Гьунухъ росулъ – субботник

 

  ХIукуматалъул идарабаз гьабизегIан балагьун чIечIого, росабиги чIунтизе течIого, росдал хIалтIаби жидедаго тIаде росулеб лъикIаб гIадат буго нилъер жамагIатазул.

Масала, гьал къоязда ЧIарада районалъул Гьунухъ росулъ тIобитIана шагьаразда гIумру гьабулел росуцоялги гIахьаллъараб субботник. Гьез маххул сеткаялъ сверун къана росдал ах, бацIцIад гьабуна мажгиталде унеб нух, ганчIалги нахъе рехун, хIадурун буго воркаут-площадкаялъе бакI, шагьранух ккун гIебеде лъун руго бецIцIун бачIараб лъим чвахизе рогIрал. Гьединго боцIи хъолеб бакI гьабизе бухъун буго 20 метралъул манзилалда кьучI, бан буго метргун бащдаб борхалъиялъул къед.