ХIХ гIасруялда магIарул адабияталда жаниб загьирлъана пагьмуяв рагIул устар Хьаргабиса МухIамадбегил (Бегиласул) шигIрияб гьунар. Халкъалда гьоркьов кигIан жив машгьурав вукIаниги, амма гьесул гIумруялъулги поэзиялъулги хIакъалъулъ нахъе хутIун гьечIо мухIканал баянал, хасго лъалел гьечIо гIумруялъул ритIарал тарихал. «Гьесул гьавураб ва хвараб тарих жеги мухIканго чIезабун гьечIо», – ян хъвалеб буго МухIамадбегил адабияб ирсалъе тIоцебесеб гIелмияб къимат кьурав гIалимчи Бадави МухIамадовас. «Революциялда цебесеб магIарул адабияталъул очеркал» (1961) абураб монографиялда жаниб буго МухIамадбегил гIумруялъул хIакъалъулъ баянал кьураб ва поэзиялъул мухIканаб анализ гьабураб «МухIамад-Бег» абураб кIудияб макъала.

Гьединлъидал батIи-батIиял авторазул хIал­тIабазда жанир дандчIвала шагIирасул гIум­ру­ялъулги хвалилги хIакъалъулъ цоцазда данде­кколарел тарихал. Цоги гьадинаб жо абизе ккола гьаниб: жеги щаклъи хутIун буго Му­хIамадбегилилан абулел цо-цо асаразул авторлъун гьев вукIин. Масала, гьанже нахъа, ай 2010-абилел соназда баянлъана «ЧIохъ бахъи» абураб кочIол автор МухIамадбег гурев, ЧIохъа Абакар-хIажияв вукIин. Гьединго «Имам Гъа­зимухIамад чIваялъул кечI» батана хьаргабисесул гуреб, ЧIикIаса ГIеласул МухIамадица хъвараб. Гьеб кIвар бугеб суалалъул хIакъалъулъ академик ХIамзатил ХIажияс хъвалеб буго гьадин: «ГьанжелъизегIан лъугIулеб гьечIо Хьаргабиса МухIамадбегил цо-цо эпикиял асаразул авторлъиялда сверухъ дагIба-къец», – илан.

Баянаб букIахъе, МухIамадбег гьавун вуго Хьаргаби росулъ ГIумар абурав чиясул хъизамалда жанив ва гьесул шигIрияб хIаракаталъул заман бачIунеб буго ХIХ гIасруялъул 40–70 соназде. ГьитIинго бихьун буго МухIамадбегида захIматаб гIумруги лъан буго чадил кескил багьаги.

Аслияб куцалда МухIамадбегил шигIрияб гьунаралъулъ загьирлъун буго магIарул халкъалъ гьабураб, живгоги гьелъул жигарав гIахьалчилъун вукIараб, хIалуцараб гъазаваталъул заман. «Гьев лъугьана доб заманалда ккарал рагъал-кьалазул ритIухъав тарихчилъун, катиблъун, гьес гьеб наслабазе цIунула. Гьелдаго цадахъ баян гьабула тIолго халкъалъулги халкъалда жанир цIар рагIарал бахIарзазулги бихьинчилъи, къохIехьей, къуркьи гьечIолъи», – ян хъвалеб буго профессор Сиражудин ХIайбулаевасл шагIирасул поэзиялъул хIакъалъулъ.

Хьаргабиса МухIамадбегил гIумруялъул баянал, шигIрияб ирс бакIаризе, гьелъие къимат кьезе ва басмаялда бахъизе квербакъана Гиничукьа Инквачилавас, филологиял гIелмабазул кандидат БакьайичIиса Бадави МухIамадовас, ГIободаса профессор Сиражудин ХIайбулаевас, филологиял гIелмабазул кандидат МухIамадрасул Усаховас ва цогидазги.

Масала, 1930-абилел соназда Гиничукьа Инквачилавас батIи-батIиял информатораздаса хъвана «Шамилиде», «ГIалихъиличиде», «Шамилил вас ГъазимухIамадиде» абурал МухIамадбегил кучIдул.

ХХ гIасруялъул лъабкъоабилел соназда шагIирасул асарал ракIаризе, гьел тартибалде рачине ва гIелмияб къимат кьезе кIудияб жигар бахъана машгьурав гIалимчи, профессор С. ХIайбулаевас. Гьедин, гьес чIезабуна 1847 соналдаса нахъе ккарал чIахIиял рагъазул хIакъалъулъ хъварал «СалтIа хъала бахъи», «Хьаргаби хъала бахъи», «Гъуниб хъала бахъи», «Балал МухIамадиде» абурал асаразул авторлъун МухIамадбег вукIин. 1996 соналда С. ХIайбулаевас басмаялда бахъана Хьаргабиса МухIамадбегил асаразул «Гъазават» абураб мажмугI. Гьединго шагIирасул кучIдул басмаялда рахъана республикаялъул ва районалъул газетаздаги, «Гьудуллъи» журналалдаги, батIи-батIиял антологияздаги, мажмугIаздаги.

Цевего лъугьана МухIамадбег хрестоматияв авторлъунги. Гьесул асарал рачун руго школалъул программаялда, цIалул тIахьазда жанире ва лъазарула магIарул адабияталъул дарсазда.

