Ункъо магIарулас хIаракат бахъулеб буго исана Дагъистаналъул халкъазул съезд ахIизе. Гьел ккола техникиял гIелмабазул доктор МухIамад Чагучиев, «Дагестан Единый» абулеб жамгIияб гIуцIиялъул нухмалъулев Юсупбег Юсупов, политолог, Денга Халидов, Дагъистаналъул НКОязул Координациялъул советалъул нухмалъулев Шамил Хадулаев.
Гьезул цонигияс жеги чIезабун гьечIо съезд ахIулеб къоги. ГьабсагIаталда тIадбан унеб буго гьелде хIадурлъи.
Гьелда бан нижерги пикру ккана съезд ахIизе ракIалде ккарав щивав магIаруласул пикру цIехезе. Къимат нужецаго кье.
Юсупбег Юсупов:
— Съезд гьабилищ-гьабиларищали чIванкъотIун нижеца дандбазе буго марталъул байбихьуда тIобитIизесеб «Дагестан Единый» гIуцIиялъул советалъул данделъиялда.
Амма гьелде щвезегIан нижеца хIалбихьана жидеца гьеб съезд гьабизе бугин лъазабурал чагIи данде гьаризе (Чагучиев, Хадулаев, Халидов). Дун батIа-батIаго кIалъазеги кIалъана гьезул щивавгун. Гьединго чанцIулго нижер гIуцIиялъул офисалде ракIарарал рагIи билълъарал гIадамазги абуна съезд хIажат бугилан.
Амма, хас гьабун ахIун рукIаниги, Халидовги Чагучиевги гьел данделъабазда гIахьаллъичIо. Чагучиевас ритIун рачIана жиндирго вакилзаби – МухIамад Шамиловги ГIалисултан ГъазимухIамадовги. Гьез рикIкIунеб буго съезд щивас жинцаго тIобитIизе кколилан. Гьеб мехалда дица абуна гьаб бакIалдацин цолъизе бажаруларел чагIи Дагъистаналъул халкъал цолъизаризе кинин рахъунел, нужеда хадуб халкъ бахъинилан кколебищин нужедаян. Гьеб киналъулго хIакъалъулъ информация нижеца къватIибе кьезе байбихьила гIицIго дица абулеб данделъиялдаса хадуб. Амма щибаб нухалда нижер офисалда тIоритIулел данделъабаздаса, бакIалги щвечIого, нахъецин уна гIадамал. Гьел унго-унголъунги ракIалда бугеб жо бицине урхъун, гьединал бакIазде рачIине къваригIун рукIин бихьулеб буго.
Дир хIисабалда, гIагараб заманалда нилъеца тIобитIизе ккола форум батаниги, конференция батаниги – цIар бокьараб лъе. Щибаб районалдаса, шагьаралдаса вакилзабиги ахIун, гьединаб мажлис гьабизе хIукму ккана нижер. Съездалдаго бащадаб тадбир букIина гьеб. Гьенир рорхила съездалдаго гIадал суалал – рищиязде хIадурлъи, республикаялда лъугьун бугеб экономикияб ахIвал-хIал, гIадамазе хIалтIизе бакIал чIезари, гьезие щолеб букIараб хайир мукъсанлъи ва цогидаб. Республикаялъул киналго гIузраби лъала нижеда. Гьел кин лъугIизаризе бегьулелали лъалел эксперталги руго нижеда гъорлъ.
Гьеб киналъулго гьабураб анализ буго дихъ. Жакъа-метер республикаялъул тIалъиялде битIила, доба гьеб гIадахъ босулищали бихьизе. БосичIони, кIудияб данделъиги гьабун, халкъалда цебе бахъилаха.
Шамил Хадулаев:
— Киназдаго ракIалда батила 2010 соналда тIобитIараб Дагъистаналъул халкъазул съезд. Гьенир щал рукIарал? Президиумалда кьерухъе гIодор чIарал чагIи аслияб куцалда ХъахIаб рокъоса хIакимзаби рукIана. Уйилан ккезе цо жамгIиял хIаракатчагIиги рукIана аскIорго чIезарун.
Гьедин дандекколаро. Халкъалъул съезд батани, гьенир рукIине ккола халкъалда гьоркьоса гIадамал. Нужеца абизе бегьила хIакимзаби халкъалъул чагIи гурищилан? ХIакимзаби руго хIакимзаби, халкъалда жанир ругел гIадамал батIиял руго.
Гьединлъидал нижее бокьун буго халкъияб съезд гьабизе, гьоркьор хIакимзабиги ругеб. Ниж тIалъигун рагъизе къачIарал чагIи гуро. Нижер мурад буго халкъалъул гIузраби гьезда ричIчIизари.
Коммерциялъул гурел жамгIиял гIуцIабазул Координациялъул советалъул нухмалъулев хIисабалда дун гIемер ккола республикаялъул хIукуматалъул минаялъуве, гьезда халкъалъул бугеб унти бицине. Амма цо-цо мехалда гьезул щаклъи бижулеб буго дидехун, дицаго ургъун бицунеб жо батилилан.
Гьел божулел гьечIелъул, риччай съездалде рачIине, гьениб гьезда рагIила халкъалъ жидецаго гьел гIузрабазул бицунеб. ТIалъиги халкъги цоцада рагIизе гьабулеб съезд буго нижеца гьеб.
