Новость на родном

ЖамагIаталъул кумекалдалъун

Гьал къоязда ЦIияб Хуштада росулъ бан лъугIана лъикIаб-кве­ша­лъеги, хвел-гIелалъеги дандеруссине кIитIалаяб мина. Гьеб бана Сайпудин ИсмагIиловасул хIаракаталдалъунги, росдал жамагIаталъул кумекалда­лъунги. ТIоцебесеб тIалаялда буго 200 чи гIодов чIолеб бакI, богорукъ. АскIор­го ран руго библиотекаги спортивияб залги. Гьеб мина рагьулеб данделъиялда гIахьаллъана росдалго жамагIат, рачIун рукIана гIемерал гьалбал. Данделъиялда кIалъазе рахъараз баркала загьир гьабуна росдал жамагIаталъе, гIолохъабазе...

Новость на родном

Конституция Къуръанги гурелъул…

ТIадегIанав Аллагьасул цIар — улкаялъул документалда. Нилъер республикаялъул муфтияталъ рахъккуна РФялъул Конституциялда хиса-басиял гьарулаго гьенибе Аллагьасул цIарги босизе ккелилан цебеккунго патриарх Кириллица загьир гьабураб пикруялъул. Киналго халкъал гIагар гьариялъе сабаблъун ккелин гьебилан абуна муфти АхIмадхIажи-афандияс.«Улкаялъул бищун аслияб закон хIисабалда, Конституциялъ жа­нире рачине ккола гIадамазул ру­хIияб напсалъул хаслъабиги. Щивав чиясул дин батIияб букIаниги, БетIергьан нилъер цохIо...

Новость на родном

«Контракт бокьиларищ, дун вачинарищ?»

Жакъасеб Россиялъул армиялъе хIажат ругин тIадегIанаб лъаялъул гIолохъабиян бицана 2 марталда ДГУялде рачIун рукIарал ДРялъул рагъулаб комиссариаталъул вакилзабаз.   Армиялде гIолохъаби ахIулеб бу­тIаялъул нухмалъулесул замес­титель, подполковник ХIусен ГIу­мархIажиевасги контракталда рекъон рагъулаб хъулухъ тIубазе гIолохъаби тIаса рищиялъул хIалтIи гьабулев, Астраханалдаса Сергей Новиковасги насихIат гьабуна студентазе гьениб.Диплом щвараб гIоларин, гьанже ватIаналда цебе тIадаб хъулухъ тIубазеги хIадур рукIине...

Новость на родном

Хурухъабигун гIияхъабазул къварилъи ва «гIатIилъи»

Цого жо цIалкIулел хIакимзабиги, анкьго гIетIги тIун хъахъусдилел фермералги, гранталги, къарзги, къасдалги, къваридал хьулалги. 4 марталда МахIачхъалаялда данделъун рукIана ДРялъул Фермеразулгун рекьарухъабазул ассоциациялъул (АФКОД) гIахьалчагIи. Гьединго гьениве вачIун вукIана Москваялъул Дармилгун промышленносталъул палатаялъул вакилги. Чанго батIияб суал борхана гьениб ва бищунго кIвар буссинабизе гIадал жакъасеб номералда кьолел руго.  Дагьаб цебегIан Москваялда тIобитIараб ТIолгороссиялъул фермеразул съездалъул...

Новость на родном

Cъездги гьелда сверухъ бахIсалги

Ункъо магIарулас хIаракат бахъулеб буго  исана Дагъистаналъул халкъазул съезд ахIизе. Гьел ккола техникиял гIелмабазул доктор МухIамад Чагучиев, «Дагестан Единый» абулеб жамгIияб гIуцIиялъул нухма­лъулев Юсупбег Юсупов, политолог,  Денга Халидов, Дагъистаналъул НКОязул Координациялъул советалъул нухмалъулев Шамил Хадулаев.   Гьезул цонигияс жеги чIезабун гьечIо съезд ахIулеб къоги. ГьабсагIаталда тIадбан унеб буго гьелде хIадурлъи.  Гьелда бан нижерги пикру ккана...

