21 февралалда МахIачхъалаялда «Гьудуллъиялъул минаялъуб» тIобитIана рагъулгун патриотизмалъул темаялда хъварал кучIдуздаса данде гьабураб антологиялъул презентация. Гьелъие квербакъана Миллияб политикаялъул ва диниял ишазул рахъалъ министерствоялъ.
ТIехьалда цIар лъун буго «Работайте, братья» абун (2017 соналъ такъсирчагIаз чIвалелде цебе полициялъул хIалтIухъан МухIамад НурбахIандовас абурал рагIаби). Гьелъул автор ккола Россиялъул Хъвадарухъабазул союзалъул секретарь Сергей Соколкин.
Аслияб къагIидаялда ВатIаналъе гIоло рухI кьун гIумруялдаса ратIалъарал гIолохъабазе сайгъат гьабун хъвараб бугин тIехьилан бицана миллияб политикаялъул ва диниял ишазул рахъалъ министр Энрик Муслимовас.
«Советияб хIукумат биххун хадуб чангиязул пикру букIана гьанжесеб гIел бахIарчиял ишал гьаризе гIураб тавакалги гьунарги жиделъ гьечIеб бугин абураб. Амма 1999 соналъ Болъихъгун ЦIумада рукIарал лъугьа-бахъиназда нилъер ракьцояз бихьизабуна гьеб пикру мекъаб букIин», — ан абуна министрас.
Хадуб гьес рагIи кьуна антология данде гьабурав Сергей Соколкиние.
«ТIоцебесеб нухалъ Дагъистаналде ХъахIал Къункърабазул байрамалде вачIарав дие кIудияб асар гьабуна нужер гIадамаз. Кутакалда гIадан хириял, рагьараб ракIалъул чагIи ратана дида дагъистаниял. Гьединлъидал, Москваялде нахъвуссиндал, дир кIудияб гъира бижана нужер хIакъалъулъ Россиялъул гIадамазе бицине. Чачаналъул рагъалъги терактазги ракIгъанцIизабун рукIарал гIурусазе Кавказалда батIиял гIадамалги ругилан бицине бокьун букIана дие. Расул ХIамзатовасулги, ралъдал тIиналда фашисталгун вагъун БахIарчиясул ЦIва щварав МухIамад ХIажиевасулги, гьанже заманалъул БахIарчи МухIамад НурбахIандовасулги Кавказ кинаб бугебали гьезда лъазабизе бокьун букIана», — ян бицана хъвадарухъанас.
Гьелъул кьучIалда гьес байбихьун буго чанго шагIирасул асарал жанире ракIарараб, ватIан бокьиялъул темаялда хъварал кучIдузул антология данде гьабизеги.
ТIадежураялги гьарун, гьанже къватIибе биччараб антологиялде ун руго Дагъистаналда, Крымалда, Сириялда ва Чачаналда ккарал лъугьа-бахъиназул хIакъалъулъ хъвараб 1300 кечI. Масала, гьенир руго Расул ХIамзатовасул, Марина АхIмадовалъул ва Россиялъул чанго регионалдаса шагIирзабазул кучIдул.
Презентациялда кIалъазе рахъана М. НурбахIандовасул эмен НурбахIанд НурбахIандов, ГIабдулманап НурмухIамадов, Карачаево-Черкесиялдаса поэт МухIамад Огъузов ва цогидалги.