Новость на родном

Ираналъул вакил – Дагъистаналда

    22 июналда МахIачхъалаялде вачIана Россиялда вугев Ираналъул официалияв вакил Казем Жалали. Цо-цо баяназда рекъон, гьев дандчIвазе вуго ДРялъул бетIер Сергей Меликовгун, муфти АхIмад-хIажи ГIабдулаевгун, Дармилабгун промышленнияб палатаялъул нухмалъулелгун, ДГУялъул вакилзабигун. Хадув гьев щвезе вуго Дербенталъул некIсиял объектазде, МахIачхъалаялда бугеб азербайжаназул мажгиталде, гьединго пачалихъияб гIорхъода лъурал пунктазде. МахIачхъалаялде вачIиналде цебесеб къоялъ Казем Жалали щвана...

Новость на родном

ХIажизаби къватIире рахъана

  21 июналда нилъер хIажизабазул тIоцебесеб къокъа къватIибе бахъана. Исана Россиялдаса хирияб ракьалде сапар гьабизе буго 12 500 чияс. Нилъер республикаялдаса хIежалде ине вуго 7500 чи. Улкаялъул киналго регионазда гьоркьоб гьеб ккола нилъее щвараб бищун цIикIкIун квота. Пандемиялъул хIасилалда гьоркьоб къотIунги букIун, лъабго сон индал тIоцебе гьабулеб хIежалъул сапар буго исана байбихьулеб. — Санкциял лъазарун...

Новость на родном

25-абилеб форумалда гьабураб 16 къотIи-къай

       Исана 25-абилеб нухалда тIобитIараб Петербургалъул халкъазда гьоркьосеб экономикияб форумалда (ПМЭФ-2022) Дагъистаналъ 16 батIияб къотIи-къай гьабуна туризмалда, Сбербанкалда, ВТБялда, гIелмуялда, экологиялда, нухазул магIишаталда ва цогидалда хурхун. ДРялъул бетIерасул официалияб сайталда хъвавухъе, 20 июналда ДРялъул нухмалъиялда тIобитIараб данделъиялда Сергей Меликовасбицана, масала, ВТБялъулгун гьабураб къотIи- къаялда рекъон, республикаялда цебетIелин къарзалъе гIарац кьеялъул къагIида, рес щвелин...

Новость на родном

Дагъистанги гIахьаллъана

  15 июналда Санкт-Петербургалда байбихьана халкъазда гьоркьосеб экономикияб форум (ПМЭФ). Гьелъул аслияб тема ккола – «ЦIияб дунял – цIиял ресал» абураб. Дунялалдаго лъугьарал хиса-басиязда рекъон цIияб экономика гIуцIулеб къагIида бихьизабула гьелъ. Пе- тербургалъул экономикияб форумалда Дагъистаналъул делегациялъе бетIерлъи гьабулеб буго республикаялъул бетIер Сергей Меликовас.    Форум байбихьилалде Дагъистаналъул бетIер щвана Ленинградалъул блокадаялъул къурбаналлъун лъугьарал гIадамазул...

Новость на родном

ФАПазда сверухъ цIех-рех

     Россиялъул ЦIех-рехалъул комитеталъул ДРялда бугеб управлениялъ байбихьун буго ЦIунтIа районалъул ФАПазда хурхун уголовнияб дело гьабизе.    Гьеб сюжеталда бицухъе, чи сах гьавиялъе рукIине кколел шартIал ФАПалда гьечIолъиялъ сакъатлъи ккун буго чанго соналъ цебе квер къотIарав гIолохъанчиясе. ЦIех-рехчагIаз лъазабулеб буго жидеца гьеб ФАПалъул халги гьабунин, гьелъул хIалтIухъабазухъа суравги босанин, дарабиги цогидаб къайи-цIаги гьениб чIезабизе...

Новость на родном

Туристазе хIинкъи бугел бакIазда цIар чIвана

        6 июналда Унсоколо районалъул Рихьуни росдада гIагарлъухъ хвасар гьавуна цIадакьаги рахчун, кьурабалъ кьерун чIарав 15 турист.  Буйнакскиялдаса МЧСалъулаз ахIун бачIун, гьел ралагьизе къватIире рахъана Унсоколо районалда бугеб МЧСалъул хIалтIухъаби.        Гьелъул нухмалъулев ГIабдурахI­ман Мусаевас «ХIакъикъаталъе» бицухъе, рихьундерил бегавуласул, росдал гIадамазул, полициялъул хIалтIухъабазул кумекалдалъун бажарун буго туристал рахчун чIараб бакI...

Новость на родном

Байил-шайихас Гьебзуде ахIана

     ЛъаратIа районалъул Гьебзуда росулъ бугеб Байил-шайихасул хабатIе зиярат гьабуна республикаялдаги гьеб тун къватIирги ругел нилъер ракьцояз. Масала, Дальний Востокалъул муфти Рамазан ГIалиевас, Хабаровск краялъул муфти МухIамад-хIажи ГьитIиновас ва цогидазги. Кинавниги азаргогIанасев чи вукIана гьенив.      Чуязда рекIун щиб, лъелго щиб, умумузул заманалдаса байбихьун букIараб гIадат кколин Байилшайхасул хабатIе зиярат гьабиян бицана тадбиралда...

Новость на родном

Нух къана, амма Сулахъ къварилъиялде гуреб

      Гьал къоязда интернеталда тIибитIун букIана Казбек районалъул администрациялъ Сулахъалъул къварилъиялде машинадул нух къан бугин абураб баян. Амма, администрациялдаса щварал баяназда рекъон, къан буго «Миякьо ГЭС – ЦIобокь» абураб нух, гьебги – ГИБДДялъул бихьизабиялда рекъон. Исана 13 маялда ДРялъул УГИБДДялъ Казбек районалъул администрациялъухъе битIараб кагътида хъвалеб буго букIине кколедухъ къачIан бахъинегIан, 14 километралъ...

Новость на родном

Гьунухъ росулъ – субботник

    ХIукуматалъул идарабаз гьабизегIан балагьун чIечIого, росабиги чIунтизе течIого, росдал хIалтIаби жидедаго тIаде росулеб лъикIаб гIадат буго нилъер жамагIатазул. Масала, гьал къоязда ЧIарада районалъул Гьунухъ росулъ тIобитIана шагьаразда гIумру гьабулел росуцоялги гIахьаллъараб субботник. Гьез маххул сеткаялъ сверун къана росдал ах, бацIцIад гьабуна мажгиталде унеб нух, ганчIалги нахъе рехун, хIадурун буго воркаут-площадкаялъе бакI, шагьранух ккун...

Новость на родном

Цветковкаялъулазе — футбол хIалеб майдан

    8 июналда Гъизляр районалъул Цветковка росулъ рагьана 10 млн гъу- рущги харж гьабун рагIалде бахъинабураб футбол хIалеб майдан. Гьелъие квербакъи ккана «Комплексное развитие сельских территорий на период 2020-2025 годы» абураб пачалихъияб программаялъул. ХIалтIул ишалъ Гъизляр районалде щварав ДРялъул хIукуматалъул председатель ГIабдулмуслим ГIабдулмуслимовги гIахьаллъана гьеб тадбиралъулъ. Премьерас бицана цебехун рехсараб программаялъул кьучIалда республикаялда анцI-анцI...