19 октябралда МахIачхъалаялда рагьана «Россия – дир тарих» абун цIар кьураб парк-музей
Музей бан буго Дахадаевасул къватIги имам Шамилил проспектги цолъулеб бакIалда, КIудияб мажгиталда аскIоб.
«Россия – дир тарих» комплексалда бихьизабула улкаялъулго тарих, гьелъие хIалтIизарула гьанжезаманалъул технологиялги. Музеялда буго Россиялъул тарихалъул хIакъалъулъ бицунеб ункъо зал, «Дир Дагъистан» абун цIар кьураб щуабилеб залалда бицуна республикаялъул тарихалъул хIакъалъулъ.
Музей рагьиялъул тадбиралда гIахьаллъарав ДРялъул хIукуматалъул председательасул ишал тIуразарулев ГIабдусамад ХIамидовас бицана гьеб проекталъул аслияб масъала бугин нилъерго улкаялъул тарих лъазаби. Гьединго, музеялъе къимат кьолаго, Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-хIажи ГIабдулаевасги абуна гьединаб музей мажгиталда аскIоб букIиналъ рес кьезе бугила тахшагьаралъул гьалбадериеги какде рачIунезеги жидерго улкаялъул тарих лъазабиялъе гуребги, Россиялъулги Дагъистаналъулги рухIияб гIумруялда ккарал хиса-басиязул хIисаб гьабизегиян.
Музеялъулаб комплексалъул кIодолъиги берцинлъиги бихьичIого, бицун чи божиларо. ТIоцебесеб тIалаялда буго республикаялъул халкъазул культураялъул ва гIадатазул бицунеб «Дир Дагъистан» абураб зал. КIудияб бакI ккун буго ТIоцебесеб ва КIиабилеб дунялалъул рагъазул хIакъалъулъ бицунел экспозицияз, интерактивиял цадахълъелаз ва столазул, мультимедийниял тIахьазул кумекалдалъун балагьарасда цере рукIуна гьел рагъазул аслиял лъугьа-бахъинал.
Рес буго, экспонатал кIодо-гьитIин гьарун, доре-гьанире рачун, балагьизеги.
Музеялда данде гьабун буго ДГУялъул тарихияб факультеталъул хIалбихьи бугел преподавателазул — лекторазул профессионалияб къокъа. Буго гьебго факультеталъул гIолохъанал хIалтIухъабаздасаги гьеб лъугIараздасаги гIуцIараб гидазул къокъаги. Гьез музеялде рачIарал рачуна залазде, бицуна кIвар бугел экспонатазул хIакъалъулъ.
Гьаниб буго 300 бакI бугеб конференц-зал. Гьеб гуребги, руго 10-15 чиясе лекциял тIоритIизе рес бугел рукъзалги. Аудио-видеоялъул ва суратазул кумекалдалъун ракIалдачIола бихьарабги бицарабги.
Музеялъул сверухълъиялда чIун буго 500 гъветI ва берцин гьабун буго гIурччинлъиялдалъун. ХIухьбахъулезе тIадеги гьарулел руго паркалъулаб зона, машинаби лъезе бакIал, унел руго аскIор ругел спорткомплекс, гостиница, бассейн баялъул хIалтIабиги. Тарихияб паркалъул чIухIилъун лъугьине буго комплексалъул фойеялда лъезе бугеб Дагъистаналдаса цIар рагIарав летчик, Совет Союзалъул БахIарчи Юсуп Акаевасул Ил-2 самолеталъул дурусаб копия.
Музеялде щведал ва гьениб бугеб бихьидал, Москваялда бугеб «Россия — дир тарих» абураб гьединабго паркалъул директор Иван Есиница абуна, ВДНХялъул павильоналдаса хадуб гьаб бугила Россиялда бищунго кIудияб тарихияб парк.
Тарихияб паркалъул гIаммаб гIатIилъи буго 13 азарго квадратияб метр. Гьелъул щуазарго квадратияб метр кьун буго экспозициялъулал залазе.
Паркалда хIалтIулев вуго 34 чи: экскурсоводал, тарихчагIи, экскурсиязул программаби гIуцIулел махщелчагIи, гьединго техникиял хIалтIухъаби.
Нури Нуриев