АхIи базе ккараб хIал

Кваналарин чIун руго «афгъанцал»

 

Гьоболасде гIарз гьаби рекъон
букIинарилан сабур гьабун рукIана

17 сентябралда МахIачхъалаялъул «Афгъаназул» паркалдеги рачIун, лъебергогIанасев афгъаназул рагъул гIахьалчияс лъазабуна жидер мурад тIубачIого жал гьаниса нахъе ине гьечIин ва кIалдиб мочIу лъеларин. Гьезин абуни тIалаб гьабулеб буго законалда рекъон анцI-анцI соназ цебего гьезие кьезе кколеб букIараб мина-рукъ яги гьелъул бакIалда — жилищнияб сертификат.
Гьеб ккола «афгъаназ» цебегоялдаса нахъе борхулеб бугеб, басралъараб, херлъараб, амма тIалъиялъ кинго тIубазабуларого бугеб захIматаб масъала. Масала, исана 15 февралалда, Афгъанистаналдаса советияб аскар нахъе бачаралдаса 30 сон тIубаялъул хIурматалда МахIачхъалаялда тIобитIараб митингалда, ДРялъул захIматалъул министрасул заместитель Зураб БахIамадовас абун букIана 400 «афгъанасе» субсидия кьунин, хутIаразе кватIичIого кьезе бугин.
Гьанже ракъунчIей лъазабураз абулеб буго жидее хIажат бугин республикаялъул бетIер Владимир Васильевгун дандчIвазе ва гьесда цебе мина-рукъалъул суалги лъезе. «Гьединго борхизе буго санаториябгун курорталъулаб сахгьариялъул центр баялъул масъалаги, — ян абуна Афгъанистаналда разведротаялда хъулухъ гьабурав ХIасани ХIасаниевас. — СМИялдасан цIалана, цере обкомалда, райкомазда хIалтIарал хIакимзабазул пенсиялде тIаде жубазе бихьизабун бугин 49 млн гъурущ. Гьезие кьезе батулеб гIарац, нижее кьезе щайха батулареб?! Гьелъул бицун В. Путиниде гIарз бахъилин рукIана. Нилъехъе гьоболлъухъ вачIарав чиясде гIарз бахъизе рекъон букIинарилан сабру гьабун тана».
«Афгъанав» Селим Селимовас бицана 11 чигун цадахъ жив гIумру гьабун вугила 27 квадратияб метр гIатIилъи бугеб рокъов.
«2008 соналдаса нахъе нижеца хитIаб гьабичIебги ниж щвечIебги бакI хутIичIо. «Добго хурив довго Мусайин» абухъе буго ахIвал-хIал. Малъкъосиналъ рахъана къватIире. ХIасил ккечIого нахъе инеги ракIалда гьечIо. Нижеца цереги тIоритIана батIи-батIиял акциял, амма республикаялъул хIукуматалъул вакилзабазул гьариялда рекъон ва рагIи кьеялда божун нахъе унаан. Амма гьаб нухалда гьедин букIине гьечIо. ХIисаб гьабе, жакъа республикаялда жилищнияб сертификат кьоларого къварилъиялда вуго гIага-шагарго 1500 «афгъанав», — ан бицана МухIамаднаби МухIамадшариповас.
ДРялъул ЗахIматалъул министерствоялъул баяназда рекъон, рукъ щвеялъе иргаялда вуго 800 «афгъанав», гьелъие къваригIуна миллиард гъурщидаса цIикIкIараб къадар гIарцул. ХIисабалъулаб палатаялъул нухмалъулесул рагIабазда рекъон, хIукуматалъухъа бажарулеб гьечIо республика цебетIезабиялъе биччараб гIарцудаса тIубанго пайда босун, ай гьеб хIалтIизабун. ТIоцебесеб сентябралде нахъе хутIунги буго 19,475 миллиард гъурущ. Гьеб нахъбуссун Москваялдего битIизе кколеб буго. Амма гьебго заманалда 800 ветеранасе мина-рукъалъул сертификат кьезе къваригIунеб цо миллиард гъурущ батулеб гьечIо.
Нури Нуриев