, ватIан бокьиги, чIахIиязул адаб-хъатир гьабизе лъайги, жамгIияб гIумруялъулъ гьабулеб жигараб гIахьаллъиги…

Гьединаздаса цояй ккола Ма­хIач­хъалаялда гIумру гьабун йигей Хунзахъ районалдаса Умсакинат Малачидибирова. Дагьал церегIан къояз нижехъе гьоболлъухъ ячIун йикIана гьей.

Берцинлъиялъ хвасар

гьабила дунял

ГIурус хъвадарухъан Ф. М. Достоевскиясул тIадехун рехсарал гьал рагIаби дандекколеллъун рикIкIуна дица дирго макъалаялъул багьадуралъул гIамал-хасияталъеги. Щиб лъалеб, кIудияв хъавадарухъанас­ги рухIияб берцинлъиялъул хIа­къалъулъ бицунеб букIун ба­тизе бегьула. ГIицIго гьеб берцинлъиялъ хвасар гьабила дунял ургъел гьечIолъи абураб унтиялдаса. Гьеб берцинлъиялъ сокIкIунеб гурхIел-рахIмуялъул сидухъ цо-цогIаги гьоболлъи бачIони, чIобоголъун уна ракI. Ва жакъа Умсакинатица дун ахIулей йиго гурхIел-рахIмуялъул кумекалдалъун жинцаго ракьалда бан толеб бугеб гIаданлъиялъул сидухъе.

Умсакинат хIалтIулей йиго Ма­хIачхъалаялъул Ленинский районалъул администрациялда, экономикияб отделалъул нухмалъулейлъун. КIудияб гъира-шавкъалда гьелъ бицунеб хабаралъ гIажаибаб асар гьабулеб букIана дие. Умсакинатица жиндирго хIакъалъулъ гуро бицунеб букIараб - гьелъ бицунеб букIана, гурхIел-рахIмуялъул нухаздасан унаго, жинда дандчIваралщинал лъикIал гIадамазул хIакъалъулъ:

- ТIоцебесеб иргаялда, дие рехсезе рокьун руго дирго эбел-эмен. Абуларищха хъизан инсанасул гIа­мал-хасият лъадарулеб къебелъи бугилан. Эбел-инсул щибаб гали лъи­мералъе ккола цIияб гIумруялде жиб нухарегIулеб гIаламатлъун. Гьи­тIинаб къоялдаса нахъе дун ру­гьунлъана, масала, рукъалъул хIай­ваназдехун лъикIаб бербалагьи гьабизе. КъватIир ратанщинал кутулги рачун, рокъое ячIаниги, гьез дие кинаб бугониги бадибчIвай гьабулароан. Гьелъул гIаксалда, гьез дун цIакъ еццулалан, цо кIудияб бахIарчилъи дица гьабураб гIадин. Цадахъ лъугьун, рукъги гьабулаан кутузе, чвердезеги гьарулаан гьел, улбул гьечIого хутIарал гьитIинал тIанчIи кваназурулаго, цIакъ къобихьулаан нижеда. Дида цадахъ цIалулездехунги хасаб адабалъулаб бербалагьиги тIалабги букIунаан гьезул. Гьединго бихьулаан дида мадугьалзабазул, гьудулзабазул, гIагаразул гьез гьабулеб тIалаб-агъаз. Дир эбел-эмен ккола ричарухъаби. ЦIа-рагI бичулеб кIудияб тукен буго нижер шагьаралда. Жакъаги гьезул гурхIел-рахIмуялъул ишаз асар гьабула дие. Жидерго дармил хасаб низамги буго гьезул – садакъаялъеги кьола, чIобогоги кьола, ригьнаде унел рес гьечIел ясазе. Бичун ине къваригIараб цIа-рагIги гуребха гьез кьолеб – лъикIаб, багьаяб. Гьелъги борцуна гIадамаздехун гьезул бугеб адаб. Ва гьезул лъикIлъи дие хутIана цогидазул гIумру берцинлъиялъе гьарулел талихIал ишазул байбихьилъун. Жакъа къоялъги буго гьедин. Дир гIумруялъулъ хасаб бакI кколел гIадамазул сияхIалда руго дирго учительзабиги. Дун цIа­лана МахIачхъалаялъул № 17 школалда. КIудияб адабгун рехсела ди­ца ГIашура ХIасановнаялъул ва ПатIимат Пашаевнаялъул цIарал. ГIисиназул тIалаб гьаби, чIахIиязул хIурмат гьаби, унтарал-щокъазухъе раккизе ине ккей, нилъеде хIажат ккаразухъе кумекалъулаб квер бегьи, ватIан бокьи, цогидазул рохел-къварилъи гIахьал гьаби – гьадинал рукIана къойил дие щолел гIумруялъул дарсал. Гьадинал дарсаз куцала ва лъадарула рокъорги къватIирги щивав дагъистанияв. Амма гьеб лъадариялъул даража абуни, живго инсанасда бараб букIуна. ПатIимат Пашаевнаялъ рачана ниж МахIачхъалаялда бугеб улбуз рехун тарал унтарал лъимал хьихьун ругеб «Забота» интернаталде. Ниж, гIисинлъималги, рохун рукIинарищха экскурсиялъ ине ругилан абун. Релъи-хъуйги ахIи-хIурги - кинабго букIана, гьенир ругел лъимал рихьизегIан. Интернаталда батараб гIумруялъ нижеего гьабураб асар жакъаги кIочон гьечIо дида. Интернаталдаса тIадруссун рачIунелъул, лъугIана нижер релъиги ихтилат-кепги. ХIинкъараб сихIкъотIи бихьидал, учителалъ абуна лъикIлъиялъулги, хъизамалъулги, гьениб бугеб талихIаб лъимерлъиялъулги тIокIлъи бичIчIизе ккани, гIумруялъул цогидаб рахъги бихьизе кколилан. Ва гьеб къоялдаса нахъе нижер бербалагьиги хисана. Эбел-инсул адабгицин батIияб къагIидаялда гьабизе лъугьана, недегьал-хIеренал рагIабиги гIемер такрар гьаризе байбихьана, - ян.

