Тарки-Тау 2017

ТIахьазул хазина

Дагъистан гIодобиччараб регион букIин бихьизабизе рес

21 сентябралда Расул ХIамза­то­васул цIаралда бугеб миллияб библиотекаялда рагьана анлъго батIияб улкаялъул 25 басмаханаялъ къватIире риччарал тIахьазул выставка-ярмарка. Исана халкъазда гьоркьосеблъун лъугьараб выставка-ярмаркаялда гIа­­хьал­­лъулел руго Казахстаналдаса, Азер­байжаналдаса, Армениялдаса, Бе­лоруссиялдаса, Словениялдаса ва Сербиялдаса гьалбалги.
Исана «Тарки-Тау» тIахьазул выставка-ярмаркаялде щвана ДРялъул бетIер Рамазан ГIабдулатIиповги. Республикаялъул бетIерасул рагIабазда рекъон, регионалъулго гIумруялъулъ тIахьазул выставкаялъ кIвар бугеб бакI кколеб буго.
«Жакъа нилъ Россиялъул гражданаллъун, улкаялъул патриоталлъун лъугьун ратани, гьеб тарбия нилъее кьуна адабияталъ. Ахираб заманалда хIакъикъат ва гьереси батIабахъизе захIмалъулеб буго гIолилазе. Гьединлъидал гIолилазе бищунго пайдаяб жо буго адабият лъазаби», — ян абуна Рамазан ГIабдулатIиповас тIахьазул выставкаялда кIалъалаго.
«Тарки-Тау» тIахьазул выставка­-яр­маркаялда рагьана исана гIум­руялъул 80 сон тIубарав фотограф Ка­мил Чутуевасул суратазул выставкаги. Рамазан ГIабдулатIиповас Камил Чутуевасда юбилей баркана ва «ГIагараб ракьалде рокьиялъухъ» абураб шапакъат кьуна.
Цересел выставкабаздаго гIадин, исанаги миллияб, гьанжесеб заманалъул ва лъималазул адабияталъул къоял ратIа гьарун тIоритIулел руго. Гьанжесеб адабияталъул ва цогидалъулги бицунел данделъаби, батIи-батIиял басмаханабаз къватIире ри­ччарал тIахьазул презентациял, хъва­дарухъабигун критикалгун данд­­чIваял тIоритIизе байбихьана 21 сентябралда. Ярмарка халатбахъине буго 24 сентябралде щвезегIан. Ахирисеб къоялъ «Тарки-Тауялде» ра­чIарал гьалбал рачине ругин Сулахъ гIурул берцинлъи бихьизеян бицана выставка-ярмаркаялъул куратор Марат ХIажиевас.
«Дагъистаналда гьечIо тIахьазул критика. Гьелъул хIакъалъулъ бицине буго «КьогIаб медиа» сайталъул бетIерав редактор Константин Мильчингун гьабураб дандчIваялда. Нилъер республикаялда ахирал соназда къватIире риччарал тIахьазул кколеб къагIидаялда бицунеб гье­чIо, гьел реццун гурони. Выставкая­лъул программаялда рекъон тIо­битIулеб гьеб данделъиялда бицине буго, щай адабияталъулъ критика къваригIунебали ва кинаб пайда гьелъ кьезе бегьулебали», — ян бицана «Тарки-Тау» выставка-ярмаркаялъул гIуцIарухъабазул цояв СагIид Ниналовас.
«ТIахьазул выставкаялъул программаялда рекъон, «Адабият — терроралде данде» абураб ахIиялда гъоркь тIоритIана суратазул ва гьанжесел хъвадарухъабазул тIахьазул выставкабиги.
Дагъистаналда «Тарки-Тау» тIо­би­тIизе байбихьаралдаса нахъе би­чIчIанин нилъер гIолилаз тIахьал цIа­лулел рукIин абун рикIкIунеб бу­го выставка гIуцIулез. Дагъистан цIал­долеб республика букIин соналда­са соналде Россиялъул регионаздаса гьалбадерида бихьизабулеб буго «Тарки-Тауялъ». Цересел ярмаркабаздаго гIадин, гьаб нухалдаги бищунго лъи­кIал тIахьал тIасарищулеб конкурсги тIобитIизе буго гьениб. Бергьаразе шапакъатал кьезе руго ярмаркаялъул ахирисеб къоялъ.