Алмахъ: цебе ва гьанже

Салатавиялъул ракьалда сапарчагIазул ракI тIаде цIалел, бераз ла­зат босулел бакIазул цояблъун лъугьун буго Алмахъ росу. Гьеб гIемерго некIсияб ва кIудияб росу буго ралъдал гьумералдаса микьнусго ме­тралъул борхалъуда, Ахъташ гIурул кваранаб рагIалда.

 

 

Бицен буго гьеб гIоралда «ХъахIаб гамачI» абураб магIнаялъул цIар Ахъташ хутIун бугин хазаразул за­маналдасаго. Алмахъалъул югалъулаб рахъалдехун километргун бащдалъул халалъиялда руго батIи- батIияб тIегь-хер гьарзаял рорхатал мугIрул. Севералъулаб рахъалде­хун ругел гIемер рорхатал гьечIел мугIруздасан байбихьун чвахула Ахъташ.

Росдада сверухъ ругел мугIрузда ва рохьазда дандчIвала батIи-батIиял жанаварал, рухIчIаголъаби ва хIанчIи: циял, бацIал, чакъалал, гъа­планал, хъабанал, гIалхул цIцIани, цIиркъал, гIондокьал, гвангваби.

 

ГIалимзабаз чIезабун буго Алмахъалъул сверухълъиялда лъагIалида жаниб 270 роцIараб къо букIунин, гьоркьохъеб къада­ралда гьаваялъул хинлъи бахунин гIицIго анцIго градусалде. Хасалил моцIаздайин абуни гьеб 26 градусал­даса гъоркьеги кколарилан.

Гьенир гIемерал руго бацIцIадаб ва цIорораб лъадал иццал, Ахъташ гIурул лъадалъ рукIуна масакI тай­паялъул ччугIби.

 

Дун Алмахъалде щвана гьеб ро­сулъа жамагIатчи ДРялъул ЖамгIияб палатаялъул член Айтемир Сатира­евгун цадахъ.

ГIагараб росдаде рокьи рекIелъ бугев Айтемирил хIаракаталдалъун Алмахъалда ахирал соназда кка­рал лъикIал хиса-басиязул бицунеб букIана гьесул росуцояз. Амма гье­зул хIакъалъулъ дагьаб хадуб бици­неги тун, гьанир рехсезе бокьун буго Алмахъалъул тарихалдаса цо-цо ба­янал, нусго сон барав Насрула Муса­евас бицарабги кьочIое босун.

 

Тамерланица Дагъистаналде чаб­хъен гьабураб заманалда Алмахъ букIун буго ичIазарго цIараки жаниб бугеб шагьар. ГIурус пачаясул чияр ракьал рахъулезде данде Кавказалъул рагъ халат бахъана кIикъогогIан соналъ. Гьеб гъазаваталъе къоло щуго соналъ бетIерлъи гьабуна имам Шамилица. Халкъалъул эркенлъи ва чияда бараблъун гьечIеб Имамат цIунизе гьеб бахIарчияб къеркье­ялъулъ гучаб гIахьаллъи гьабуна ал­махъазги. Гьезул гIемерисел рукIана имам цIунизе гIуцIараб къокъаялда гьоркьор.

КIудияб ВатIанияб рагъулъ гIахьаллъана 540 алмахъав, гьездаса 270 чи росулъе тIад вуссинчIо.

 

1917 соналъул инкъилабалдаса ха­дуб цIикIкIараб хиса-баси ккана Ал­махъалъул гIадамазул гIумруялъулъ. Росулъ рагьана цIияб школа, изба- читальня, рагIалде бахъана хъвазе- цIализе лъангутIи лъугIизаби.

Цо гIи-боцIул фермаялъул багIараб бокIоналда дир бер речIчIана хIикматаб документалда. Гьелда хъван буго: «Дагъистан АССРалъул Казбек районалъул «25-абилеб Ок­тябралъул цIаралда бугеб гIияхъанлъиялъул фермаялъе кIиго со­налъ гьоркьохъеб къадаралда III,6 кьегIер щвана вюртембергалъулаб метис-тайпаялъул 100 чахъдадаса ва гIоркIкIеналдаса батIа гьабураб мехалъ. 1937 соналда букIун буго кинабниги 1569 чахъу, 1938 сонал­да — 2053 чахъу. Гьелъухъ гьеб фер­ма рикIкIана ТIолгосоюзалъул рос­дал магIишаталъул выставкаялда гIахьаллъараблъун ва босун буго ХIурматалъул ТIехьалде».

 

Дагъистаналдаго цIияб ишлъун лъугьана тIанкIал ругел ритIучIал Алмахъалда хьихьизе байбихьи. Гьелъул хIакъалъулъ гьадин бицана «Алмахъ» совхоз» ОООялъул нух­малъулей Зинат Лугуевалъ: «Нижер предприятиялъул директорлъун доб мехалда вукIарав Шихмирза Абу­евасда рагIун буго тIанкIал ругел ритIучIал Кабардино-Балкариялъул «Майский» совхозалда хьихьулел ругилан. Гьес, гьенивеги ун, бичун босун бачIана 300 ритIучI. Гьезие бо­кьалги къваригIинчIо, нилъер гьава- бакъги рекъон ккана, хасалил квачги гьезда хIехьезе кIола, херги квана­ла, гъутIбузул гIисинал гIаркьалаби рукъизеги бокьула».

