Свердловск областалъул Алапаевск шагьаралъул мэр ккола ГIахьвахъ районалъул ЦIолода росулъа Сайгид Билалов. Щуабилеб марталда гьесги гьесул кIиявго васасги хитIаб гьабуна рехсараб шагьаралъул рагъулаб комиссариаталде. «Украинаялда хасаб операция тIобитIулеб бугеб заманалда дун, Билалов Сайгид Лабазанович, ва дир васал – Билалов Евгений Сайгидович ва Билалов Шамил Сайгидович – хIадур руго вацлъиялъулаб...
