Рарал соназул тарих гургинлъулеб къо буго гьаб анкьалда ТубхIатил. Чан сон гьелъ барабали бицинаро, щайгурелъул дунгоцин божуларого йиго кIарчамай, чIурканай, чIороло гIадай ТубхIат гьел соназул борхалъиялде яхун ятилин. Амма хIакъаб жо — жиндирго гьунаралъул тIокIлъи, хаслъи гьелъ, лъагIалил щибаб хIокI нахъе толаго, миллатцоязе рагьараблъи. Цогидазда релълъинчIей, гьазухъего, дозухъего хъвадаризе лъугьинчIей, жиндир хатI билизе течIей —...

