ДРялъул бетIерасул ишал тIуралес лъазабуна нилъ битIараб нухда ругин Владимир Васильевасул нухмалъиялда гъоркь, 20 июналда МахIачхъала шагьаралда тIобитIана республика социалиябгун экономикияб рахъалъ цебетIеялъул суалал рорхараб данделъи. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Халкъияб Соб-раниялъул председатель Хизри ШихсагIидовасги, хIукуматалъул председатель Артем Здуновасги, республикаялъул бетIерасул ва хIукуматалъул администрациялъул нухмалъулев Владимир Ивановасги, хIукуматалъул председателасул заместителазги, министразги.Пачалихъалъул идарабазул хIалтIухъабазе кьезе кколел...

