tg  tg  tg  rss

Маданияталъги гьукъила такъсир

 

«Дир ВатIан - Россия!» абураб агитпрограммаялъул фестивалалъул гала-концерт букIана 19 сентябралда ГIалимпаша Салаватовасул цIаралда бугеб ЛъарагIазул театралда. Гьеб гIуцIун букIана Дагъистаналда ругел Россиялъул халкъазул гIадатазулги маданияталъулги кIалгIабазда терроризмалде данде гьабулеб хIалтIи бихьизабизелъун.

ХIасилал гьарулеб фестивалалде цебе гьелъул лъабго этап тIобитIана Дагъистаналъул ункъабго территориалияб округалда ругел муниципалиял районазда. Гьениса жюриялъ тIаса рищарал церерахъиналгун  гала-концерталда гIахьаллъана республикаялъул  районалдаса ва  шагьараздаса 21 коллектив. Берцинал декорациялгун, лъикIаб театралиб реквизитгун сценаялде рахъана музыкалиял, театралиял ва кьурдул коллективал.

Дагъистаналъул мустахIикъай артистка Жавгьарат ХIасан­хIу­се­новалъ, цIакъ асар гьабулеб хIа­лалъ цIалана, терроризмалда дандечIараб жиндирго кечI, Каз­бек районалъул халкъияб театралъул церерахъин букIана Фазу ГIалиевалъул «Кинидахъ кечI» асарги кьочIое босун хIадурараб. Къокъго абуни, ва­тIан цIуни, ватIанбокьиялда хурхараб лъикIаб хIадурлъигун гала-концерталда гIахьаллъана Хунзахъ, ЧIарада, Унсоколо ва Гумбет районазулги гьунарчагIи.

Фестивалалда кIалъаялгун це­рерахъана Дагъистаналъул культураялъул министралъул заместитель, Халкъияб творчествоялъул рукъалъул директор Марита Мугадова, Дагъистаналъул МВДялдаса, информациялъул ва жамгIиял бухьеназул отделалъул начальникасул заместитель Руслан Мамацаев. Гьез гIатIидго бицана тадбир тIобитIиялъул мурадалъул, терроралъул бугеб заралалъул ва хIинкъиялъул, культураялъул бутIаялдаги гьелда данде кIвар кьун гьабизе кколеб хIалтIиялъул хIакъалъулъ.

Фестивалалда гIахьаллъарал киназего концерталъул ахиралда кьуна Дагъистаналъул Культураялъул министерствоялъул дипломал.

«Дир ВатIан - Россия!» абураб фестивалалда гIахьаллъаразул ва балагьизе рачIаразул цIикIкIарасел рукIана гIолилал.

МухIамад Дудуев

 

Маданияталъги гьукъила такъсир
Прочитано 121 раз

Оставить комментарий

Убедитесь, что Вы ввели всю требуемую информацию, в поля, помеченные звёздочкой (*). HTML код не допустим.

 

ХIакъикъаТ 

Республиканская общественно-политическая газета на аварском языке.

 

Исполняющий обязанности главного редактора:

Зульфия Багатаровна Гаджиева

_____________________________

 

in1  rss1

_____________________________

 

Рейтинг@Mail.ru

Яндекс.Метрика

 

СМИ

Учредитель сетевого издания ГБУ РД "Редакция республиканской газеты "Истина".
Зарегистрирован Федеральной службой по надзору в сфере связи , информационных технологий и массовых коммуникаций .
vozrastРегистрационный номер: Эл № ФС77-73996 от 19 октября 2018 года.

 

 

Фото

Настройка сайта

Цвет темы

Cyan Red Green Oranges Teal

Макет

Шир. Рам. Обрамл. Округл.
Изменение фонового рисунка
Вверх