ДРялъул хIукуматалъул председатель Артем Здунов дандчIвана МЧСалъул хIалтIухъабигун РФялъул МЧСалъул ДРялда бугеб бетIераб управлениялъул нухмалъулев Нариман КазиахIмадовасги Артем Здуновасги ракIалдещвезаруна тIадаб борч тIубалаго хварал МЧСалъул хIалтIухъаби ва гьезие бараб памятникалда цере лъуна тIугьдул. Гьелдаса хадуб гьел щвана цIа свинабулезул №7 часталдеги гIорхъолъа борчIараб ахIвал-хIал ккараб мехалда хIалтIуе нухмалъулеб централдеги. Гьелдаса хадуб Артём Здунов дандчIвана...
