АрбагI къоялъ МахIачхъала шагьаралъул мэр Салман Дадаев дандчIвана республикаялъул СМИялъул вакилзабигун. Гьенир гIахьаллъаразда гьоркьор рукIана миллиял газеталъул нухмалъулелги. ГIодове виччарав, жинцаго бицунеб жо мухIканго дандиясда бичIчIизабизе гьунарги гъваридаб лъайги бугев чи вугоан Салман. Гьединлъидал дандчIвай кутакалда интересаб, рагьараб ва ишалъулаб ккана.ГIолохъанав шагьаралъул бетIерас битIахъе гъаргъар бан ва ракI унтун бицунеб букIана МахIачхъалаялъул гьумер хисизабиялда ва...
