Гугарухъаби-ветераназул къецал

Анкьабилеб февралалда, МахIачхъалаялда ХIайдарбег ХIайдарбего­васул цIаралда бугеб спортивияб кIалгIаялда тIобитIана эркенаб гугариялъул рахъалъ дунялалъул ункъцIул чемпион МухIамад ГIумаровасул хIурматалда «Мастера ковра» абураб турнир.

Гьелъул хIакъалъулъ бицине редакциялде вачIун вукIана МухIамад. Гьес спорталъул нухде лъурал галабазул, бергьенлъабазул хIакъалъулъ нижеца цебесеб номералда хъван букIана.

МухIамад гIахьаллъана халкъазда гьоркьосел турниразда ва гьенив ункъо нухалъ «Мастера ковра» лигаялда дунялалъул чемпионлъун вахъана.

7 февралалда букIараб турниралда гIахьаллъана Дагъистаналдаса гурелги», Россиялъул батIи-батIиял регионаздаса спортсменалги.

МухIамадида турнир баркизе гьеб къоялъ рачIун рукIана республикаялъул спорталъул министр Сажид Сажидов, Му­хIа­мадил гьудул-гьалмагъзаби ва цогидалги спортсменал.

«Жакъа хIакъикъаталдаги гIе­мерав чи вачIун вуго гьаб турниралде. Руго къватIисел регионаздаса рачIаралги гIезегIан чагIи. МухIамадида баркула гьесул цIаралда тIоцебесеб нухалъ тIобитIулеб гьадинаб кIудияб турнир. Жакъа гьаниб турниралъул байбихьуда абуна, гьес дунялалъул чемпионаталда ункъо нухалъ бергьенлъи босанилан. Дие тIаде жубазе бокьун буго, гьел ункъоязда гьоркьоса кIигоял ккола дица гIахьаллъи гьабурал къецал. Дунги вукIана гьенив гугарулев ва гьединлъидал дида кинабго ракIалда буго. ЦIакъ балагьаразе асар гьабулеб цевевахъин букIунаан МухIамадил доб мехалъ ургуялда. Ва жакъаги гьес гьеб мисал бихьизабулеб буго цохIо ургуялда гуребги, цогидаб рахъалдасанги. Жиндирго лъималазухъеги гугариялде бугеб рокьи кьун, гьезул спорталде гъирабазабизе бажарана гьесухъа. Гьеб буго кIудияб мисал. Жакъа гьанире рачIун руго гIемерал гIун бачIунеб гIелалъул спортсменал. Гьеб ккола МухIамадица гьабураб хIалтIул хIасил. КIвар бугеб, щивав дагъистаниясул бидулъ бугеб жо ккола спорталде бугеб рокьи. Гьелъул мисалалда кIудияб хIалтIи гьабулеб буго МухIамадица. РакI-ракIалъулаб баркала буго гьесие гьелъухъ»,— ин абуна Сажид Сажидовас.

Жиндирго кIалъаялда Му­хIамадицаги баркала кьуна гьеб турнир тIобитIизе кумек гьабуразе. Гьезда гьоркьоб хасаб баркала кьуна МахIачхъалаялъул нух­малъулев Жамбулат Салавовасеги.

Турниралде рачIун рукIаразда гьоркьов вукIана «Спорт без гарниц» абураб спортивияб телеканал бачунев Степан Крижановскийги.

Гьеб къоялъ ургуялде рахъана 35-40-45 сонил ригьалда ругел спорта­лъул ветеранал. Къунщбузда цIахIиллъи кIутIун бугониги, беразулъ добго жанги, гIолохъанлъиялда букIараб добго жигарги, дандиясда тIад тIокIлъи босизе гьез бахъулеб хIаракатги бихьулеб букIана.

«Мастера ковра» халкъазда гьор­кьосеб турниралда лъикIаб гугари бихьизабуна ва бергьенлъи босана Дунялалъул чемпион Эльдар ХIайдаровас.

Турниралъул ахиралда Му­хIамад ГIумаровас киназего бар­кала загьир гьабуна ва супер-чемпион ХIажимурад Таймазо­васе ша­пакъатгун сайи­гъат кьуна. Гье­сие щвана турниралъул аслияб приз — 500 азарго гъурущ.