ХъахIал къункъраби. Даимаб кечI

Байрамалда рагIулел рукIана батIи-батIиял мацIазда Расулил кучIдул

 

ТIабигIаталда тIогьилаб кьер чIвалеб хаслихълъиялъул байбихьи. Сентябралъул авал. АхIулаго жидерго пашманаб кечIгун, дунялги сверулаго, хъахIал къункъраби санайил рещтIуна Дагъистаналъул ракьалда. Гьале исанаги лъебералда цоабилеб нухалда бицана гьез нилъее жидерго къваридаб къиса. Амма рагIулеб гьечIо чIагоязда чIваразул ахIи. ЛъугIулеб гьечIо дунялалда рагъуе бухулеб къали…

МахIачхъала

Къункърабазул кочIое даимаб дандерижилъун хутIараб Расулил чIагояб гьаракьалъ 8 сентябралда тахшагьаралда данде гьарун рукIана къункърабазул ахIиялъухъги бухIиялъухъги гIенеккизе рачIарал. Байрамалъул байбихьуда Дагъистаналде рачIарал гьалбал щвана шагIирасул хабаде. Гьелдаса хадур данделъана гьесул бараб памятникалда цере. ТIогьода босараб памятникги, хIасратго гIадамазухъ валагьарав Расулги, Расулил асараз дунялалдаго цIар рагIизабураб Дагъистанги, шагIирасул асаразухъ рокьи ккарал гIадамалги. Гьеб кинабгоги цолъун, лъугьараб берцинаб лахIзатги.
Гьебго къоялъ къункърабазул халатаб читIир рещтIана МахIачхъалаялъул Ленинилаб комсомолалъул цIаралда бугеб паркалдаги. ТIолабго черхалда сири базабулеб къункърабазул сариналда гъоркь тIугьдузул квацIаби лъуна КIудияб ВатIанияб рагъул бахIарзазе бараб памятникалда цебе. Гьениб бакараб Даимаб ЦIаялъ ракIалдещвезарулел рукIана киналго рагъазул къурбанал. Къункърабазде сверарал гьезул сариназ сорозабулеб бугин кколаан сверухълъи…
Цинги рещтIана шагIирасул кучIдул лъадарараб къебелъухъ гьоболлъухъ. Гьале Расулил мина. Гьениб бижараб шигIруялъул кунчIи абадияб батана. Гьалбадерие гьоболлъи гьабулел шагIирасул ясалги…

ХIамзатил Расулил шигIрабазул гъасда
бакараб даимаб цIадухъ

8 сентябрь. Поэзиялъул театр. Гьале ХIамзатил Расулги Александр Пушкинги. Театралъул азбаралда данделъарал шагIирзабиги, хъвадарухъабиги, журналисталги, студенталги, гIолилалги, цIалдохъабиги, Расулил асараз асир гьурурал Дагъистаналде рачIарал гьалбалги. ТIугьдул сайгъат гьаруна Россиялъулги дунялалъулги поэзиялъул тIогьазул цояллъун кколел кIиялго шагIирзабазе. Гьеб сордоялъ гьалбадерица цIалана Расулил кучIдул, бицана гьесулгун букIараб гьудуллъиялъул хIакъалъулъ. Россиялъул батIи-батIиял регионаздасаги Азербайжаналдасаги рачIарал шагIирзабаз цIалана жидерго кучIдулги. ШагIирасул рагIабазда гIурус ва магIарул мацIазда кучIдул ахIана Дагъистаналъул эстрадаялъул кочIохъабазги.
Гьеб сордоялъго хъахIал къункърабаз сапар бухьана Дагъистаналъул цогидал шагьаразде ва районазде.

