Саби-кIодол гъасда

 

 

 

 

 

  Абула, гьаб дуниял гIисинал лъималазги цIикIкIарал чагIазги ккун букIунилан. Унго, цо харабазда букIунеб баракат, гьезул гъасда букIунеб хинлъи! Бокьула дие зама-заманалдасан гьезул гIакъилаб каламалъухъги, жидецаго нахъа тарал соназул хIалбихьиялдасан гIуцIарал гIумрудул дарсазухъги гIенеккизе, гьезухъе гьоболлъухъ ине.

НекIогоялдаса нахъе бокьун букIана Хунзахъ росулъа Саби-кIодолгун гара-чIвари гьабизе. Гьелъул рокъове лъугьиндал, цо гIажаибаб хинаб асар лъугьана рекIее. ПасихIаб каламалдалъун гьей гаргадизе лъугьиндал, цебе заманалда гьоболлъухъ щванилан кколеб букIана.

Сабигат Хунзахъ росдал жавгьар йигилан абуни, дун мекъи ккеларо! Гьей йиго чIужугIаданалъул тIадегIанаб налъи бичIчIулей, магIарул яхI-намус борхатго ккурай, ккаралъуб бажариги къохIехьейги бугей инсанги, жигарай жамгIияй хIаракатчIужуги, гIун бачIунеб гIелалъул тарбиячIужуги. Хвел-гIел ккараб бакIалдаги, росулъ тIоритIулел кIвар бугел тадбираздаги, исламияб дин цебетIезабиялъеги Сабигатица бергьун кIудияб хIалтIи гьабула.

Гьале жакъаги, Сабигатихъ гIенеккараб мехалъ, дица пикру гьабулеб букIана кисадай гьалъие гьадинаб гIакъиллъиги цIодорлъиги щварабилан.

 

Дие тарбия щвана умумузул гъасда

 

  — Дир эбелалъул инсул чагIи къадизабазул наслуялъул чагIи рукIун руго. Абу-муслим шайих исламияб динги босун Хунзахъе вачIараб мехалъ, гьесда цадахъ рукIаразул кIигоял Болъихъе, кIигоял Гъумекире ритIун руго, лъабгоял Хунзахъго чIун руго. Хунзахъ чIаразда гьоркьор рукIун руго ГIамир ГIабас, ГIамир АхIмад, АхIмаду Шами. АхIмаду Шамил наслу кколаан дир эбелалъул инсул тухумкьибил. Гьел лъабалго рукъун руго Хунзахъ росулъ вализабазул хабзалалъ. Гьезулго наслу-тухумалъул чагIи рукIана Махсудкъадиги гьесул васал НурмухIамадкъади ва Дибиркъади.

НурмухIамадкъади вукIун вуго чанго гIелму лъалев гIалимчи. Гьев НикIалайихъе ахIун араб мехалъ, гьес кьураб меседил сагIатги, цогидал сайгъатал жанир лъурал чемоданалги рукIана дир кIодоэбелалъул дора цIунун. Дир инсул кIодоэбел йикIана Задайилан абурай чIужу. Зада кколаан наиб ХIажимурадил яцалъул вас Эльдарил яс. Дун гьитIинай чIужу йигеб мехалъ, Зайирбег ГIалихановги халкъияб кIалзул гьунар бакIарулел гIурус гIалимзабиги рачIун рукIана гьелъухъаги баянал ракIаризе. РакIалда буго гьелъ гьезие цIалараб, Баху-бика чIвараб къоялъ жинцаго гьабураб магIуги:

 

   ГIуммаханил Бахул халатаб габур Хвалчаца къотIараб къиямасеб къо. Бахуе гьарурал гьиналъул васал Харица рухIараб вахIидул къапар.

Дун 10 сон барай чIужу йигеб мехалъ хвана дир эмен. Тарбия кьуна эбелалъги кIодоэбелалъги. ГIемерисеб мехалъ дун йикIунаан дирго дахIабабал доя. ЦIакъ бокьулаан гьелъги, гьелъухъе гьоболлъухъ рачIарал харабазги бицунелъухъ гIенеккизе. Дица гьезде гьарурал кочIол мухъалги руго гьадинал:

КIодоэбелалъул гьитIинаб хIужа, Дун кIодолъаниги, щола ракIалде Радал къалъизегIан Къуръан цIалулеб Гьеб берцинаб гьаракь букIуна рекIелъ.