Новость на родном

«ХIалтIе, вацал»

    21 февралалда МахIачхъалаялда «Гьудуллъиялъул минаялъуб» тIоби­тIана рагъулгун патриотизмалъул темаялда хъварал кучIдуздаса данде гьабураб антологиялъул презентация. Гьелъие квербакъана Миллияб политикаялъул ва диниял ишазул рахъалъ министерствоялъ. ТIехьалда цIар лъун буго «Работайте, братья» абун (2017 соналъ такъсирчагIаз чIвалелде цебе полициялъул хIалтIухъан МухIамад НурбахIандовас абурал рагIаби). Гьелъул автор ккола Россиялъул Хъвадарухъабазул союзалъул секретарь Сергей Соколкин.    Аслияб...

Новость на родном

Ополченцазул сияхI: официалияб ва…

ДРялъул Халкъияб Собраниялъ хIукуматалде битIана 1999 соналда республикаялда ккараб рагъулъ гIахьаллъарал ополченцазул официалияб сияхI.    Гьенив вихьизавун вуго 461 чи. Цереккун пачалихъиял шапа­къатал ва лъукъа-къотIи щварал гIадамал ккола гьел. ХIукуматалъ кватIичIого удостоверениялги кьун, моцIи-моцIие рагъул ветерана­зего гIадаб гIарац биччазе буго гьезиеги.  Пачалихъиял шапакъаталги лъу­къа-къотIиги щвечIел ополченцалги руго. Гьезул сияхIги хIисабалде босизе бугин бицана Халкъияб Собраниялъул...

Новость на родном

Афгъанистаналде щола пикраби

  {mp3}3{/mp3}   15 февралалда 31 лъагIел сверана Афгъанистаналдаса советиял аскарал нахъе рачаралдаса. Гьезда гьоркьор рукIана 3000-ялдаса цIикIкIун нилъер ракьцоявги. Щибаб соналъ гьеб къо тIаде щварабго, МахIачхъалаялда бугеб «Афгъаназул ахикье» ракIарарал гьезие тIанчидасан баркиялъул каламги цIалун лъугIула хIакимзабаз афгъаналъулазул гьабулеб хIурмат.   Гьеб цохIо дир пикру гуро, жалго Афгъаналъул ветераназ чанго нухалъ тасдикъ гьабураб хIужа...

Новость на родном

Дербенталъул ригь нижедаго лъала

Дербент шагьаралъул мэр Хизри Абакаровасда ракIалда буго некIсияб шагьаралъул хIакъикъияб ригь щиб бугебали мухIкан гьабизе. Гьелда тIад хIалтIизе Россиялдаса археологазул къокъа ахIизе ракIалда буго гьесда.   Амма гьелдасаги цебе гьел археологал тIад хIалтIизе рагIула Нарын-Хъалаялда батараб некIсияб хутIелалъул цIех-рехалда тIад. 18 февралалда хIалтIулаб сапаргун Москваялда вукIаго, Дербента­лъул мэр дандчIван вуго археологазул къокъагун. Гьеб дандчIваялда гьесда...

Новость на родном

Гъизилюрталдаги ракIалде щвезаруна бахIарзал

Афгъанистаналдаса советиял аскарал нахъе рачаралдаса 31 сон тIубаялъул хIурматалда тадбир тIобитIана Гъизилюрт шагьаралъул администрациялдаги.   Гъизилюрталъул Херазул советалъул нухмалъулев МухIамад ГIабдулаевас ракIалде щвезаруна шагьаралъул №7 школалда жиндаго цере цIалулел рукIарал ва хадур Афгъанистаналда хъулухъ гьабулаго чIварал ХIасрат ХIасратовги Александр Шапошниковги. Гъизилюрталдаса кинавниги 11 гIолохъанчи чIван вуго Афгъанистаналда. Гьезул цIарал хъван руго Гъизилюрталъул «Афгъаналъулазул ахикь» бугеб...