Аэропорталда чемпионазулгун дандчIвай

Софиялда тIобитIана Европаялъул чемпионат

 

Анкьабилеб декабралда Софиялда тIоритIарал паратхэквондоялъул рахъалъ халкъазда гьоркьосел къецазда лъикIал хIасилал ккана Дагъистаналдаса спортсменазул. Европаялъул чемпионаталда бергьаразулгун ва призеразулгун дандчIвай гьабуна МахIачхъалаялъул аэропорталда.

Софиялда паратхэквондоялъул рахъалъ Европаялъул чемпионаллъун рахъана Заира Иразиева (58 кг) ва ГIалиасхIаб Рамазанов (75 килограммалдаса цIикIкIараб цIайи). ГIарцул медалазе муста­хIикълъана МухIа­мадзагьир ГIи­сал­дибиров (75 кг) ва Мухтар Кумаев (75 килограммалдаса цIи­кIкIараб цIайи). Мазгарул медалал щвана Марям Салимгереевалъе (58 килограммалдаса цIикIкIараб цIайи), Амир Реколаевасе (61 кг) ва КъадимухIамад ГIумаровасе (61 килограммалдаса цIикIкIараб цIайи).
Спортсменазда дандчIвай гьабизе ва гьезда бергьенлъи баркизе аэропорталде рачIун рукIана ДРялъул физкультураялъу­л ва спорталъул министрасул тIоце­весев заместитель Зайнал Салаудинов, Дагъистаналъул паратхэквондоялъул федерациялъул президент Руслан Биярсланов, спортсменазул гIага-божарал ва гьудулзаби.
«Нилъер гIолилал — васалги ясал­ги Софиялда чемпионаталда церерахъана мустахIикъаб къагIидаялъ. Дун цIакъ вохарав вуго дунялалъул ва Европаялъул чемпионлъун вахъарав ГIалиасхIаб Рамазановасдаса. Бихьизабизе ккола, кIиябго турниралъул финалалда ГIалиасхIаб хIалбихьи цIикIкIарав спортсменасдаса, дунялалъул лъабцIул чемпионасдаса бергьараблъи. Ба­кIаб цIайиялъул Россиялъул спортсменазда гьоркьов гьев вуго цебесеб кьерда. ГIалиасхIабил киналго ресал руго Паралимпиялъул хIаязда гIахьаллъизе ва гьенив чемпионлъун вахъине. Иргадулаб нухалъ нилъ рази гьаруна Болгариялда меседил медаль босарай Заира Иразиевалъги. Гьанже гьей ккола Европаялъул кIицIул чемпионка», — ян бицана паратхэквондистазул тренер МухIамад ГIабдулаевас.
Европаялъул чемпионат араб куцалъул гьадин бицана ГIа­ли­асхIаб Рамазановас: «Дун цIакъ вохарав вуго чемпионаталда кка­рал хIасилаздаса. РукIана би­гьаялги цIакъго захIматалги къеркьеял. Масала, хисизарун рукIана къеркьеялъул правилаби. ТIоритIана щу-щу минуталъул раундал. Гьелде ругьунлъун вукIинчIолъиялъ, хорватасулгун къеркьей захIмалъана. БукIаниги, дие талихI ккана — дун бергьана. Дица хIисабалде босун буго кватIичIого тIобитIизе бугеб Россиялъул чемпионаталдаги гIа­хьаллъизе».
Европаялъул чемпионат бигьаяб букIинчIо 58 кг цIайиялда меседил медаль щварай Заира Иразиевалъеги:
«Европаялъул тIоцебесеб чемпионаталда щваралдаса, гьаб бергьенлъи дие дагьаб захIматго щвана. Гьений дун къеркьана, дунялалъул чемпионаталда бергьарай Сербиялдаса къуватай спортсменкагун. Цогидалги рукIана хIалбихьи бугел спортсменкаби. Масала, цеехун чанго нухалъ дун­гун гугарарай, дунялалъул чан­цIулго чемпионка, Турциялдаса паратхэквондистка. Дун цIакъ йохарай йиго гьелдаса бергьиналдаса. Гьелъулъ кIудияб тIокIлъи буго нижер тренеразул. Баркала буго гьезие. Хадубккунги къецазда гIахьаллъизе ва бергьенлъабаздалъун гIага-божаразул хьулал ритIухъ гьаризе бокьун буго», — ян абуна Заираца.

*** 

Эльбрусалъул
Кубок» турнир
Нальчикалда Дагъистаналдаса спортсменкабазе щвана
36 медаль

Нальчикалда тIобитIана лъималазулгун гIолилазул «Эльбрусалъул Кубок» абураб тхэквондоялъул рахъалъ халкъазда гьоркьосеб турнир. Исанасеб турнир букIана юбилеялъулаб – гьеб тIобитIана 10-абилеб нухалъ.

Къецазда гIахьаллъана лъабго ригьалъул (10-17 сонал ругел) къокъабазул 700-ялдасаги цIикIкIун атлет. Дагъистаналъул спортивиял школазул «къебелъухъ» куцарал атлетазе Нальчикалда тIобитIараб турниралда щвана батIи-батIиял даражабазул 36 медаль, гьездаса 10 меседил, 11 гIарцул ва 15 мазгарул. Медалазул къадаралъул рахъалъ Дагъистаналъул спортсменазе щвана кIиабилеб бакI. Хасал къецал гурелги, турниралда тIоритIана командаялъулал къецалги. Дагъистаналъул тIасабищараб командаялъул ккана бищунго лъикIал хIасилал ва гьезие тIоцебесеб бакI щвана.
Хасал къецазда бергьенлъи босарал ва призераллъун рахъарал спортсменазе кьуна медалал ва дипломал. Командаялъулал къецазда тIоцебесеб бакI щвараб Дагъистаналъул тIасабищараб командаялъе кьуна кубок ва гIарцулал сайгъатал.

Волейбол

ТIоцересел бакIал – ДГУялъул ва Хасавюрт районалъул волейболистазе
Къецазда гIахьаллъана
руччабазул — 10,
бихьиназул — 8 командаби

9-10 декабралда МахIачхъалаялда тIоби­тIана бихьиназул ва руччабазул командабазда гьоркьоб волейболалъул рахъалъ Дагъистаналъул чемпионат. Руччабазул къецал тIоритIана Дагъистаналъул волейболалъул централъул универсалияб базаялда.

Зоналиял къецазда бергьарал тIаса­ри­щиялъул хIасилалда чемпионаталъул финалияб бутIаялде бахъана 10 команда: Унсоколо район, Гумбет район, ДГМА, ДГПУ, ДГУНХ, ДГУ, Каспийскалдаса РДЮСШа­лъу­л кIи-кIи команда.
Дагъистаналъул чемпионаллъун рахъана ДГУялъул волейболисткаби, кIиабилеб бакI щвана Каспийск–1 командаялъе ва лъабабилеб — Дагъистаналъул пачалихъияб рос­дал магIишаталъул университеталъул вакилзабазе.
Бихьиназда гьоркьор къецал тIоритIана Дагъистаналъул пачалихъалъулаб универ­ситеталъул спортивияб комплексалъур. Медалазе гIоло къеркьолеб букIана 8 команда: Хунзахъ, Унсоколо, Хасавюот, Болъихъ районал; Избербаш, Буйнакск шагьарал, ДГУ (МахIачхъала), МахIачхъала – гIолилазул команда.
Республикаялъул чемпионлъун бахъана Хасавюрт районалъул тIасабищараб команда, кIиабилеб бакI щвана ДГУялъул, лъабабилеб — Болъихъ районалъул волейболистазе.