Нужеда ракIалда батила, 2012 соналъ Хунзахъ районалъул Макьасда курорт базе байбихьун букIана. Чанго нухалъ нахъги бахъун, чIун хутIана гьениб гьабулеб букIараб хIалтIи. Гьанже цIидасанги гьеб проекталде тIадруссине хIукму ккана нилъер республикаялъул нухмалъулезул.
16 январалда гьеб суал гьоркьоб лъураб данделъиялда премьер-министр Артем Здуновас бицана Макьасда курорт базе бахъун букIараб проект рехун тун дандекколарин, гьениб тIубараб соналъ гIадамаз хIухьбахъи гьабизе бегьулеб зона базе кколилан.
ТIоцебе гьениб курорт базе байбихьун букIана «Северияб Кавказалъул курортал» абураб гIуцIиялъул нухмалъиялда вукIарав АхIмад Билаловас. Амма Сочиялда Олимпиадаялъул объектал ралаго риччарал гIунгутIабазе гIоло, Билалов дагь-дагьккун рикIкIалъана цин республикаялдаса, хадув тIуванго Россиялдаса.
Хадур вацал бизнесменал МухIамадовалги тIаделъун рукIана Макьасда тIегьараб ахалда релълъараб бакI гьабизе. Гьезулги къисмат кин сверарабали нилъеда лъала.
Гьанже «Макьасда» проект цIигьабилалде жидеца гьенир сверухъ чанги хIалтIабиги гьарунин бицана Артем Здуновас 16 январалда букIараб данделъиялда. Макьасда аскIоб бугеб Сивухъ росулъе газ бачана, машинадул нухал къачIана, гьаруна цогидалги хIалтIаби.
Макьасда курорт базехъин бугилан хабар баккарал тIоцересел соназдаго гьелда дандечIун букIана сахъадерил жамагIат – жидер ракь хвезабулеб бугилан.
Гьаб нухалъ жамагIаталъул кинаб пикру бугебали лъазе нижеца бухьен ккурав «Возрождение» абураб Сивухъ росдал жамгIияб гIуцIиялъул нухмалъулев Якъуб МухIамадовас бицана: «Доб мехалъ гIадин тIубанго дандечIун гьечIо жамагIат. ДандечIунги щиб гьабилеб, ралагьун нижги тун, рагIалде бахъинабулелъул хIакимзабаз жидерго хIукму. ГIицIго нижер мурад буго росдал гIадаталдеги, шаригIаталъул хIукмуялдеги дандекколареб гьава-бакъ жаниб букIунеб бакI гьабугейин Макьасдаян хIукуматалъул нухмалъулезда бичIчIизабизе. Мехтараб умматалъул хъудиги, исламалде дандекколареб чороклъиги, тIабигIат пасат гьабулеб хьвада-чIвадиги гьеб хIухьбахъиялъул зонаялда букIине нижее бокьиларо. Нижеца гуребги, бокьарав бусурманчияс къабул гьабиларо жиндаго хьолбохъ гьединаб пасалъи.
Сивухъ росдал жамагIаталъе бокьун буго росуги цIунун хутIулеб, тIаде рачIарал гьалбалги разиго хутIулеб куцалда базе Макьасда курорт.
— Мигьлъун буго росу тIубанго. Унел руго гIадамал гьениса гочун. Официалияб къагIидаялъ, 45 цIараки хутIун буго жакъа Сивухъ. Гьедин иш бугони, школаги къала, яслиги хутIиларо. Гьеб гьедин ккечIого хутIизе рес буго Макьасда этнотуризм цебетIезабуни. Гьалбадерил рукъзалги рани, музейги рагьани, шаргIалъул низамалда дандекколел квана-гьекъолел, хIухьбахъи гьабулел бакIалги рагьани, квеш ккелароан букIараб. Росулъ ругел гIадамазе хIалтIиги букIина, жамагIатги, хасго гIолохъабиги разиго хутIилаан. Биччанте гьениб лыжабазда хъещтIолеб базаги цогидабги букIине. Аслияб жо буго умумузул гIадаталдаса ва шаргIалда кьуричIеб тартиб цIуни».