Цадахъ ургъани, нух батула

23-24 октябралда Дагъистаналде рачIун рукIана РФялъул Пачалихъияб Думаялъул Лъайкьеялъулги гIелмуялъулги комитеталъул вакилзаби

 

Федералиялги республикая­лъул­­ги депутатазул цадахъаб данделъиялда бицана Дагъистаналъул лъайкьей камил гьабиялъул хIакъалъулъ. Данделъиялда гIахьаллъана улкаялъул цогидал регионазулги федералиял министерствабазулгун лъайкьеялъул гIуцIабазул нухмалъиялъул вакилзабиги.
Данделъи тIобитIана Пачалихъияб Думаялъул Комитеталъулги регионалияб парламенталъулги хIаракаталдалъун. ДРялъул бетIе­расул ишал тIуралев Владимир Васильевасул рахъалдасан данделъиялъул гIахьалчагIазе саламги кьун, ДРялъул Халкъияб Собраниялъул председатель Хизри ШихсагIидовас рехсана церелъезе ругел аслиял масъалаби.
1. Кинаб къисмат букIине бугеб рахьдал мацIазул. Гьелда бан, гьадин абуна ШихсагIидовас: «Жакъа нилъеда бихьулеб буго, гIемерисел нилъер лъималазда рахьдал мацI лъалеб гьечIеблъи. Гьелъие буго чанго гIилла: росабалъа шагьаразде гIадамал гочин, миллатазда гьоркьосел ригьнал гьари, сверухълъиялда рахьдал мацI бицунгутIи. ЦIакъго хашаб хIал буго шагьаразда: лъималазул ахикьги, школалдаги, вузаздаги кIалъалел руго гIурус мацIалда. Буго гьелъул лъикIаб рахъги – лъималазда камилго лъалеб буго гIурус мацI. Амма жидерабго кIочонебги буго».
2. Дагьалкомплектазул школал. Гьенир гIолел гьечIо учительзаби, гIуцIун гьечIо лъимал цIализариялъе рукIине кколел шартIал. «Гьединал школазда цIалдохъанасе камилаб лъай кьун бажаруларо. Бокьилаан, цогидал регионазул вакилзабаз гьеб рахъалъ бугеб хIалбихьиялъул хIакъалъулъ бицани. Ниж ургъулел руго цо-цо росабалъ школа-интернатал рагьиялда тIад. Советияб заманалда гьел рукIана ва гьединаб хIалбихьиги ни­лъер буго. ГьабсагIаталда бугеб цIалул къагIидаялъул лъикIал хIа­силал кколел гьечIо. Яги щибаб росулъе нухал гьаризе ккола ва лъимал рачине ккола мадугьалихъ ругел чIахIиял школазде», – ян абуна регионалияб парламенталъул нухмалъулес.
РФялъул Пачалихъияб Думаялъул Лъайкьеялъулги гIелмуялъулги комитеталъул председатель Вячеслав Никоновас абуна Дагъистаналъул лъайкьеялъул ургъалица республикаялде вачIун вугин РФялъул 27 субъекталъул вакил. «Гьанире рачIун руго РФялъул Лъайкьеялъул ва гIелмуялъулги, СахлъицIуниялъулги, Культураялъулги министерстваба­зулги, Рособр­надзоралъулги, МВДялъулги, Генералияб прокуратураялъулги цогидалги идарабазул вакилзабиги. Гьанир тIоритIизе ругел данделъабазда бицине буго улкаялъулго лъайкьеялъе цIикIкIараб кIвар бугел масъалабазул хIакъалъулъ», – ан бицана гьес.
