ДРялъул хIукуматалъул данделъиялда премьер-министр ГIабдулмуслим ГIабдулмуслимовас бицана цо-цо бизнесменаз жидехъе рачIарал гIарзабазда гьарулеб бугила ракь босулелъул инвесторазе бигьалъаби чIезареян.
2017 соналъул 29 декабралда бахъараб законалдаги («О порядке определения цены продажи земельных участков…») хъван буго гьединал бигьалъабазул хIакъалъулъ. Масала, торгалги гьаричIого, кадастралъул багьаялда рекъонги босизе бегьулеб буго гьеб, цIакъго кIудияб мурадалъул проектал гIумруялде рахъинарулел ругони.
Гьединго мал-мулкалъул ва ракьул суалазул министр Заур Эминовасда лъикIаблъун бихьулеб бугоан бюджеталде цо течIого налогалги кьолел, хIалтIухъабазе лъикIал харжалги чIезарулел, жиндир заманалда проекталги гIумруялде рахъинарулел инвесторазеги гьеб ракь босиялъул рахъалъ бигьалъаби гьаризе.