ГIагараб ракьалда хIалхьана

ВатIаналда букъана КIудияб ВатIанияб рагъда хварав МухIамад Казбековасул жаназа

 

МухIамад Казбеков гьавуна Бабаюрт районалда. Гьев хвана Ленинградалда гIагарлъухъ, фашистазде данде вагъулаго. МухIамадил жаназа батана 2016 соналда Ленинград областалда. Гьениб цIех-рехалъул хIалтIи гьабулеб букIана «Ропша» абураб къокъаялъ. Жаназаялда аскIоб батараб кагътида хъван руго гьадинал рагIаби: «МахIачхъала шагьар, Хасавюрт станция, Бабаюрт росу… яц… вац Абат. Казбеков Магьмет Казбекович. Гьаб буго дир адрес». Жаназаялда аскIобго батун буго «Ленинград цIунаралъухъ» абураб медальги.

«Мемориал» абураб Баяназул цолъизабураб базаялъул­ги (ОБД) ва «Халкъалъул бахIар­чилъи» абурал сайтазда хъван буго МухIамад Казбековас хъулухъ гьабулеб букIанин 256-абилеб дивизиялъул 930-абилеб кьвагьдохъабазул полкалда ва гьев вукIанин гIужихъанлъун. Гьев хвана 1943 соналъул 27 июлалда Вороново абураб росдада гIагарлъухъ ккараб рагъу­лъ.
МухIамадил жаназа бу­къа­­на 11 декабралда Ма­хIач­­хъа­лаялъул рагъу­лаб хабалалъ. Гьенибго тIо­­­би­тIана рагъул къурбанал ра­­кIалдещвезариялъул данде­лъиги. Гьелда гIахьаллъана ДРя­лъул бетIерасул ишал тIу­ралев Владимир Васильевги, ДРялъул Халкъияб Соб­раниялъул председатель Хизри ШихсагIидовги, ДРялъул премьер-министрасул ишал тIуралев ГIабдусамад ХIами­довги, ДРялъул бетIерасулги хIукуматалъулги администрациялъул нухмалъулев Владимир Ивановги, Дагъистана­лъул муфти АхIмад-хIажи ГIаб­дулаевги, РФялъул президентасул СКФОялда вугев вакиласул аппараталъул Дагъистаналда ву­гев бетIерав федералияв инспектор Алексей Горловги, Ветераназул гIуцIабазул цолъизабураб советалъул председатель ГIумар МуртазагIалиевги, солдатасул гIагарлъиги.
Владимир Васильевас баркала кьуна, ватIан цIунулаго, рагъда бахIарчиго хварав солдатасе. Баркала кьуна гьес нилъер ракьцоясулги рагъда тIагIарал цогидалги солдатазул жаназаби ратизе хIа­ракат бахъулел къокъаба­зеги. «Ахирисев солдат рокъове тIад­вуссинегIан, лъугIуларо рагъ – гьедин абуна улкаялъул бе­тIерав командующий Владимир Путиница. МухIамадица ба­хIарчиго кьуна ватIаналъе гIум­ру. РухIалда барахщичIого, цIу­нана гьесги гьесул гьалмагъзабазги нилъер улка. Араб гIумруялъул бахIарзал нилъеца кидаго цIунизе руго рекIелъ», — ан абуна гьес.
Хварасе дугIа гьабуна шайих АхIмад-хIажи ГIабдулаевас. Гьес бицана жиндир эменги рагъда гIахьаллъанилан ва, диналъулги миллаталъулги батIалъи гьечIого, тушманасде данде рахъун рукIанин тIолабго улкаялъул халкъал. «ЧIагоязда кIочене бегьуларо рагъда чIварал ракьцоял. Гьезул лъикIабщинаб гIамалги ишалги рехсезе ккола нилъеца. Умумузул мисалалъе му­ста­хIикъаллъун рукIине хIа­ракатги гьабизе ккола. Аллагьас нилъее киназего тавпикъ кьеги, нилъерго ва­тIанги халкъги бокьизе, гьеб цIу­низе рахъине хIадураллъун ру­кIине», — ян абуна муфтияс.
«Рокъобе нух» абураб ТIол­гороссиялъул жамгIияб проек­талда рекъон, КIиабилеб ду­ня­лалъул рагъда хварал ва араб бакI лъачIого тIагIарал гIадамал ралагьулел руго. Проекталъул нухмалъулев Сергей Мочинскияс гьадин абуна данделъиялда: «Сержант Казбековги гьесул кIиго гьалмагъги 73 соналъ эхетана жидерго посталда. Дида лъаларо, щал рукIарал гьесул гьудулзаби, гьеб лъиданиги киданиги лъазеги батиларо. Дун гьавуна ва гIуна Смоленск шагьаралда, амма дица Казбеков рикIкIуна дирго ракьцоявлъун. Нилъер щивасул вуго 27 миллион ракьцояв»,-ан.
Республикаялъул ТОКСа­лъул къокъабаз митингалда рикIкIана рагъул темаялда кучIдулги.
МухIамад Казбековасул медальги цогидал жалги кьуна гьесул васасул яс Губай Казбековалъухъе. СихIкъотIиялъул лахIзатги гIуцIун, митингалъул гIахьалчагIаз кIодо гьаруна рагъда хварал бахIарзал.
Кавсарат Сулейманова