Сессия

Унтарал гIадамалги  хIакимзабазул лъималги

 

Краснодаралде дандеккун,
МахIачхъалаялда налогал дагь ракIарулел ругин лъазабуна спикерас

Дагъистаналъул Халкъияб Собраниялъул анлъабилеб ахIиялъул анцIила лъабабилеб сессиялъул халгьабиялде босун букIана кинабниги 33 суал. Депутатазул коммунистазул фракциялъул вакил, Дагъистаналъул Халкъияб Собраниялъул председателасул заместитель МахIмуд МахIмудовас бицана республикаялда учителасул бугеб кIваралъулги ва гьесие шартIал чIезаризе ккеялъулги.

Ахти, ЦIумада районазда судиял тIамиялъул суалалдаса хадуб, сессиялъ «ХIукуматалъул сагIаталда» халгьабуна «Дагъистаналда пайдаяб агропромышленнияб комплекс» абураб, республика цебетIеялъул аслиял проектазул цояблъун кколеб бутIа гIумруялде бахъинабиялъул.
Гьелъул бицунаго, депутат, «Цогояб Россиялъул» республикаялъул отделениялъул вакил Висампаша Ханалиевас тIадчIей гьабуна республикаялда сахлъицIуниялъул идарабазда хIалтIи гIуцIун бугеб ахIвал-хIалалда ва гьенир ругел гIунгутIаби тIагIинариялда. Гьес бихьизабуна 60-ялдаса цIикIкIун процент унтараз дараби жидецаго росизе кколел ругин.
ГIадамал сах гьаризе биччалеб гIарцул къадар соналдаса соналде дагьлъулеб бугинги абуна гьес. Гьеб суалалда бан хIукуматалда тIадаблъун гьабуна республика­ялъул гIадамал сахгьарулел идарабазе гIураб къадаралда ва жиндир заманалда гIарац кьезе.
Сессиялда борхана Нугъай районалде республикаялъул бетIер Вла­димир Васильевас бухьараб са­паралъул хIасилалда ратарал гIунгутIаби тIагIинариялъул суалги. Гьелда тIасан баян кьуна ва гьабураб хIалтIул бицана хIукуматалъул председателасул заместителасул ишал тIуразарулев Раюдин Юсуповас.
Халкъияб Собраниялъул председатель Хизри ШихсагIидовас абуна республикаялъул ХIисабалъул палатаялда хIалтIулел ругила гIемерал хIакимзабазул лъимал. Гьеб суалалде жанире раккун, тадбирал гьаризе ккелинги лъазабуна гьес. Гьединго гьес кIварбуссинабуна республикаялъул министерствабазда заместителазул къадар цIикIкIараб бугилан.
Гьениб гIадлу-низам чIе­забизе тIадкъана хIукуматалда. Гьелдаго цадахъ спикерас бадибчIвай гьабуна МахIачхъалаялда налогал дагь ракIарулел ругиланги. Чи рикIкIун гьел ракIари, масала, Краснодар шагьаралде дандеккун нилъер тахшагьаралда дагь бугила 5 нухалъан бихьизабуна гьес.
Сессиялда халгьабуна Дагъистана­лъул Конституциялда хиса-басиял гьариялъул суалалъулги. Гьел аслияб куцалда рухьарал руго республикаялъул бетIер Россиялъул президентас хIалтIудаса эркен гьавиялъул шартIазда.
Сессиялда гьоркьоб лъуна пенсионеразе гIумру гьабизе чара гьечIеблъун кколеб гIарцул къадар чIезабиялъул суалги. Дагъистаналда гьеб бахана 8680 гъуршиде.
КIиабилеб цIалиялда сессиялъ къабул гьабуна «Дагъистан Республикаялъул тарихиял лъугьа-бахъинал ва цIар рагIарал хIаракатчагIи ракIалдещвеялъул хIакъалъулъ» законги. Гьединго гьоркьор лъуна Дагъистаналъул цо-цо законазда хиса-басиял гьариялъул суалалги ва щибалъе рекъонкколел хIукмабиги гьаруна.

Зикрула Илясов