Къункърабазул ахIи — киса-кибего

Хунзахъ

9 сентябралда районалда ХIамзатил Расул ракIалдещвезавиялъул хIурматалда тIобитIана автопробег.
Дунялалдаго шагIирасе бищунго хирияб ЦIада «шагьаралда» ХIамзатиеги гьесул васазеги рарал памятниказда цере тIугьдул лъеялдалъун байбихьана байрам. Щвана гьалбал ХIамзатил музеялдеги.
Гьале ЦIада росдада цебе бугеб гIурччинаб расалъи. ХъахIилал зобалазде роржунел къункърабазе бараб памятник. Гьезул читIиралъулъ цо гьи­тIинаб бакI…, дов вачIинегIан тун букIараб. Гьеле гьениса цIидасанги рагIулеб букIана шагIирасул дунялги, Дагъистанги, рекъелги цIунейилан абу­раб ахIи. Районалъул росабазул школазул цIал­дохъабаз бихьизабуна шагIирасул рагIабазда гIу­цIараб литературияб композиция. БукIана байрамалда кечI-бакъанги.

Гъуниб

ТIоцебе къункърабазул роржен байбихьараб хIайранаб борхалъи. Гьениб 31 соналъ цебе рагьана къункърабазе бараб тIоцебесеб памятник. Гьеб къоялъги «чIаголъана» къункъраби. Гьел сихIкъотIун гIенеккун чIун рукIана жидее даимаб роржен сайгъат гьабурав шагIирасул кучIдузухъ. Гьез тIугьдулги къабул гьарулел рукIана. Ва районалъул школазул лъималазда цадахъго ахIулебги бугин кколеб букIана:
— Доба борхалъуда, хъахIил зобазда
ХъахIал къункърабазде сверун ратилин, — абун…

Буйнакск

8 сентябралда байбихьана ХIамзатил Расулил цIар кьураб педагогикияб колледжалда шагIирасул хIурматалда тIубараб моцIалъ тIоритIизе ругел тадбирал. Колледжалъул студентаз бихьизабуна Расулие сайгъат гьабураб литературиябгун музыкалияб композиция. Гьеб къоялъ рагIулел рукIана ХIамзатил Расулие гIагараблъун букIараб ва хутIараб минаялъуса батIи-батIиял мацIазда рикIкIунел гьесул кучIдул. Гьелдаса хадур байрамалде рачIарал щвана шагьаралъул музеялдеги.

Дербент

Гьеб къоялъ къункърабазул сарин рагIана некIсияб шагьаралдаги. ХъахIал къункърабазе бараб памятникалда цере тIугьдулги лъун, шагIирзаби щвана Расул ХIамзатовасул цIаралда бугеб шагьаралъул къоабилеб школалде. Гьенир гьел дандчIвана учительзабазул ва цIалдохъабазул коллективалгун. Лъималаз рикIкIана, ахIана Расулил кучIдул. Байрамалда рагIулел рукIана Россиялъул халкъазул мацIазда рикIкIунел шагIирасул кучIдул. ШигIрудал хIикматаб мацIалъ цолъизарурал гьалбал щвана Нарин-хъалаялде, шагьаралда бугеб «Петр ТIоцевесесул рокъоре», дунялалъулго диназул тарихалъул музеялде.

Болъихъ

7 сентябралда Болъихъ районалъул централияб библиотекаялда тIобитIана Расул ХIамзатовасул гьунаралъе сайгъат гьабураб поэзиялъул сагIат. Гьениб жигараб гIахьаллъи гьабуна районалъул росабазул библиотекабазул нухмалъулез. Библиотекаялъул азбаралъуб гIуцIун букIана «МугIрузул улка кучIдузулъ ахIарав» абураб выставка. Библиотекаялъул хIалтIухъабаз гьенире рачIаразулгун гьабуна «ЦIумазул роржадул борхалъиялъул шагIир» абураб гара-чIвари.
8 сентябралда Россиялъул халкъазул маданияталъул централда тIобитIана ХIамзатил Расулил кучIдул пасихIго рикIкIиналъул конкурсги.

Гъизляр

Районалъул централияб поэзиялъе библиотекаялда тIобитIана шагIирасул творчествоялъе сайгъат гьабураб литературиябгун музыкалияб композиция. Гьенир гIахьаллъана Косякино, Михеевка ва Бондареновка росабазул школазул цIалдохъаби. Гьединго, байрамалде хIадурлъулаго, библиотекаялда гIуцIун букIана шагIирасул гIумруялъул ва хъвадарухъанлъиялъул хIакъалъулъ бицунеб выставка. Тадбиралда жигараб гIахьаллъи бихьизабуразе кьуна дипломал ва грамотаби.