Ахирал соназда, гIемер лъимал гьарулел рукIиналда бан, школазда ва лъималазул ахазда бакIал гIолел гьечIинги абуна Никоновас: «Лъабго соналъ цебе Дагъистаналъул школазде тIоцебесеб классалде ана 39 азарго лъимер. Исана гьединазул къадар бахана 50 азаргоялде. Гьеб буго нилъ рохизе ккараб хIужа. Амма, гьелдаго цадахъ гьединаб ишалъул хIасилалда дагьлъана школаздаги лъималазул ахаздаги бакIал. Гьеб буго кIвар цIикIкIараб ва тIоцебесеб иргаялда тIубазабизе кколеб масъала. Гьединал гурони масъалаби чIогеги нилъеда цере. Гьединлъидал улкаялъул президентас лъазабуна Россиялъул школазда 6,5 млн бакI хIадуреян. Советияб заманалдаса хадусел соназул хIисаб гьабуни, ахирал соназда ралел руго лъайкьеялъул идарабазе гIемер бакIал. Амма хIакъикъаталда хIажалъулелгIанасел бакIал ран рахъинаризе хадургъолелго гьечIо нилъ», -ан.
Вячеслав Никоновас бицана гIа­ммаб лъайкьеялъул идарабазда гIум­­руялде рахъинарулел ругел цIиял федералиял стандартазулги, ахирал соназда ракIбацIцIадго ЕГЭ кьолеб букIиналъулги, цIа­лул прог­ра­мма­базулгун цIалул тIа­хьазул ругел масъалабазулги хIакъалъулъ. «ТIолабго улкаялда руго дагьалкомплектазул школал. Гьезул масъа­лабазул хIакъалъулъ бицине ккола хасаб данделъиялда», – ян пикру загьир гьабуна гьес.
Рособрнадзоралъул нухмалъулев Сергей Кравцовас гIатIидго бицана ахирал соназда ракIбацIцIадго ЕГЭ кьеялъул мурадалда гьабураб хIалтIул хIакъалъулъ. Гьес баркала кьуна регионалъул нухмалъиялъеги республикаялъул Лъайкьеялъул ва гIелмуялъул министерствоялъеги ва бицана дагьалъ цебе учительзабазул лъаялъул халгьабиялъулги. «4,5 азарго учителасда гьоркьортестал тIоритIана нижеца. Гьезда гьоркьор руго жидерго лъай камил гьабизе кколел педагогалги», – ян абуна Кравцовас.
Дагъистаналъул лъайкьеялда бу­геб хIалалъул хIакъалъулъ бицуна­го, ДРялъул лъайкьеялъул ва гIелмуялъул министрасул ишал тIуралев ШагьгIабас Шагьовас рех­сана гьадинал хIужаби: «600 азаргогIанасев гIолилав цIалулев вуго кIинусгоялдаса цIикIкIун лъайкьеялъул идараялда. 2013 соналдаса нахъе хIалтIизе байбихьана 103 школалда цебесеб лъайкьеялъул идара. Гьезда гьоркьоса 54 бана школалда цебесеб регионалияб лъайкьей цIигьабиялъул проекталда рекъон. Школалда цебесеб лъайкьей щолеб буго 53 азарго лъимадуе. Амма лъабгоялдаса анкьго сон барал киналго лъималазе бакI гьабун жеги бажаричIо: жеги иргаялда вуго 20 азарго чи.
2017 соналда бан бахъинабуна 13 школа, кIиго школалда ахир лъуна лъабго сменаялда цIали гIуцIиялъеги. Школазда цIиял бакIал гIуцIиялъул хIакъалъулъ федералияб программаялда рекъон, жеги балеб буго 3552 цIалдохъанасе бакI бугеб анкьго школа. Лъабго сменаялда цIали лъугIизабизе ккани, базе ккола ичIазаргоялдаса цIикIкIун бакI бугеб 17 школа. Федералияб бюджеталдаса гьелъие кумек гьабуни, 2018 соналде лъабго смена хутIизе гьечIо», -ян.
Данделъиялъул ахиралда лъайкьеялъул лъикIал хIалтIухъабазе шапакъаталги кьуна.

Кавсарат Сулейманова