ГурхIел-рахIмуялъул нухаздасан гIун ячуней йикIана Умсакинат. Рокъорги къватIирги дандчIварал ва дандчIвалел ругел гIадамазги гьезул ишазги кумек гьабулеб буго гье­лъие жиндирго гIаданлъиялъул сидул кьучIги аслуги дагьабги щулалъиялъе. Жуяна Умсакинат жамгIиял ишазде гьоркьоеги. КIвечIо гьелда жиндир кумекалде ккаразул хьолбохъанги ине. Ва гьей гIедегIана гIадамазул гIумру берцинлъиялъе гIоло гьарулел лъикIал ишазде данде…

Бугелдасаги

берцинлъилаан гIумру

Цин жиндирго хIалтIул хIакъа­лъулъ бициналде, Умсакинатица би­цана жийго хIалтIулей йигеб Ленинский районалъул администрациялъул бетIер МухIамад Алхасовасул хIакъалъулъ:

- Гьаниб рехсечIого гIоларо саха­ватав инсан МухIамадил цIар. Дица гьарулел ишазул цебетIей бу­кIи­нароан, МухIамадил кумек букIинчIебани. Киса-кирего - гьесул лъикIал ишазул лъалкIал. ГIа­да­мазе гьабураб лъикIлъиялдаса гIор­цIулев чи гуро гьев. Гьабизе кколелдаса цIикIкIун гьабичIого, ракI гIодобе буссунаро гьесул. Гьединал гIадамазда аскIой хIалтIизе щведал, дунго рикIкIуна цIакъ талихIайлъун. ГIадамазе цо гьитIинабгIаги лъикI­лъи гьабичIого араб къо гIадада араб­лъун рикIкIине ругьун гьаюна дун аскIор хIалтIулезги хъизамалъги, - ян бицана гьелъ.

Умсакинатил гьел рагIабаздаса хадуб дида цоги нухалда ракIалде рачIана гIурус хъвадарухъан Альберт Лихановасул рагIаби: «Цо секундалъ, цо минуталъ, цо гьитIинабгIаги лахIзаталъ лъикIлъи гьабе къойил. ГIицIго-лъикIлъи. Гьеб мехалда гIум­ру бугелдасаги берцинлъилаан».

