Исана кIодо гьабуна КIудияб Бергьенлъиялъ 75 сон тIубай. Нилъер гIолилазда лъазе ккола сундулъ букIарабали Советияб армиялъул къуват ва сунца кумек гьабурабали вахIшиял фашистаздаса бергьенлъи босизе…
«РФялда лъай кьеялъул хIакъалъулъ» абураб законалдаги, «РФялда лъай кьеялъул миллияб доктринаялдаги», «РФялъул гражданазулъ патриотизм куцай» абураб программаялдаги, «РФялда гIолилазе тарбия кьеялъул хIакъалъулъ» абураб концепциялдаги ва «ДРялда ватIан бокьиялъул рахъалъ тарбия кьей» абураб программаялдаги бицунеб буго, социалиял рикьалаби гIемерлъиялъул хIасилалда улкаялъул батIи-батIиял ригьазулги социалиял къокъабазулги жамгIияб бичIчIиялъулъ санагIат гьечIел хиса-басиял кканилан абун. Инсанасул гражданин лъугьинавулел идарабилъун кколел Россиялъул маданияталъулги, искусствоялъулги, лъай кьеялъулги тарбия кьеялъулги рахъалъ букIараб магIна тIубанго тIагIана яги цIакъго мукъсанлъана. Гьелда бан, рехсарал документазда хасаб кIвар буссинабулеб буго, гIолеб гIелалъе тарбия кьолеб мехалда, батIи-батIиял миллатазул маданиябгун мацIазулаб ва психологияб хаслъи хIисабалде босизе ккеялде.
Нусгоялдаса цIикIкIун миллаталъул вакилзабаз хъулухъ гьабулеб Россиялъул армиялда руго Дагъистаналъул миллатазул вакилзабиги. Щибаб миллаталъул хаслъиги кьочIое босун ватIан бокьи куцаялъул иш гIуцIани, цIикIкIине буго Россиялъул Рагъулаб къуваталъул цолъи, гъунки ва гуч.
Мех-мехалда СМИяздаса ахIи бахъуна, Россиялъул армиялъул пуланаб рагъулаб часталда хъулухъ гьабулезда гьоркьоб, миллат сабаблъун, тунка-гIуси кканилан абун. Бицуна, миллиял къокъаби ругел бакIазда рагъулаб гIадлу-низам гIемер хвезабулинги. Гьединал хIужаби дагьлъизе руго, тарбия кьолаго, солдатазул миллияб хасиятги кьочIое босун, хIалтIи гIуцIани. Гьединаб хIалтIул аслулъун букIине ккола солдатасул хъизамалъулги, рахьдал мацIалъулги, социалияб хIалалъулги, сахлъиялъулги, ишцоязда гьоркьоб хьвада-чIвадиялъулги ва цогидал хасиятазулги хIакъалъулъ баян. Гьеб хIалтIи захIматаб буго, амма гьединаб къагIидаялъул хIасил лъикIаб ккола.
Офицеразулги сержантазулги тарбиячагIи куцалел рагъулаб лъай кьеялъул цо-цо идарабазул цIалул программаялъул хал гьабураб мехалда баянлъана: гьениб гьечIо культурологиялъул цониги дарс. Командиразда тIадаб буго жидеца нухмалъи гьабулеб къокъаялда гъорлъ ругел миллатцоял яги ракьцоял солдатазул къапилаялъулгун гIаммаб мацI батизе, гьезул пикру-гIамал лъазабизе. Гьелъул мурадалда хIалтIизаризе бегьула батIи-батIиял къагIидаби: солдатазулгун гара-чIвари, накъит, ватIан цIунулаго, умумуз загьир гьабураб бахIарчилъиялъулгун къохIехьеялъул ва ватIаналъе ритIухълъи цIуниялъул хIакъалъулъ бицин. Дагъистаниялгун гара-чIварулаго, мисалалъе рехсезе бегьула халкъиял бахIарзал – Хочбар, Шарвели, Парту ПатIима; Шамил имам, гьесул наибзаби ХIажимурад, Ахъбердил МухIамад, ХIажи Давуд; рухIиял церехъаби – шайих МухIамад Ярагъский, Гъазигъумекиса Жамалудин. Гьеб рахъалъ пайдаяблъун бихьула «Дагъистаниял: Россиялъул БахIарзал. Совет Союзалъул БахIарзал. Социалистияб захIматалъул БахIарзал» абураб Зикрула Ильясовасул тIехь. Гьениб бицунеб буго реццалъе мустахIикъав 342 дагъистаниясул хIакъалъулъ.