Гъизилюрт

Шагьаралъул лъималазул махщелалъул централда тIобитIана ХIамзатил Расулил шигIрабазе сайгъат гьабураб тадбир. Лъималазда гьоркьор къецал тIоритIана чанго батIияб номинациялда: кечI ахIи, кечI рикIкIин, шагIирасул асараздасан суратал рахъи, хъахIал къункърабазул кьурди. Гьединго централда гIуцIун букIана ХIамзатил Расулил асаразе рахъарал суратазул выставкаги. Щибаб номинациялда бергьарал лъималазе кьуна грамотаби ва дипломал.

Каспийск

ШагIирасе цIакъ рокьулаан лъимал. Унтарай гьитIинай Япониялъул къваридаб къисаялъ кIудияб асар гьабуна гьесие. Садако Сасакил лъугIичIеб маргьаялъги гьелъухъа гьалгун рахъинчIел къункърабазги цо хасаб бакI ккола Расулил поэзиялъулъ. КIоченчIо жидецаго хъулухъ гьабулел лъимал Каспийск шагьаралъул ЦСОНалъул хIалтIухъабаздаги. Гьез сакъатал лъималазеги гIуцIун букIана байрам. Байрамалъул гIаламатлъун букIана кагътил гьарурал къункъраби. Лъималаз цIалана Расулил кучIдул. Къадазда чIван рукIана шагIирасул асараздасан лъималаз рахъарал суратал.

Боржун унеб буго къункърабазул тIел…

ЛъугIана Дагъистаналда 31-абилеб нухалда тIоритIарал ХъахIал къункърабазул къоял. ЛъугIизе гьечIо гьезул даимаб кечI. Кинаб ругьелгундай тIадеялъулги гьел нилъехъе рачIинел? Унго-унгоги халалъилебдай гьеб заманалдеги гьезул читIир?!
Кирехундай гьанже къункърабаз сапар бухьинеб? ШагIирасул «ХъахIал къункъраби» абураб кочIое бакъан хъварав Шамхал Шамхаловас кочIодалъунги кьун букIана шагIирасе жаваб:
— Расул, дур къункъраби, зодихъ роржунел,
Гьел руго хваразул хириял рухIал.
Рагъдаса руссинчIел гIолохъабазул,
ГIумруялъ нилъеда кIочене гьечIел…, — илан.
ХъахIал къункърабазул даимаб кечI, ахир гьечIеб сапар… Гьез ахIи балеб буго чIагоязде чIваразул рахъалъ…

ХIадур гьаруна
Шамай Хъазанбиевалъ.

Дица ахIула «ХъахIал къункъраби»

Гьаб Дагъистаналъул цIарги къадруги
ЦIвабзазда гъорлъ хъварав, халкъияв шагIир,
ШигIрабазул кIулаз къаналги рорхун,
Жакъа бокьилаан мунгун дандчIвазе.

Хунзахъ тIалъиялъул цIадастанияв,
ЦIилъулеб Дагъистан бихьизеанищ.
Аваристаналъул тарихияв вас,
Дир пагьму гIоларо дуй къимат кьезе.

Кьурул нух битIичIеб МахIмудил чаний,
Расул, дур асараз шагьра гьабуна.
Дуца куркьбал гъурал хъахIал къункъраби
Хиросимаялъул ясахъе щвана.

ШигIрабазул эмен Элдариласул
ХIакъикъат бицана дуца халкъалъе.
Бицаде хутIарай ГIанхил Маринил
Дур асараз, шагIир, кIутIби ричIана.

Дицаги ахIула «ХъахIал къункъраби»,
Рагъда тIагIарав вац цеве тIамигун.
Гьесул сураталде тIадеги къулун,
Дур къункърабалъ вугин абула ракIалъ.

АхIула гьел даим гьаб дунялалъул
Рагъда тIулил вацал камурал васаз.
АхIула гьел кирго – континентазда
Васахъ чIегIербарал улбуца къойил.

МухIамадбег Абулаев,
Гуни росу