Къецалъул цевехъан

Бищун гIолохъанав IT махщелчи

Америкаялъулаз дагъистаниясе хъат чIвана

«Молодежь Дагестана» газеталъул редакциялда «Пери Инновации» бизнес-инкубаторалъ тIобитIараб конкурсалда тIоцебесеб бакI ккурав Сагитав Сагитовгун дандчIвана журналистал. 14 сон барав Сагитав Америкаялъул Кремниевая долинаялъул (информациялъул технологияздалъун ва гьеб рахъалъ хIалтIи гьабиялдалъун машгьураб СШАялъул чанго шагьар жанибе бачараб бакI) компьютеразул хIаязул компаниялда хIалбихьиялъе хIалтIулев вукIана. Peri Innovation Challenge стартапазул конкурсалъул гIахьалчагIазул хIалтIабазе къимат кьолеб букIана жюриялда рукIарал Америкаялъул компьютеразул хIаязул компаниялъул вакилзабаз. Гьезул компаниялда гьабураб хIалтIул ва щвараб хIалбихьиялъул хIакъалъулъ бицана Сагитас.

«Дун хIалтIулев вукIана Сан-Францискоялда бугеб компаниялда. Гьенир хIалтIулез бицана цо-цо хIай ургъаралъухъ миллион долларцин щолин жидее. Гьезул хIалтIухъ балагьун бичIчIана, гьитIинаб компаниялъулцин церетIезе ресал рукIин», — ан абуна Сагитас.
Сагитав Сагитовас «Cero» хIай гIуцIун букIана «Пери Инновации» бизнес-инкубаторалъул хакатоналда (батIи-батIиял специалистал цадахъ хIалтIулеб интернеталъулаб форум). Гьеб хIаялъул хаслъи ккола цогидал хIаялго гIадин квералъ рахъун гуреб, компьютералдаго сураталги рахъун гIуцIараб букIин.
«Пери Инновации» бизнес-инкубаторалъул программабазул нухмалъулей Раисат Дидуевалъул рагIабазда рекъон, гьединал хIаял ургъиялдалъун лъимал IT (информациялъул технологиял) гIуцIиялъе ругьун гьаризе рес буго. Гьез кумек гьабула лъимал цIияб жоялда тIад ургъизе тIамизе, программаби гIуцIиялъул рахъалъ битIараб нух бихьизабизе.
Сагитасул эмен Сугъралъа МухIамад Сагитовас бицана васасул гьитIинаб къоялдасаго компьютераздехун букIараб интересалъул ва гьенир ругел хIаязде машгъуллъизе гьукъун букIараблъиялъул. «Компьютералда хIазе бокьани, цин дуцаго ургъе гьединаб хIай, гьеб мехалда бегьула хIазеян лъазабун букIана дица гьесда. Амма ракIалдего ккун букIинчIо гьес гьединаб хIай ургъилин абун. Ункъо сон байдал лъана гьесда цIалдезе, щуго сон баралдаса нахъе ингилис мацI лъазабизеги байбихьана. Дица киданиги тIамичIо гьев хIалица цIалдезе, дудаго лъикI лъалеб дарсиде кIвар кьейин абулаан», — ин бицана М. Сагитовас.
ГIолохъанав программистасул пикруялда рекъон, школалда дарсазда малъулеб информатикаялъ цIалдохъабазе кинабгIаги пайда ва лъай кьолеб гьечIо. Рокъоб компьютер бугев бокьарав цIалдохъанасда лъалеб цого жо бицин гурони, программаби гIуцIиялъе дарсида щибго малъуларин бицана Сагитас. «Программирование школалда малъизе лъугьаницин, гьеб буго чIамучIаб хIалтIи ва лъималазул гьелдехун интерес ккечIого букIинеги бегьула. Гьединлъидал байбихьулев программистасе лъикIаб буго хIаязе программаби гIуцIиялдалъун байбихьи гьабизе. ЦогIаги программа гIуцIичIев цIалдохъан махщел гьечIевлъун рикIкIуна Америкаялда, амма нилъер гьаниб цо-цоязда гьеб щибжоялицин бичIчIизе захIмалъула», — ян бицана гIолохъанав программистас.
ПатIимат СултIанмухIамадова