Миллияб хасият лъазабиялъе квербакъула халкъалъул тарихалъги бакIалъул гIадатал лъазариялъги. Масала, 2003 соналъул декабралда хъачагъазде данде къеркьолаго хасаб операция тIобитIун хадуб хасаб тIадкъаялъул аскарияз Владимир Путиние загьир гьаруна ЦIунтIа районалъул гIадамазул хIакъалъулъ лъикIал пикраби.
Каспийскиялъул гIорхъи цIунулезул отрядалъулги МахIачхъалаялъул гарнизоналъулги солдатазулгун ва сержантазул цIех-рех гьабураб мехалда, гьезул 79,2 проценталъ абуна батIияб миллаталъул солдатазулгун гьудуллъи бугин абун. 16,3 проценталъ бицана, жидеца гьудуллъун толин гIицIго миллатцоявин абун. 4,5 проценталъухъа бажарун гьечIоан батIияб миллаталъул вакиласулгун гьудуллъи гьабун.
Солдатазе тарбия кьолаго, рехсезе мустахIикъаллъун рикIкIуна бахIарчиял дагъистаниязул цIарал – Совет Союзалъул кIицIул БахIарчи, летчик-испытатель Амет-Хана Султанил, Совет Союзалъул БахIарзал, летчикал Юсуп Ахъаевасул, Валентин Эмировасул, Леонид Гальченкол, ралъдахъан МухIамад ХIажиевасул, пулеметчик Ханпаша Нурадиловасул, танкист Элмурза Жумагуловасул, Россиялъул БахIарзал Аскер Аскеровасул, МухIамад БагIачиловасул, Загьид Загьидовасул, Арзулум Ильясовасул, ХIажимурад НурахIмаевасул, ГIабдухаликъ Къурбановасул, Мухтар Сулеймановасул, генерал МухIамад ГIумаровасул ва цогидазул.
Нижер цIех-рехалда гIахьаллъарал офицерзабазул гIемерисел мукIурлъана миллиял бахIарзазулги, халкъалъул гIадатазулги, миллаталъул хасияталъул хаслъиялъул ва маданияталъул хIакъалъулъ мукъсанал гурони баянал лъангутIиялъе. Гьезул лъабил бутIаялъ абуна, миллиял къапилабазулгун ва гьезул церехъабазулгун гьабулеб хIалтIулъ гIунгутIаби ругин абун. «Кин камил гьабилеб батIи-батIиял миллатазул солдаталгун гьабулеб хIалтIи?» абураб суалалъе жаваб кьолаго, командирзабаз рехсана гьадинал къагIидаби: миллияб маданияталъулги, педагогикаялъулги, психологиялъулги хаслъи лъазабиялъул мурадалда гIемермиллатазулаб къокъагун хIалтIулел офицерзаби цIализари; рагъухъан куцалаго, кIудияб кIвар бугеб халкъалъул гIадатги цебетIеялъе квербакъулеб хасиятги хIисабалде босичIого хIалтIулел гIисинал командираз педагогиял гъалатIал риччангутIиялда тIадчIей гьаби; гIемермиллатазул къокъаби гIуцIиялъул пайдаял къагIидаби рати; батIи-батIиял миллатазул солдатазе тарбия кьеялъул хIалтIи камил гьаби; гIемермиллатазулаб къокъа гъункизабиялъул мурадалда жамгIияталъулгун бухьен гьаби; батIи-батIиял миллатазул солдатазул дандеккунгутIиялъул гIиллаби ратимиллиябгун психологияб хаслъиялъул цIех-рех гьабулеб методика хIадури; гьеб рахъалъ бугеб цогидазул методикаялдаса пайда боси.