Гьебго ОООялъул кIудияй специ­алист Нажабат Сиражудиновалъ­ги тIаде жубана: «ТIанкIал ругел ритIучIал хьихьиялъ цIикIкIараб хайир кьолеб буго магIишаталъе. Гьезул лълъурдул хIалтIизарула цIакъго къиматал дараби хIадуризе».

 

Гьаниб бицине ккола ритIучIазул рехьед хехго кIодолъулеб бугилан. АнцIгогIан соналда жаниб гьезул къадар азаралда щунусгоялде баха­на. Гьединлъидал «Буртунай» совхо­залдаги байбихьана тIанкIал ругел ритIучIал хьихьизе. ГIиял рехъаби цIикIкIинариялъеги гьезул щибго квалквал гьечIо.

Амма, кигIанго бокьичIониги, Буртунаялдаги ва цогидал магIишатаздаги хьихьарал тIанкIал ругел ритIучIазул къадар соналдаса соналде дагьлъана, тIубанго тIагIине байбихьана.

 

ЦIикIкIараб хайир кьолел, хасго лълъурдул хираго ричун унел гьел ритIучIал тIуранго тIагIиналдаса хвасарлъиялъе квербакъана Айте­мир Сатираевас. «ЧIикIабГЭСстрой» ОАОялъул генералияв директорасул заместительлъун вугел соназдаго гьес хIаракат бахъана ритIучIал хи­хьизе гьарурал бакIал жиндирго тIалабчилъиялде росизе ва акциял тIиритIизаризе.

ТIолгороссиялъул пантал тайпа­ялъул лълъурдул ругел ритIучIал гIезариялъул гIелмиябгун цIех- рехалъул институталъул директор, ветеринариял гIелмабазул доктор, профессор, РФялъул гIелмабазул мустахIикъав хIаракатчи В. Г. Лу­ницыница хъвалеб буго: «Северияб Кавказалда «Алмахъ» совхоз» ООО ккола Казбек районалъул рорхатал мугIрузда тIанкIал ругел ритIучIал гIезариялъул цого-цо бугеб предпри­ятие.

 

ТIанкIал ругел ритIучIал Дагъ­истаналда гIезариялъул бугеб захIматаб хIалалде кIвар буссина­бизе, магIишат щулалъизабиялъе гIарацги биччазе ккола», — ян.

Дагьабго къокъ гьабун бахъараб гьеб кагъат битIун бачIун букIана нилъер тIоцевесев президент МухIу ГIалиевасухъе.

 

Гьелдаса хадуб кинаб хиса-басиха ккараб?

«Алмахъ совхоз» ОООялъул коллективалъ, Казбек районалъ­ул нухмалъулез, ДРялъул Росдал магIишаталъул ва кванил нигIматазул министерствоялъ кIудияб хьулгун къабул гьаруна ДРялъул президентлъун вукIарав Рамазан ГIабдулатIиповасул аслиял проек­тал, гьелдаго гьоркьоб АПКялда ритIучIал гIезариялъул масъалаги. Амма, магIарулаз абухъе, гьеб хьул­ги хIорго хутIана.

 

ДРялда ритIучIал гIезариялъул иш тIоцебе пайдаяблъун рикIкIарав ва гьелъул гIуцIарухъанлъун лъугьа­рав ГIабдулбасировас 1974 соналда­го абун букIана пантал тайпаялъул (ракьа гIадин къвакIуларел) лълъур­дул ругел ритIучIал гIезариялъе ресал нилъер республикаялда гIемерал ругин, хасго мугIрузда це­ресел бакIазда. Гьес бихьизабулеб букIана, гьелъие харж гьабураб щи­баб гъурщидаса щвезе бегьулеблъи лъабго ва цIикIкIун гъурущ хайи­ралъул. Алмахъаздаса мисал босун, тIанкIал ругел ритIучIал жидерго магIишатазда гIезаризе бокьаралги гIезегIан рукIинилан.

Амма «Алмахъ совхоз» ОООялъул цIар хисизабун лъугьараб зверосов­хозалда жакъа цIунун хутIун буго 1500-ялдаса цIикIкIун тIанкIал ру­геб ритIучI.

 

РакIчIун абизе кIола, гьеб зверо­совхоз гIуцIаралдасаго гьелъул къис­маталъул ургъел рекIелъе биччан, росуцоязе пайдаяб ишалде кIвар кьун, ракI-ракIалъ гьабураб кIудияб ва гьезда киданиги кIочене гьечIеб кумекалъул хIасил бугин гьебилан.