Дагъистаналъул техникияб университет лъугIун хадуй ячIана Умсакинат тахшагьаралъул Ленинский районалъул администрациялде хIал­тIизе. Районалде гъорлъе унел шко­­лазул, ясли-ахазул жаваб кьезе­ги, гIадамазухъ гIенеккизеги, гьезул къваригIелал тIуразеги – гьеб кинабго тартибалда цебе бачине захIмалъичIо гьелъие, щайгурелъул гьей ругьунлъун йикIиндал гьеб пишаялде. ХIалтIулеб бакIалда гьеб букIана тIадаб ишлъун. Амма хIал­тIул къо лъугIигун, рокъоеги ун, гIолилалъул хIалтIи лъугIулароан. Байбихьана коронавирус. Гьеб ме­халда байбихьана Умсакинатил лъикI­лъиялъулал ишал. Гьелъ цIе­хо­лаан цо жийго хIалтIулей йигеб Ленинский районалде гьорлъе унел унтарал гурелги, цогидалги - мадугьалзабиги, гIага-божаралги, бажари гьечIелги, чиякъалги. Гьеб ишалъулъги гIолилалъе мисаллъун, тIоцебесеб иргаялда, рукIана эбел-эмен. Унтаразул рокъоре гьелъ щвезарулаан кванил нигIматазул пакетал. ЗахIматго унтаразул рукъалъул нуцIил кIалтIаги лъун толаан. Цинги унтаразда хадуб хъулухъ гьабулез нахъеги росулаан гьел пакетал. Больницаялде хадув ваккизе ине чи гьечIезухъе яккизеги щолаан гьей. Ва жакъаги щола гьей чиякъазухъе. ГIадамазул къваригIелал тIуразе щибаб лахIзатаз хIадурги йикIуна гьей. ХIалтIудаса гьабизе щвараб кумекалда гIей гьабулеб гьечIоан гьелъ. Жиндирго харжалдаса гIарацги хвезабун, жакъа къоялъги кумек гьабула гьелъ унтарал-щокъазеги, къварилъи ккаразеги, минаби рухIаразеги, хIа­тта гьел ралезегицин. Жакъа цIакъ гIемер рукIуна социалиял гьиназдасанги телевизоралдасанги унтарал жидер лъималазе кумек гьабеян гьардолел эбел-инсул хитIабал. Гьезиеги жаваб гьабула Умсакинатица. Киназего бикьун, дур харж рокъобегIаги щолебищилан гьикъидалги, гьимулаго, кьуна гьелъ жаваб:

- Нилъеца гьабунагIан, нилъееги бутIа щолеб жо гурищ букIунеб гIадамазе гьабураб лъикIлъи. Дур лъикIлъиялъухъ ТIадегIанас дуца гьабуралдаса цIикIкIун хъвалеб батана рикъзиги баракатги. Кодоса гIарац камунги хутIичIо, рецц Аллагьасе, - ян.

Гьаниб дица хъваралъул бащдабгицин бицинчIо дие Умсакинатица. Гьелъул хIакъалъулъ дие би­цана гьелда цадахъ редакциялде ячIун йикIарай учитель, жамгIияй хIаракатчIужу Хамиз Хъазанбиевалъ. Хамиз ккола Дагъистаналъул бетIерасул курсалъул рахъ кколеб гIуцIиялъул нухмалъулей. Умсакинатил жигарчилъиги сахаватлъиги бихьун, Хамизица гьей жиндирго заместительлъунги тун йиго. ГьабсагIаталда Умсакинатил аслияб хIалтIи ккола СВОялъул гIа­хьалчагIазул хъизамазе кумек гьаби. Районалъул администрациялъул кумекалде тIаде гьелъ жиндирго кумекги жубала. КIудияб бухьен буго Умсакинатил «Бергьенлъиялъе гIоло» абураб фондалъул нухмалъулев Гъа­зимухIамад ГIабдулаевасулгун ва СВОялде гуманитарияб кумекгун зама-заманалдасан унеб интербригадаялъулгун. Гьел гIуцIабаз кьурал шапакъаталги руго гьелъул. Умсакинат гьоркьоса къотIичIого дандчIвала СВОялда чIварал гIолохъабазул хъизамалгун, гьединго жалго СВОялъул гIахьалчагIигун. Гьезул лъималазе тIоритIула батIи-батIиял темабазда байрамал, гьединго диниял тадбиралги.

Гьадинаб буго Умсакинат Малачидибировалъул гурхIел-рахIмуялъул гъансито. Биччанте гьениб гIолилалъ бакараб лъикIлъиялъул цIадухъ хинлъулел гIадамазул къадар цIикIкIине.

Шамай Хъазанбиева