Владимир Васильев дандчIвана эркенаб гугариялъул рахъалъ Дагъистаналъул тIасабищараб командагун Дагьалъ цебе Сочиялда тIобитIана эркенаб гугариялъул рахъалъ Европаялъул чемпионаталде хIадуриялъул цо бутIа. Гьелдаса цере нилъер гIолохъаби рукIана Болгариялда. Гьениб букIана халкъазда гьоркьосеб турнир. Медалалгун тIадруссарал гугарухъаби ана Сочиялъул къецазде. Гьезда гIахьаллъарал Дагъистаналъул спортсменал тIадруссана рокъоре. МахIачхъалаялъул аэропорталда гьезда дандчIвана республикаялъул бетIерасул ишал тIуралев Владимир Васильевги....
