РакIалдаго гьечIелъуса щвараб кумек

Сакъатаб лъимер хьихьараб хъизамалъе рукъ сайгъат гьабуна

 

МахIачхъалаялдаса Селимхановазул лъимал гIемераб хъизамалъ гIумру гьабулеб буго общежитиялда, 18 квадратияб метр гIатIилъиялъул рокъоб. Гьединал хъизамал гIемер руго Дагъистаналда. Амма Селимхановазул тIоцебесеб лъимер, 16 сон барай Казиханум йиго унтарай яс, Даунил синдром абураб унти буго гьелъул. Гьелде тIадеги, исана риидал ункъабилеб тIалаялдаса йортун мугъзагьод бекана Казиханумил.

ГурхIел-рахIмуялъул
фондалги рукIинчIелани…

Ясалъе операция гьабизе гIарац ба­кIаризе кумек гьарун чанго бакIалде щвана эбел Анфиса. «ГIурхъи гьечIого рагьарал ра­кIал» фондалъул нухмалъулей ва «Дагъистаналъул халкъал» жур­налалъул мухбир Мариям Му­хIа­мадовалъ кумек гьабуна Казихану­мие операция гьабизе гIарац ба­кIаризе. Мугъзагьодалъе операция гьабун хадуб анлъго моцIалъ бу­садаса яхъине бегьуларин лъаза­буна тохтурзабаз. Амма унтараб лъимер хьихьизе киналгIаги шар­тIал гьечIо гьезул рокъор, хIа­жатханцин буго тIоцебесеб тIа­лаялда. Лъималазул эмен ба­тIи-батIиял бакIазда хIалтIулев ву­кIуна. Эбелалъул хIалтIуде яхъине рес гьечIо, унтарай ясалда хадуб хъулухъ къваригIунелъул.
Лъабго лъимадул эбел Анфиса Селимханова кумек гьарун хьвадана Ленинский райадминистрациялде, социалияб хъулухъалъул идарабазде, амма кумек щвана ракIалдаго букIинчIеб бакIалдаса. «ГIурхъи гьечIого рагьарал ракIал» фондалъ, гьеб хъизамалъе кумек гьарун, республикаялъул бетIер Рамазан ГIабдулатIиповасухъе кагъат хъвана ва телевидениялдасан бихьизабуна гьезие бугеб къварилъи.

Социалияб хъулухъалъ тIадаб хIалтIи гьабичIо

Селимхановазул чанго сон бу­го рукъ щвезелъун иргаялда чIун ругелдаса. Гьединал ресукъа­л ва сакъатал лъимал хьихьун ру­кIи­налъ хIалтIизе рахъине рес гьечIел гIа­дамазе шагьаралъул социалияб хъулухъалъги кумек гьабизе кколаан, амма памперсал росизецин гIемер екерахъдизе кколей йиго эбел.
Щай гьединаб рес гьечIеб хъизан кIвар гьечIого тараб, лъида тIадаб бугеб гьезие кумек гьабизе ва щай хIакимзабазда эбелалъул гьари рагIулареб? Гьел суалазе жаваб тIалаб гьабун ДРялъул бетIерасул вакил ГIалибег ГIалиев щвана республикаялъул социалияб страхованиялъул фондалъул регионалияб отделениялде. Мугъзагьодие операция гьабун хадуб ясалъе босизе ккараб корсетги чIобого кьезе кколеб букIанин абун, Селимхановазул гIарацги социалияб страхованиялъул фондалдаса тIадбуссинабизе кколин лъазабуна ГIалибег ГIалиевас.
ДРялъул бетIер Рамазан ГIабду­латIиповасул тIадкъаялда рекъон, гьес Ленинский районалъул бетIер МухIамад Алхасовасда лъазабуна гьеб хъизамалъе кумек гьабизе ккелин. Къокъабго заманалда МухIамад Алхасовас ресукъаб хъизамалъе кумек гьабизе хIадурав чи валагьана.

ГIумру къваридазе — ракI гIатIидазул квербакъи«Раян» ЖСКялъул генералия­в директор Закирхан ХIажиевас чIо­бого кьуна сакъатаб лъимер хьихьараб хъизамалъе рукъ. 17 соналъ 18 квадратияб метралъул гIа­тIилъи гурони гьечIеб рокъой гIум­ру гьабун йикIарай Анфиса Селимханова гьеб кумекалда бо­жулейцин йикIинчIо. Амма Селимхановазда цIияб рукъ баркизе, Ленинский райадминистрациялда данде­лъун рукIана ГIалибег ГIалиев, МухIа­мад Алхасов, Закирхан ХIажиев, гур­хIел-рахIмуялъул фондалъул ва­килзаби ва журналистал. Гьениб ГI. ГIалиевас бицана Селимхановазул хъизамалъ гIумру гьабун бугеб бакIалда унтарав чиясе дандекколел шартIал гьечIолъиялъул ва гьеб хъизамалда дандчIвалел захIмалъабазул хIакъалъулъ. 

«Дун щвана гьеб хъизамалъ гIум­ру гьабун бугеб бакIалде, бихьана гьезул захIматаб гIумру. Хъизан хьихьизе къаси-къад чIечIого хIалтIулев вуго эмен. Амма рукъ босизеяли киса гурин, кваниеги ратIлиеги дандиса-данде гурони хъизамалъул бетIерасе бачIараб харж гIолеб гьечIо. КIудияб баркала буго «Раян» ЖСКялъул генералияв директор Закирхан ХIажиевасе, гьес гьабуна унго-унгояб иш», — ан абуна ГIалибег ГIалиевас.

Селимхановазул рохел

МухIамад Алхасовас бицана Ле­нинский райадминистрациялъ ра­лагьулел ругин Селимхановазе сай­гъат гьабураб рокъоб чIобого ре­монт гьабизе гIадамалги. Щайгу­релъул сакъатаб лъимер хьихьун бугеб хъизамалъухъа бажаризе гье­чIила гьеб къачIазе.
Закирхан ХIажиевасги бицана, Селимхановазул хъизамалъул къва­рилъи лъайдал, жинца хIукму гьабунила гьезие садакъа гьабизе.
«Раян» ЖСКялъ чанго ми­на бана МахIачхъалаялда. «ГIемер­тIа­лаяб мина балелъул дир нигат букIана садакъа гьабун рес гье­чIеб хъизамалъе 60 квадратияб метр гIатIилъуда бугеб рукъ кьелин абун. Амма гьеб хъизамалъул рескъотIиги бихьун, ракIалде кка­на 100 квадратияб метралъул рукъ сайгъат гьабизе. Баркала буго ГIалибег ГIалиевасе ва Му­хIамад Алхасовасе гьеб садакъа кье­зе мустахIикъаб хъизам бихьи­за­буралъухъ», — ан бицана З. ХIа­жиевас.
Казиханумил эбел Анфисалил абу­ни рохалие гIурхъи букIинчIо гьеб къоялъ.
ПатIимат СултIанмухIамадова