Араб анкьалда кIодо гьабуна ЦIумадисезул газеталъул юбилей

80 сонилаб борхалъи 

Дагъистаналъул щибаб районалъул буго жиндирго газета. Щибаб газеталъул руго жиндирго цIалдолелги: цоязул дагь, цогидазул цIикIкIун. Амма, газеталъул хIалтIухъабаз, мух­бирзабаз, жидеего щолеб мукъсанабго харжалъухъ балагьичIого, гьабулеб буго тIадаб хIалтIи, хIаракат бахъулеб буго районалъул гIумру, гIадамазул магIишат бихьизабизе, масъалаби рорхизе. 

 

МагIарул районазул газетазул бищун лъикIазул цояблъун, цебесеб кьерда бугеблъун рикIкIуна «ЦIумадисезул гьаракь» абураб ЦIумада районалъул газета. Гьеб гьединаблъун ахираб 20-30 соналда жаниб букIанин абуни, мекъиги ккеларо. Гьелдаса цебеги лъикIаб газеталъун букIун батила, амма дица бицунелъул магIна буго, гьелъулгун лъай-хъвай ккаралдаса дир гьедигIанасеб заман бугин абураб. Гьебги букIана газеталъул редакторлъун МухIамад Залимханов вугеб мех. Газеталъул гIумруги лъалев, гIадамазул унтаби-гIузрабиги ричIчIулев МухIамадил нухмалъиялда гъоркь районалъул газета лъугьана унго-унгоги халкъиябин абизе бегьулеблъун. Заман цо бакIалда чIун букIунарелъул, мустахIикъаб хIалхьиялде унелъул, МухIамадица газеталъул гIоркь кьуна тIолабго гIумру газеталъе кьурав МухIамадсагIид ЖахIпаровасухъе. Гьев, мунагьал чурад, вукIана цIакъ хIеренав, гьимун гурони калам гьабуларев, киданиги гьаракь борхун кIалъачIев инсан. Газеталъе нухмалъизе дагьав «къвакIарав» чи къваригIунелъул, ракIалде кколаан хIеренав ва хIалимав ЖахIпаровасул хIасилго ккеладайилан. Гьесин абуни къокъабго заманалда жаниб бихьизабуна берцинаб каламалдаги гIазул мегIер биинабизе кIолеблъи. Жиде-жидер заманалда газеталъе нухмалъи гьабурал МухIамад Загьидовас, МухIамад Залимхановас, МухIамад ЖахIпаровас лъураб кьучI, гьелда тIад бараб къед жеги камил гьабуна МухIамадсагIид ЖахIпаровасги. Гьеб заманалда жаниб газеталъул тираж ункъазаргоялдасаги тIаде ана, гIодоблъиялде, гIатIиракьалде гочарал цIумадисезулги гьоболлъун районалъул газета лъугьинабиялъе бергьун кIудияб хIалтIи гьабуна. Жакъаги, ГIубайдула Малачдибировасул нухмалъиялда гъоркь хIалтIулеб коллективалъ газеталъул гьурмазда хIур хъвазе толеб гьечIо, аралъул пикруги гьабулаго, букIинеселде ишанги босулаго гIуцIулеб буго районалъул халкъа­лъу­л матIулъун кколеб басма.
Цо рахъалъ газеталъул хIалтIу­хъабазе битIги ккана ва кколебги буго гьезул хIалтIиги, гьабу­леб ишги, газеталъул кIварги би­чIчIулел нухмалъулел районалда ру­кIиналъги. Щуго соналъ цебе газеталъ 75 сон тIубай кIодо гьабулелъул Агъвалиб тIобитIараб данделъиялъги нугIлъи гьабун букIана гьеб гьедин букIиналъе. Тадбир байбихьаралдаса лъугIизегIан нухда бачинеги, газеталъул гIузрабазул бицинеги, редакциялъул хIалтIухъабазе рецц-бакъ гьабизеги заман гIолел бутIрул гIемер рукIунарелъулха. Араб хамиз къоялъин абуни, «ЦIумадисезул гьаракь» газеталъул 80 — сонилаб юбилей кIодо гьабулелъулги, жамагIатгун цадахъ вукIана районалъул бетIер АнвархIажи Вечедовги.
1937 соналъ тIоцебесеб декабралда «Ленинил нух» абураб цIаралда гъоркь къватIибе бачIараб районалъул газеталъ нахъа тана бечедаб, гьайбатаб, захIматаб ва талихIаб нух. Чанго цIар хисаниги, тIасабищараб нухдаса кьуричIого хъулухъ гьабуна гьелъ районалъул жамагIаталъе. 80 соналда жаниб газеталъе нухмалъи гьабуна 14 редакторас, гьениб хIалтIана журналистазул чанго гIел. Цояз цоял хисун, газеталда хIалтIараз заманалда рекъон бихьизабуна районалъул гIумру. Гьелъулги, газеталъ нахъа тараб гIумруялъулги, церечIарал масъалабазулги хIакъалъулъ бицине гьеб къоялъ данделъун рукIана росабазул мухбирзабиги, вакилзабиги, администрациялъул хIалтIухъабиги, газеталъул гьудулзабиги. Гьеб дандеруссиналда гIахьаллъи гьабуна «ХIакъикъаталъул» хIалтIухъабазги. Россиялъул Журналистазул союзалъул рахъалдасан газеталъул редактор ГI. Малачдибировасеги, жавабияй секретарь Хадижат Залимхановалъеги, гьединго тIолабго коллективалъеги кьуна ХIурматалъул грамотаби. Сайигъатал, шапакъатал кьуна «Гумбет» газеталъул редакциялъги, районалъу­л администрациялъги, цо-цо росабазул бегавулзабазги. «ЦIумадисезул гьа­ракьалъги» кIодо гьаруна кидаго кумекалъе ратулел, хIаракатал мухбирзабиги, почалъул хIалтIухъабиги, гьудуллъи биххизе толарел росабазул бегавулзабиги. Байрамалда ахIана кучIудул, цIалдолез бицана газеталъу­л хIакъалъулъ, Агъвалиб росдал Къади Абакаровасул цIаралда бугеб гимназиялъул 4 «Б» классалъул цIалдохъан Дибирова ПатIиматица райгазеталъегун «ХIакъикъаталъе» сайгъат гьаруна жинцаго гьарурал тIугьдулги.
Ахиралдаги цоги нухалда баркула газеталъул коллективалда, ай ГIубайдула Малачдибировасда, Ха­дижат Залимхановалда, Зулфия Са­жидовалда, МухIамад Къасумовасда, Батул МухIамадовалда, Хадижат ХIамзатовалда, МахIму­да­панди Абакаровасда, Башир Аса­ду­­лаевасда, Залиха Дибировалда, тIолалго ветераназда, газета цIа­лу­лезда «ЦIумадисезул гьаракьалъ» 80 сон тIубаялъулаб юбилей.
Пайзула Пайзулаев,
МухIамадхIабиб МахIатIов