 

ГьитIинго харабазухъан щварал гIакъилал дарсал абадиялъго дир рекIелъ хутIана, гьел дие гIумруялъул сухъмахъазда цIакъ хIажалъана.

 

 

Эбел-бахIарчIужу

 

    ГьитIинго эменги хун, бесдаллъунги хутIана Пакъирай эбелалде кIудияб ургъел ккана. Дирги рукъалъул хIуби къокъидаго бекана, Эбелалъул гIадинаб къисмат диргоги ккана.

Хехгого бетIергьанчиги хун, Сабигатица гIезабуна 10 лъимер. Бигьаго букIинчIо гьелъие гьел хьихьизе, гIезаризе.

— Цебе, гьанже гIадин, улбузе капиталги кьолароан, лъимал гIемерал улбузе гьабулеб кумекги букIунароан. ЦохIого цо «Эбел-бахIарчIужу» абураб 1-2 орден кьуна. Гьелъухъги доб заманаялъ кепкал гурого щолароан. Гьединлъидал гIезегIан къо бихьана дида гьел гIезарулаго. ГIемерал бакIазда хIалтIана. ГьитIинаб къоялдаса нахъе гьелги куцана дица захIматалде. Гьанжейин абуни, дица рикIкIуна дун бечедай чIужу йигин. Лъималаздаса кIудияб бечелъи щиб букIунеб?

 

«Доб заманалъухъ урхъун йикIуна»

 

  Сабигатида бихьана чанго батIияб заман. Лъимерлъи байбихьана рагъул соназдасан, хадуб рагъда хадусел захIматал сонал, улка тIегьан букIараб заман, гьелда хадуб хIукумат биххараб заман ва жакъасел къоял. Кинаб заман, дур пикруялда бищунго лъикIаб букIарабин гьикъидал, Сабигатил берал кенчIана.

— БитIараб бицани, дун урхъун йикIуна доб заманалъухъ! Цо-цо мехалъ йикIуна, цодагьаб мехалъ урхъи буссинегIан цебесеб заманалде тIад юссине рес букIарабаниян. Узухъда, доб букIана жо мукъсанаб, захIматаб заман. Амма сундулго къиматги, сундулъго гIадлу-низамги букIана. Гьабулеб лъугьи-рихьиялда сундаго бегI букIунаан, гIадамазда гьоркьобги гьуинлъи, рекъел букIана.

Жакъаги квеш бугин абизе бегьиларо. ЦIалакъалиялъеги, хIалтIи-пишаялъеги, магIишталъеги цебеялде дандеккун гIемерал ресалги, сурсаталги, шартIалги руго. Амма гьелдасан пайда босулел гIемер гьечIо. Киназго абула, заманги гIадамалги хисун ругилан. Амма лъицаниги пикру гьабулеб гьечIо жидерго гIамал-хасияталъулги хьвадачIвадиялъулги.

Хисана магIарул чIужугIаданги. Цебе магIарул чIужугIаданалъул хIалтIи гIемер букIунаан. МоцIрол канлъухъеги хурир-харинирги хIалтIулаан, боцIи-панзги хьихьулаан, жидерго хъизан-рукъги данде бачунаан. Жакъасей чIужугIаданалъе цодагьаб эркенлъи буго. Чан ругел жакъа къоялда хур-херги гьабулел, боцIипанзги хьихьулел чагIи? Дир пикруялда, унго-унгояй магIарулай йикIине ккола шаргIалда рекъон хьвадулей, цIуна-къарай, сабурай чIужугIаданлъун.

 

Анкьгьунар

 

  Сабигатида лъала гIадамазулгун хIал рекъезабизе, гьезул ракI батулеб рагIи абизе. Гьелъул кIудияб махщел буго магIнаял, чвахун рачIунел кочIол мухъал херхинеги. Росулъ хвел-гIел ккараб бакIалдаги исламияб дин цебетIезабиялъеги гьелъ бергьун кIудияб хIалтIи гьабула. Росулъ тIоритIулел тадбиразда, данделъабазда СабикIодоца гIун бачIунеб гIелалъе вагIза-насихIат гьабула.