ШагIирасул гIумруялъул ва адабияб гьунара­лъул кIвар бугел рахъал баян гьарураб цо хабар хутIун буго халкъалда жаниб. 1847 соналда Хьаргаби росулъ гIасияб рагъ унеб мехалда, ИпутIа магIарда вукIарав Шамил-имамасе хIажат букIуна сверун ккун бугеб Хьаргаби росулъе, Идрис-наибасухъе кагъат щвезабизе. Гьеб букIана 1843 соналъул хасалихълъи. Гьеб ишалъе витIарав чанго муридги чIван, къваригIун вукIуна тIадкъай тIубазабун бажарулев, бакIалъул ахIвал-хIал лъалев чи. Имамасул тIадкъай тIубазе тIаде босун буго цIцIаназда вехьлъун вукIарав МухIамадица. Гьебмехалда гьев вукIун вуго гIумруялъул анцIила цо сон барав вас. Жиндаго гурони лъаларел сухъмахъаздасан ун, тIадкъайги тIубан, МухIамад вуссиндал, имамас гьесда абун бугила, мун МухIамад вукIун гьечIин, МухIамадбег вукIун вугилан.

Гьелдаса хадуб гьесда рекIун буго гьеб цIарги. Цогиги, Шамилица гьесие сайигъаталъе кьун буго хъахIилаб исхъалидул чухъаги. МухIамадбегица имамасда гьарун бугила жив рагъухъабазда цадахъ бодулъ тейилан, ва имамас гьесул гьариги къабул гьабун буго. Гьелдаса нахъе хисула гьесул гIумруги, асаразул магIнаги, хаслъиги.

МухIамадбег лъугьуна доб заманалда ккаралщинал рагъал-кьалазул ритIухъав тарихчилъун, катиблъун ва жиндирго шигIрабазда жаниб гьес гьеб наслабазе цIунула. Гьезул аслиял темабазул цояб букIуна магIарул халкъалъулги халкъалда жанир цIар рагIарал бахIарзазулги бихьинчилъи, къохьей ва къуркьи гьечIолъи.

МагIарулазул къеркьеялъул гIаммаб, тIубараб баян МухIамадбегица загьир гьабун буго «Шамилил къисмат» абураб къасидаталъулъ:

Кьабилин, гъурилин, гъаза гьабилин,

Гьаб жакъа къваридас къо хIехьелаян,

ХIинкъун вагъарасе гъазават гьечIин,

ГъазимухIамаца хвалчен борчана.

Имам Шамил асир гьавуралдаса анцIила микьго лъагIел ун хадуб, 1877 соналда Дагъистаналда байбихьана Къокъаб (Хъанда) шаригIат. ЦIидасан чIаголъана МухIамадбегилъ ватIан эркенлъиялдеги тархъанлъиялдеги божи. Гьес хитIаб гьабула халкъалда гьоркьор машгьурал, гIypyc пачаясул хъулухъазда ругел наибзабазде – Хунзахъа ГIалихъиличидеги ХIоцоса Доногъонил МухIамадидеги, умумузул ракьги, тарихги, эркенлъиги цIунун цебехъанльи гьабизе тIаде рахъаян, тушбабахулгун гьоркьоблъиги рехун теян. Гьезда жидедаго бихьулеб букIаниги, гьес бицуна халкъалда бугеб зулмуяльул кутакалъул, гIадамазул бугеб къварилъияльул, къо бухIиялъул, талихIкъеялъул хIакъалъулъ:

PyxI лъураб хIайванги хIайранго буго,

ХIапулеб гьоеги нилъ рокьуларо.

Умумул лъаларел лъималазухъа

ЛъагIел данде щведал, харж кьей абула.

Хехго лъугIана Къокъаб шаригIатги, рухIана росабиги, чIвана, кварида ран гъанкъана, Сибиралде ритIана сахал, зулмуялде данде рахъарал яхI-намус бугел бихьиналги. ШагIирасул анищги божилъиги гIумруялде бахъине хъван букIун гьечIо. Гьеб ахIвал-хIалалъ МухIамадбег цIакъ пашман гьавула, гьесул ракI буссуна дунялалдаса:

КъватIив лъугьинаро, болъ вачIинаро,

БагIараб исхъали чIегIер белъина.

ЧIегIер лажбар биччан, гIодобе лъеян,

ХвегIан халват гьабун, чIела дун жанив.

Хьаргабиса МухIамадбегил ирсалда тIад гьан­желъизегIан гьабун гьечIо букIине кколеб гIелмияб хIалтIи. Гьелъул хIасилалда жеги кодоре щвечIо гьесул гIемерисел асарал, щваразул гьабун гьечIо атрибуция ва цогидабги. Амма, гьеб киналъу­хъго балагьичIого, шагIирасул нахъе хутIун ругел гьайбатал, жиделъ гъазаваталъул рагъал ахIарал асаразулъ цIунун, аманат гьабун тун буго хадусел наслабазе бечедаб бахIарчияб тарихги, умумузул гIамал-хасиятги, багьадурзабазул цIаралги.

АхIмад МуртазагIалиев