ГӀарац тӀалаб гьабизе бегьулищ?

Школалдагун лъималазул ахалда ругьунлъун руго лъималазул эбел-инсухъа гӀарац бакӀаризе. Гьелъие рехсола батӀи-батӀиял гӀиллаби: классалъе хӀажатаб техника, гордабигъ, лажбаргун гач ва цогидаб босизеян. БакӀарула гӀарац учительзабазда гьарурал къоял яги байрамал баркиялъул мурадалдаги. Законалъ ихтияр кьолищ гьединал мурадазе гӀарац бакӀаризе?

РФялъул Конституциялдаса

РФялъул Конституциялъул 43-абилеб статьяялда рекъон, ни­лъер улкаялда лъималазе лъайгун тарбия кьезе ккола чӀобого. Гье­лъухъ пачалихъалъул унеб харж ва цӀалдохъабазул эбел-инсул гӀахьаллъи чӀезабула «РФялда лъай кьеялъул хӀакъалъулъ» абураб №273 законалъ. РФялъул пачалихъалъ ва регионаз кьезе ккола аслияб лъай кьеялъул программаби гӀумруялде рахъинариялъе хӀажатаб гӀарацги.

Федералиябги бакӀалъулги бюджетаздаса школалъе гӀарац кьола:

  1. Школалъул тӀолалго хӀалтӀу­хъабазе моцӀрол харж кьеялъе.
  2. ЦӀалул тӀахьал, пособиял, хӀалтӀул тетрадал, канцеляриялъе, лабораториялъе, спорталъе, технологиялъул ва ИЗОялъул дарсазе хӀажатаб къайи-алат босизе. Лъай кьеялъул программаялда гьоркьобе унеб щибаб жоялъухъ гӀарац кьола бюджеталдаса.
  3. Онлайн-сервисазухъ, библиотекаялъе газеталгун журналал хъваялъухъ, лицензия бугеб компьютеразул программаги лъай кьеялъул электронниял сурсаталги росизе.
  4. Коммуналиял хъулухъазухъ кьезе, школа къачӀазе, столалгун бакӀал, компьютералгун интерактивияб хъарщи ва цогидаб къайи босизе.
  5. Школалда тадбирал гӀуцӀиги ккола лъай кьеялъул программаялъул бутӀа. Гьединлъидал гье­лъие хӀажатаб гӀарацги кьезе ккола бакӀалъул бюджеталдаса.
  6. ЧӀобого, ай бакӀалъул бюдже­тал­даса харжги гьабун, кваназа­рула байбихьул школалъул цӀал­дохъабиги, гӀемер лъимал ругел ва ресукъал хъизамаздаса, гьединго рагъул (СВОялъул) ветераназул лъималги. ХутӀарал цӀалдохъабаз кванихъ гӀарац кьезе ккола.
  7. Школа цӀуни — гьеб буго пачалихъияб тӀадкъай. Гьелъухъ гӀа­рацги кьола пачалихъалъ. Гьелда гьоркьобе уна: хъаравуллъи гӀуцӀи, видео-камераби ва рахӀатхвеялъул (тревожная) кнопка лъей. Гьелде тӀадеги тадбирал гӀуцӀиялъухъ гӀа­рац кьезе ккола школалъ.

 

Гьардухъанищ яги…

Законалъул тӀалабалги хвезарун гӀарац бакӀариялъул хӀужаби гӀемер руго – щибаб школалъ батула гьелъие санагӀатаб нух. Улбузул къокъаялда хъван бачӀуна пуланаб жоялъе гӀарац бакӀарулеб бугилан. Гьеб кьечӀони, жиндир лъимералде бербалагьи хашлъилин яги «киназго кьолеб бугелъулан» абун, гӀарац кьола гӀемерисез.

Школалъе кумек хӀисабалда, школалъул яги классалъул фондалде гӀарац бакӀарулеб бугони, гьелъул хӀакъалъулъ, кагътидаги хъван, къотӀи гьабизе ккола ва гӀарацги битӀизе ккола школалъул счеталде – бегьуларо кодобе кьезе. Школалъул ихтияр буго меценатаз яги лъималазул къайимчагӀаз гӀарац рехизелъун банкалда хасаб счет рагьизе. ЧӀезабураб болжалалда администрациялъ хӀисаб кьола, чан гъурущ счеталде бачӀарабали ва сундухъ гьеб харж гьабурабали. Гьеб хӀисаб бахъизе ккола школалул сайталдаги. ЦӀалдохъанасул эбел-инсул ихтияр буго, сундуе бакӀарулеб бугониги, гӀарац кьечӀого чӀезе — гьеб ккола щивасул ресалда яги гъираялда рекъон гьабулеб иш.

