Мьянма пачалихъалда питна бекьизе бокьарал рукIин хIакъаб буго Мьянма пачалихъалъул нухмалъулейлъун рикIкIуней Аун Сан Су Чжица лъазабуна Райкхан штаталда бугеб хIалуцараб ахIвал-хIалалда бан, информациялъул алатаз тIибитIизабулеб баян гIемерисеб гьереси бугин. ГьанжелъизегIан кIалдибе лъим босарай гIадин чIун йикIарай гьей гIадан, гьадинаб лъазаби гьабизе цее яхъана Турциялъул президент ТIайип Эрдоганилгун телефоналдасан гара-чIвари гьабун хадуб. Турциялъул президентасин абуни...
