«Евразиялъул гьаракь»

 

 

   Гьал къоязда республикаялда кIиабилеб нухалда тIобитIулеб буго миллияб вещаниялъул «Евразиялъул гьаракь» абураб фестиваль. Гьениб гIахьаллъи гьабуна батIи-батIиял республикабаздаса, регионаздаса профессионалиял журналистаз, этнографаз, культурологаз, хIукуматалъул ва жамгIиял нухмалъулез. Фестиваль рагьиялъулъ гIахьаллъи гьабуна ДРялъул хIукуматалъул председатель ГIабдулмуслим ГIабдулмуслимовас ва ВГТРКялъул Регионалияб департаменталъул генералияв директорасул заместитель Рифат Сабитовас.

   Фестивалалъул гIахьалчагIаз бицана миллиял мацIазда риччалел теле- ва радиопередачабазул, жидерго хIалтIулъ гьарулел цIилъабазул.

  Киназулго бицунеб хабар цойиде бачIунеб букIана – миллиял мацIал цIуниялда тIад щиб гьабулеб бугеб, щиб гьабизе кколеб абураб.

 

    Гьаб гIасруялъул ахиралде щвезегIан бащдал мацIал тIагIиналъул хIинкъи бугин абураб пикру загьир гьабуна данделъиялда рукIараз.

РГВКялъул генералияв директорасул заместитель МухIамад МахIатIиловас абуна: «19 соналъ цебе гIуцIана нижеца РГВКялда батIи-батIиял мацIазда миллиял передачаби риччалеб гIадат. Амма жакъа къоялде МахIачхъалаялда ругел лъималазул 20 проценталда лъалеб гьечIо жидерго мацI».

   ТарихчIужу Эльмира Далгатица абуна Дагъистаналъул тарихалъул дарсал школалъул программабазда гьоркьоса рахъун ругила. Гьезги нилъерго культурагин тарих лъаялъе гIемераб кумек-квербакъи гьабулаанин. Тулаялъул ГТРКялъул хIалтIухъаналъ загьир гьабуна гIурус мацIги цIунизе кколин абураб пикру. ГIемерал рагIаби ругила батIиял мацIаздаса рачIарал, ва гьез мацI чорок гьабулеб бугин.

     Донецкиялъул телевидениялъул хIалтIухъанас абуна: «МацI — гьеб ярагъ ккола. Жидер ракьалда гьабсагIаталда унеб бугеб спецоперациялъулъ гIахьаллъи гьабулеб буго батIибатIиял миллаталъул васаз. Гьез жидерго мацIалъ бицунеб жо аскIор ругезда бичIчIуларо. Гьедингицин жидерго миллияб мацI лъалел чагIазе бугеб лъикI бихьуларищ», — ин махсара гьабуна гьес.

Нижер мухбир