Нахъеги мацIалъул хIакъалъулъ

РачIана цого пикруялде

 

АрбагI къоялъ «ХIакъикъат» газеталъул редакциялда гьоболлъухъ рукIана магIарул жамагIаталъул цо-цо вакилзаби: Сайгидпаша ГIумаханов, Дагъистаналъул транспорталъул, энергетикаялъул ва бухьеналъу­л министр, Абулмуслим МуртазагIалиев, МахIачхъалаялъул шагьаралъул собраниялъул председатель, МухIидин МухIидинов, Дагъистаналъул Халкъияб Собраниялъул депутат, Зикрула Илясов, Россиялъул халкъазул ассамблеялъул Дагъистаналъул отделениялъул председатель, АхIмад МуртазагIалиев, РАНалъул ДНЦялъул ИЯЛИялъул гIелмияв хIалтIухъан.
Данделъи бачана «ХIакъикъат» газеталъул бетIерав редактор ГIали Камаловас. Жиндирго кIалъаялда гьес бицана жакъа магIарулазул гIумруялъулъ кколел ругел хиса-басиязул, рахьдал мацIалъул, миллияб басма хъваялъул ва цIалиялъул хIакъалъулъ. Халкъалда гьоркьоб, хасго шагьаралъул агьлуялда жаниб миллияб мацIалъул къимат гьечIолъиялъ, умумуз гьеб лъималазда бицунгутIиялъ нилъер миллатги, гьелъул культураги, адабиятги, миллияб гIамал-хасиятги лъикIаб гьечIеб, балагьаб бакIалде ккезе бегьулин абуна гьес.
Сайгидпаша ГIумахановас баян гьабуна жакъа Дагъистаналъул нухмалъиялда бугеб ахIвал-хIал, хасаб кIвар кьуна республикаялда газалдаги токалдаги сверухъ ругел суалазде. Гьелдаго цадахъ Сайгидпашаца цIакъ рахIатхун бицана гьаб заманалда республикаялъул политикияб гIумруялъулъ, хасго гьелъул нухмалъиялда магIарулаз кколеб бакI загIиплъиялъул, миллаталда жаниб гьечIеб цолъиялъул, рахьдал мацIалдехун нилъер гIадамазул бугеб тIаса-масагояб бербалагьиялъул хIакъалъулъ. Гьес загьир гьабуна пик­ру миллаталъул рахIатхвезабулел, чара гьечIого гьоркьор лъезе кколел суалазда сверухъ кIвар бугеб гара-чIвари гьабизе кколилан. Гьелъие лъикIаб заманлъунги гьесда бихьулеб буго тIасияб соналъул февраль моцIалда тIобитIулеб Халкъазда гьоркьосеб рахьдал мацIалъул къо.
Шагьаразул школазда рахьдал мацIал малъиялда церечIарал масъалабазул, гIун бачIунеб гIелалда гьоркьоб гьелдехун бугеб бербалагьиялъул хIакъалъулъ бицана Абулмуслим МуртазагIалиевас. Гьесул пикруялда рекъон, рахьдал мацIалде, миллияб культураялде, гIамал-хасияталде аслияб кIвар кьезе ккола рокъоб, хъизамалда жаниб.
Гьединабго пикруялъул рукIана Му­хIи­дин МухIидиновасулги АхIмад Мурта­з­­агIалиевасулги кIалъаял. Гьел ва гьел гурелги суалал рорхана данделъиялда гIахьаллъарал цогидазги. Киналго рачIана цо пикруялде: гьаб заманалда хIажатаблъун бихьулеб нилъер халкъалда церечIарал политикиял, социалиял, рухIиял, жамгIиял суалал гьоркьор лъезе, гьезда сверухъ гара-чIвари гьабизе цо тIолгомиллаталъулаб тадбир тIобитIи. Гьелда тIасан рукIана батIи-батIиял пикраби: кинаб къагIидаялда, кин ва кида гьеб гьабун лъикIилан абурал. ЛъикIаблъун рикIкIана, гIакълу дандбазе, пикраби загьир гьаризе гIоло, цин магIарул вакилзабазул гьитIинабго данделъи тIобитIизе.
Редакция