— ШагIир дун йигилан абизе бегьиларо, гьанже харадуний яхъун цо-цо дирго ракI унтарал жалазда тIасан пикраби кочIодалъун загьир гьарулей йикIуна. Бокьула гIун бачIунеб гIелалъе вагIзанасихIат гьабизе. Дида тIокIцIарги лъун буго дугIахалатилан (елъулаго).

 

ГIумрудул хIисабги гьабулаго…

 

Сабигат йиго гIадамазда гьоркьоб къадру-къимат борхатай, магIарулалъул тIабигIат-гIамал чорхолъ бессарай инсан. ГIумрудул сухъмахъазда гIемер къварилъаби-захIмалъаби дандчIваниги, гьелъ яхI-намусалда хIур хъвазе течIо, гьумер нечолеб, къадараб иш гьабичIо.

— Нахъа тарал соназул хIасил гьабуни, дица абила дун талихIай инсан йигилан. Гьайгьай, гIезегIан захIмалъаби дандчIвана гIумруялъул нухда. Амма щибаб нухалъ къуркьунгутIизе дие кумек гьабулаан сабруялъ. ГьебгIан цIакъаб жо дида батичIо. Дида лъан, лъилниги ракI лъукъулеб иш гьабичIо, кидаго хIаракат бахъула гIадамазулъ кIванагIан гьуинго йикIине. Лъималаздаги гьебго малъула дица.

Йохарай йиго, гIадамазда гьоркьор къадру бугел, тарбия бугел лъимал лъугьиналдасаги. Бигьаго букIинчIо дие, рукъалъул чиги нахъа гьечIого, гьел гIезаризе. Амма БетIергьанас кумек гьабуна. Гьанжейин абуни, гьаз дун хан гIадин хьихьун йиго.

 

МухIамад МАНАПОВ

 

«ХIамзат, вахъа тIаде»

 

ХIамзат, вахъа тIаде, тIубачIин мун хун,

ТIубан бугин мурад дур кечI-бакъалъул.

 Доб кочIолъ ахIараб чохтIо-кIазалъул,

ХутIараб жо гьечIин гьанже магIарухъ.

«Умумузул гIадат гIодобги рехун»,

 «ГIандиса ПатIица» форма хисана,

Бералда бихьичIеб, гIинда рагIичIеб,

 Цо батIияб ратIлилъ ругин гIолилал.

Цебеса, нахъаса, хьолбохъа ссурал,

 Гьари берцин буго модаян абун,

 ЧахтIикьан раккарал халатал гъалал,

 Хисун ругин гьанже прическабаца.

 Рукъалъул ракьанда телевизор лъун,

Гьелъ малъулеб буго гьанже хьвадизе.

 Гьенир жанир ругел рекламабаца

 БутIрул сверун руго ал гIолилазул.

Доб дуца ахIараб Америкаги,

Инсул рукълъун буго гьанже халкъалъе.

 Европа, Азия, аз хIетI чIечIеб бакI,

 ХутIун батиларо дуниялалда.

 Хирачил ГIалица гIезе гьарурал,

 ГIиял рехъабиги хъурмица чIвана.

 Хъутан-утаралде ине кколаро.

Окорочкабазул тукаби цIуна.

 Гьей дур Хъандулалда кваназе лъачIел

 Котлетазул буго гьанже къадеквен,

 Къарнабаз цIунараб магIарул гIадат,

ГIодобе рехана ххазабейилан.

 ГIаданлъи тIагIараб, тIекълъи гIемераб,

 ТIахьаз бицаниги жо бичIчIуларел,

 ГIарац гIемеразе накаби чIвалеб,

Аб батила, ХIамзат, доб ахир заман.

 Эмен, вац, гIагарлъи сан гьарулареб,

 Сурукъабщиналъе нуцIби рагьараб,

 Щиб жо гьабуниги гIадлъиго гьечIеб,

Гьаб батила, ХIамзат, доб ахир заман.

 ХIамзат, вахъа тIаде, тIубачIин мун хун,

ТIубан бугин мурад дур кечI-бакъалъул,

 Дур кочIолъ ахIараб чохтIо-кIазалъул

ХутIараб жо гьечIин, вачIа бихьизе.

 

 Сабигат ХIУСЕНОВА, Хунзахъ росу