Нух къана, амма Сулахъ къварилъиялде гуреб

 

    Гьал къоязда интернеталда тIибитIун букIана Казбек районалъул администрациялъ Сулахъалъул къварилъиялде машинадул нух къан бугин абураб баян.

Амма, администрациялдаса щварал баяназда рекъон, къан буго «Миякьо ГЭС – ЦIобокь» абураб нух, гьебги – ГИБДДялъул бихьизабиялда рекъон.

Исана 13 маялда ДРялъул УГИБДДялъ Казбек районалъул администрациялъухъе битIараб кагътида хъвалеб буго букIине кколедухъ къачIан бахъинегIан, 14 километралъ халат бахъунеб гьеб нухдасан микьго чиясдаса цIикIкIун чи ваччулеб транспорт биччагейилан.

  З. ХIажиева