Министерствабазде сапар

ДРялъул хIукуматалъул председатель Артем Здунов дандчIвана МЧСалъул хIалтIухъабигун

 

РФялъул МЧСалъул ДРялда бугеб бетIераб управлениялъул нухмалъулев Нариман КазиахIмадовасги Артем Здуновасги ракIалдещвезаруна тIадаб борч тIубалаго хварал МЧСалъул хIалтIухъаби ва гьезие бараб памятникалда цере лъуна тIугьдул. Гьелдаса хадуб гьел щвана цIа свинабулезул №7 часталдеги гIорхъолъа борчIараб ахIвал-хIал ккараб мехалда хIалтIуе нухмалъулеб централдеги.

Гьелдаса хадуб Артём Здунов дандчIвана МЧСалъул хIалтIухъабигун. Гьениб бицана республикаялда хехаб хъулухъалъул цогояб номер (112) хIалтIизабиялъул хIакъалъулъ. Гьеб номер хIалтIулеб буго гIицIго МахIачхъалаялда. Цогидал шагьараздаги районаздаги хехаб бухьен гьабиялъе хIажатал алатал лъун гьечIо.

Данделъиялда бицана Дагъистаналда «ХIинкъигьечIеб шагьар» абураб комплекс хIалтIизабиялъул ккарал хIасилазул хIакъалъулъги. Гьелда бан, гIумруялде бахъинабулеб бугеб проекталда рекъон, жеги 102 бакIалда лъезе руго фотовидеофиксаторал. Гьелде тIадеги, гIемерал гIадамал ракIарулел бакIазда (больницабазда, школазда, лъималазул ахазда) лъезе руго видеокамераби. Гьеб иш гьабун лъугIизабизе ккола 2019 соналде.

ДРялъул премьерминистр Артем Здунов щвана республикаялъул СахлъицIуниялъул министерствоялде

«Жакъасеб дандчIваялъул аслияб мурад буго министерствоялъул хIалтIухъабазулгун лъай-хъвай гьаби. Дие бокьилаан, нужеца бицине нужерго хIалтIулги, церечIарал масъалабазулги, ругел ресазулги хIакъалъулъ. Министерствоялъул нухмалъиялда гъоркь руго гIемерал идарабиги гьезул хIалтIухъабиги – гьезулгун лъай-хъвай гьабила дагь-дагьккун. Дун щвана сахлъицIуниялъул цо чанго идараялдеги. Руго гьезул хIакъалъулъ пикрабиги», — ян абуна хIукуматалъул председателас.

Министерствоялъул хIалтIул хIакъалъулъ бицана ДРялъул сахлъицIуниялъул министрасул ишал тIуралев Танка Ибрагьимовас. Гьес абухъе, ахирал соназда, тIадегIанал технологиялги хIалтIизарун, 14 медицинаялъул идараялда гьабун буго лъабазаргоялдаса цIикIкIун операция. Масъалабазда гъорлъ Ибрагьимовас рехсана медицинаялъул идараби материалиябгун техникияб рахъалъ хьезариги, дараби чIезариги, хехаб кумекалъул машинаби басралъун рукIинги. Гьелде тIадеги, республикаялъул ичIго муниципалияб гIуцIиялда буго гIемерал соназ бан бахъинчIеб цо-цониги медицинаялъул идарагиян абуна министерствоялъул нухмалъулес.

Артём Здуновас абуна, бугеб магIишаталъул инвентаризация гьабизе ккелин. Жеги больницабаздеги цогидал бакIаздеги жив щвезе вугинги абуна гьес.

Данделъиялда бицана «Земский доктор» абураб программа гIумруялде бахъинабиялъулги, тохтурзаби хIадуриялъулги, гьезул лъаялъул даражаялъулги хIакъалъулъги.

ЗахIматалъул ва социалияб цебетIеялъул министерствоялда

Гьенибги Артем Здуновас тIобитIана хIалтIухъабазулгун дандчIвай. Гьелда гIахьаллъана экономикаялъулги территориалияб цебетIеялъулги министр ГIусман Хасбулатовги.

ДРялъул захIматалъул ва социалияб цебетIеялъул министр Расул Ибрагьимовас бицана ведомствоялъул хIалтIул хIакъалъулъ. Хасаб кIварбуссинабуна гьес херазулгун ва реабилитациялъул центразда ругел лъималазулгун гьабулеб хIалтIуде. Министрас бицана WorldskillsRussia ва Абилимпикс проектазда дагъистаниял гIахьаллъиялъулги гьенир ккарал хIасилазулги хIакъалъулъ.

Артем Здуновас лъазабуна, статистикаялда низам букIине кколин. «Гьелъие хIалтIизаризе ккола республикаялъул предприятиязул сурсатал. Гьел киналго хIалтIизе ккола ЗахIматалъул ва социалияб цебетIеялъул министерствогун рекъон. Лъазабизе ккола, кинал махщелчагIи хIажат ругелали республикаялъе. Лъазе ккола социалиял пособиял щолел гIадамазул хIакъалъулъ баяналги», — ян абуна гьес.

Расул Ибрагьимовас бицана гъоркьиса халгьабунин социалиял пособиял щолезул сияхIазул. Гьелъул хIасилалда, социалиял бигьалъаби гьариялъул рахъалъ цебесеб соналъ букIараб налъи дагьлъанинги абуна гьес: 2017 соналъул байбихьуда кьезе хутIун букIана кIиго млрд гъуруш – 2018 соналъул февралалде хутIана 362 млн гъуруш.