Новость на родном

Руччаби цIунулеб цIар берцинаб рукъ

        Дагъистаналда гIуцIун буго ГIиса аварагасул эбелалъул цIар кьу­раб «Марьям» абураб рухIияб центр. Гьелъул проекталъул презента­ция букIана араб анкьалда МахIачхъалаялда ГIурус театралда. Гьеб тадбиралде рачIун рукIана жамгIиял хIаракатчагIи, хIукуматалъул хъулухъчагIи, депутатал, цIар рагIарал спортсменал, тохтурзаби, хъвадарухъаби, тIадегIанал цIалул идарабазул нухмалъулел.      Къокъго абуни, презентаци­ялъул программаялъ жанибе ба­чана нилъер улкаялъул кIодолъи, Дагъистаналъул хаслъи, исла­малъул кIвар....

Новость на родном

«Заманалъул матIу»

         30 марталда Миллияб библиотекаял­да тIобитIана «ХIакъикъат» газеталъул бетIерав редакторасул заместитель Пайзула Пайзулаевас хъвараб «Заманалъул матIу» абун магIарулазул милли­яб газеталъул тарихалъул хIакъалъулъ хъвараб тIехьалъул презентация.        Нижеца цебехун бицун букIахъе, гьел­да жанибе бачун буго магIарул аслияб га­зеталъул 104 сонилаб тарих.        Лъабго сагIаталъ халатбахъараб гьеб тадбиралда гIахьаллъана магIарул...

Новость на родном

Хьитал чураралъухъ — 300 000 гъурущ

       Калининградалда бугеб гарнизоналъул рагъулаб судалъ, гьал къояз­да, хIукму къотIана нилъер республикаялдаса кIиго гIолохъанчиясда хурхун. Гьел ккола Расул Сайхановги Жамалдин МухIамадовги.     Калининградал­да бугеб насрани­язул килисаялда аскIосан чвахулеб, дугIа гьабураб, лъе­де гъоркьеги ккун хьитал чураралъ­ухъ уголовнияб дело рагьун букIана гьезда тIад араб со­налъул сентябрал­даго. ГIолохъабаз рекъечIеб иш гьабу­леб мехалъ бахъараб видео рехун...

Новость на родном

Къагьиралъул майданалда ХIамзатил Расул

       29 марталда Египеталъул тахшагьар Къагьиралда рагьана Расул ХIамзатов ракIалде щвезавиялъул хIурматалда гьесие лъураб бюст. ЦIадаса дунялалдаго машгьурав шагIирасул сураталда гьабураб ганчIил си эхетун буго Къагьиралъул «Эль-ХIуррия» ахикь. Гьениб аскIобго буго гьезул операялъул минаги.      Гьелъул автор ккола Египеталдаса скульптор ва художник ГIусама ас- Сеури. Дунялалда гьев лъала искусствоялъул ва гьединго гIелмуялъул...

Новость на родном

Европаялъул судалъул хIукму

       Шамил районалъул Гьоор-Хьиндахъа кIиго вас чIварав МуртазагIали ХIасанхIусеновасул хитIабалъухъ халги гьабун, инсанасул их­тиярал цIунулеб Европаялъул судалъ (ЕСПЧ) хIукму гьабуна лъимал чIварав инсуе пачалихъалъ 120 000 евро (10 миллионгун 700 000 гъу­рущ) кьезе кколин абун.      МуртазагIалил васал Набиги ХIасанхIусенги чIвана 2016 соналъул 23 августалда. Жидеего бетIербахъиялъе хинкI балагьулел, жамагIаталъул боцIиги хьихьун...

Новость на родном

Лъабго цIияв хIаким

      Араб анкьалъул ахиралда республикаялъул нухмалъулесул ишал тIуралев Сергей Меликовас хиса-басиял гьаруна хIукуматалда.     Спорталъул ва физическияб культураялъул министрлъун тIамуна ДРялъул эркенаб гугари­ялъул рахъалъ федерациялъул нухмалъулевлъун вукIарав Сажид Сажидов.      С. Сажидов ккола дунялалъул ва Европаялъ­ул кIицIул чемпион. 2004 соналда Афиналда тIоритIарал Олимпиялъул хIаязда гьесие щвана мазгарул медаль. 2020 соналъул октябрь...

Новость на родном

МухIамад ГIарипов: «Дие данде ккола хIалтIи кьолеб мехалда, дихъа бажариладай гьебилан гьикъулел чагIи»

       Ахираб заманалда республикаялда нухмалъулезул гIуна чанго батIияб гIел: умумузул бакIазде рачIана гьезул лъимал. Амма 35 соналъ хиси гьечIого Гъуниб районалъул КIогьори консервазул заводалъул директорлъун хIалтIулев вуго Гумбет районалъул Ингишоса МухIамад ГIарипов.     Институталдаса хадуб Росдал магIишаталъул министерствоялда хIалтIулев вукIарав гьев Гъоркьияб Гъазданущиве консервазул заводалде витIулев вукIун, ахирги къисматалъ магIарухъе вачана. Гьелъулъ...

Новость на родном

    Умумузул ирс — наслабазе дарс

                   РекIелъго миллияб накъищгун вижула цо-цо чи. Гьеб тIокIлъи кверзул устарлъиялдалъун загьир гьабулез наслабазе нахърателги тола. ГIолилазда гьоркьор гьединал гьунарал тIатиндал, цIакъго ракI бохула. Шамил районалъул Гьоори росу буго гьунаразул гъамас гIадаб бакI. Кьурди-кечIалъе гуребги, цIар рагIарал къадахъабиги цIулал устарза- биги гIемер рахъана гьениса. Халкъалъе загьираб гьунаралъул...

Новость на родном

Декларация къабул гьабуна

      Республикаялъул Расул ХIамзатовасул цIаралда бугеб Миллияб библиотекаялда тIобитIана ДРялъул Лъай кьеялъул ва гIелмуялъул министерствоялъул данделъи. Гьелда гIахьаллъана ДРялъул Халкъияб собраниялъулги ЖамгIияб палатаялъулги вакилзаби, министрал, вузазул ва профессионалияб лъай кьеялъул идарабазул нухмалъулел, муниципалитетазул лъай кьеялъул управлениязул нухмалъулел ва жамгIиял гIуцIабазул вакилзаби.      Данделъи рагьана ДРялъул хIукуматалъул председателасул заместителасул ишал тIуралев Анатолий Карибовас....

Новость на родном

24 азарго чияс-вакцина

      23 марталда республикаялъул нухмалъулесул ишал тIуралев Сергей Меликовги гIахьаллъун тIобитIараб Оперативияб штабалъул данделъиялда бицана ковидалде данде вакцина гьабиялъул рахъалъ гьабсагIат ругел хIасилазул хIакъалъулъ.    Жакъа къоялде республикаялда прививка гьабуна 24 азарго чияс. Вакцина гьабиялъе жеги 3000 цIияб препаратги бачIун буго республикаялде.    А. ЮСУПОВ