Школалъул ихтияр буго мухьдахъ цо-цо тадбирал гӀуцӀизе. Масала, аслияб лъай кьеялъул программаялда тӀаде, ай пачалихъияб стандарталда гьоркьоб рехсечӀеб, дарс, кружок яги факультатив рагьизе. Гьезул хӀакъалъулъ баян кьун буго тӀадехун рехсараб №273 федералияб законалъул 101 ва 102 статьябазда.

Бегьула школалъе чӀванкъотӀараб ку­мек гьабизе (библиотекая­лъе тӀахьал, лъималазул ахалъе расан­кӀаби, школалъул театралъе къайи босиялъе). Гьеб гьабула щивав чиясул разилъиялдалъун ва гьелъие ихтияр кьола РФялъул Гражданияб Кодексалъул №582 ва №273 ФЗялъул №102 статьябаз.

Законалъ гьукъула учителасда, тарбиячӀужуялда яги школалъул администрациялъул вакиласда гьавураб къо баркиялъе, гьесие сайгъат босиялъе гӀарац бакӀаризе. Сайгъат гьаби — гьеб буго щивасул рекӀел ахӀиялда ва ресалда рекъон гьабулеб иш. 3000 гъурщидаса цӀикӀкӀараб букӀине бегьуларо сайгъаталъул багьаги: гьелдаса тӀаде араб багьаялъул сайгъаталъул къотӀи (договор дарения) букӀине ккола. Сундуе гӀарац бакӀарулеб бугониги, гьелъул хӀакъалъулъ къотӀи букӀине ккола. ЦӀалдохъабазул эбел-инсул ихтияр буго щибаб гъурущ кибе харж гьабурабали хӀисаб тӀалаб гьабизеги.

 

Лъиде гIарз гьабилеб?

Нагагь гӀарац бакӀарулеб буго­ни ва гьеб кьезе рес батичӀони, яги бокьичӀони ва гьеб бакӀари за­коналъул тӀалаб хвезабилъун ри­кӀкӀунеб батани, цӀалдохъанасул эбел-инсул ихтияр буго школалъул администрациялъухъа тӀалаб гьабизе: сундухъ бакӀарулеб бугеб пуланаб гӀарацан абун. Гьеб хитӀабалъе жаваб тӀалаб гьабе – кагътида хъвараб, гъоркь гъулбасараб ва мугьру чӀвараб.

Гьелдаса хадубги гӀарац бакӀари лъугӀулеб гьечӀони, тӀадехунисел идарабазде хитӀаб гьабизе ккола. Бегьула росдал, шагьаралъул, районалъул администрациялде, лъай кьеялъул муниципалияб управлениялде, полициялде, экономикаялда такъсирал гьариялде данде къеркьолеб отделалде, Лъай кьеялъул министерствоялде яги прокуратураялде гӀарза битӀизеги.

Гьеб гӀарзаялда рехсезе ккола №273 ФЗялъул хадусел статьяби: 4; 5; 35, п.1; 65,п.2; 101 ва 102. Гьелде тӀадеги, мугъчӀваялъе бегьула хӀалтӀизабизе РФялъул Лъай кьеялъул министерствоялъ регионазде ритӀарал малъа-хъваялъул кагъталги: № ВК-2227/08 (2015 соналъул ичӀабилеб сентябралда) ва № 07-4736 (2019 соналъул 23 марталда). Гьел кагътазда бицунеб буго бюджеталдаса гӀарац кьолел жалазе гӀарац бакӀари законалде рекъон кколарин абун.

 

Щибаб такъсиралъухъ — тамихI

Бюджеталъ харж гьабулеб жоялъухъ гӀарац бакӀари такъсир ккола. Гьелъухъ жаваб кьезе ккола — школалъ ва гьелъул администрациялъул вакилас.

ГӀарац бакӀареян буюрухъ кьурав лъай кьеялъул идараялъул нух­малъулесе гьабула бадибчӀвай, кьо­ла выговор яги РФялъул ЗахӀ­маталъул Кодексалъул 192 статьяялда рекъон, хӀалтӀудаса вахъула.

Лъай кьеялъул идараялъул хӀа­кимзабазухъа, РФялъул Административияб Кодексалъул 5.57, 15.14 яги 19.7 статьябазда рекъон, бахъула гӀакӀа (20 азаргоялдаса 200 азаргоялде гӀунтIун гъурущ). Гьабизе бегьула — гьеб букӀуна цӀакъ къанагӀат — РФялъул Уголовниябгун процессуалияб Кодексалъул 285, 286, 259 ва 290 статьябазде рекъонкколеб тамихӀги. Гьезда рекъон, гӀемераб гӀарац гӀакӀаде бахъула, нухмалъиялъул хъулухъалда хӀалтӀизе ихти­яралдаса ва эркенлъиялдасацин махӀрум гьавула, амма гье­лъие хӀажалъула кьучӀал хӀужабиги нугӀзалги.

Кавсарат Сулейманова