Гьелъие хIадурлъи гьабулев ункъо чи вуго нижер. ГIицIго цо гьитIинаб гIунгутIи буго гьениб – Шамиловасул позиция бичIчIизе кIолеб гьечIо. Нижеда цадахъги вукIуна, суалалги дандрала, аскIоса ун хадув хиса-сверизабун бицун батула гьес Чагучиевасда. ХутIараб кинабго бегьулеб къагIидаялъ бугилан абизе бегьула. Киназулго пикрабиги цоцада дандекколел руго. Денга Халидовги гIемерисеб жоялда разилъулев вуго, амма гьес абулеб буго гьенире аслияб куцалда экспертал ракIаризе кколин — экономисталги, политологалги…
Дица абулеб буго гьенир, тIоцебесеб иргаялда, рукIине кколин щибаб мухъалъул вакилзаби, жамгIиял хIаракатчагIи, чIагояб пикруялъул гIадамал. Хадуб ахIизе бегьула Денгаца бицунел экспертазул къокъа. Дир пикруялъул рахъкколеб буго Юсупбег Юсуповасги.
РакIалде ккола Денга Халидовги нижеда хадув вилълъинилан. Гурони щивас батIаги кIанцIун, съездал гьаризе лъугьани, щиб кколеб? Съезд букIине ккола гIаммаб.
— Нуж хIукуматалъ ургъунго тIамун ругин Чагучиевасда дандеян бицунеб рагIана.
— Гьел руго гIадамаз ургъун рахъарал харбал. Дун дандчIвана ДРялъул бетIерасулги хIукуматалъулги администрациялъул нухмалъулев Владимир Ивановгун. Цо рагIицин абичIо гьес гьелъул хIакъалъулъ. ХIукуматалъул минаялъув лъица дида абулеб гьасдаги досдаги данде вахъайилан? Цо гIадамас абуларо. Дир диего гIураб гIакълуги лъайги буго.
Денга Халидов:
— Гъоркьиса риидал чачаназулгун гIорхъода ахIвал-хIал хIалуциндал, данделъун рукIана ниж. Гьеб мехалда пикру ккун букIана съезд гьабизе.
Цинги хаслихъе данделъана жеги кIудияб къадаралда – ЖамгIияб палатаялъул вакилзабиги рагIи билълъарал гIадамалги рукIана. ХIукму ккана халкъалъул гьариялда рекъон, съезд тIобитIизе квербакъеян ДРялъул нухмалъиялде хитIаб гьабизе. Нижеца гьениб кIвар буссинабуна Дагъистаналда тIоцебе гьединаб съезд гьабуралдаса нусго сон тIубалеб букIиналде, гьединго хъвана пачалихъалъ оргкомитетги гIуцIизе ккелин, нижерго рахъалдаса нижецаги гьелъие кIвараб хIалтIи гьабулеб бугилан. Хадубккун цIех-рех гьабидал, гьеб кагъат жанисеб политикаялъул отделалде битIун батана. Амма гьединал суалал отделалъул начальникас гурел, тIадехун ругел идарабаз тIуразе кколаха.
ЦIакъго хIажалъи ккедал тIоритIула гьединал съездалги. Масала, Дагъистаналда кIиабилеб съезд тIобитIана 1992 соналъул хаслихъе. ХIалуцараб мех букIана гьеб. Авартеатралде ракIарарал батIи-батIиял миллатазул вакилзабаз къабул гьабуна Дагъистаналъул Конституциялъул проекталъул концепцияги. Гьеб букIана щибаб миллаталъул чагIиги тIад хIалтIараб, жиндаса ДРялъул Конституция хъвазе бегьулеб, хIадурараб материал. КIиго анкьидасан тIалъиялъги ахIана жидерго съезд.
Лъабабилеб съезд тIобитIулеб заманги (2010 соналъул декабрь) букIана хIалуцараб мех – терроризмалъул хIинкъи цIикIкIараб.
Гьанже съезд гьабизе бокьи дир, Чагучиевасул, яги Юсуповасулгун Хадулаевасул анищ гуро. Халкъалъ абулеб буго гьеб гьабеян. Съезд гьабула законалда рекъон. Гьединаб съездалде ахIизе ккола республикаялъул нухмалъулелги гражданлъиялъул позиция бугел гIадамалги.
Халкъалда цере рахъиналде нижехъ рукIине ккола жанир малъа-хъваялги программаги бугел брошюраби (Дагъистаналъул стратегия бихьизабураб, мугIрузулаб экономика кин цебетIезабизе кколебали бицараб). Амма дида ккола нилъер жамгIиял церехъаби гIедегIулел ругин съезд тIобитIизе. Халкъалда кIалъазе ккани, цин программа бихьизабизе ккеларищ?
Цо-цояз гьеб данде кколеб буго «космический съездалда» (Москваялда, депутат ХIажимурад ГIумаровас «Космос» гостиницаялда гьабураб съезд – авт.). Гьеб букIана оппозициялъул данделъи. Амма критика гьабураб гIоларо, гьелда данде лъезе малъа-хъвайги букIине ккола.
— Юсупбегицаги Шамилицаги абухъе, нужер рагIи дандеккун батани, цолъизеги цолъун, нуж цо гIаммаб съезд гьабиялде рачIун ругищ?
— Кинаб съезд? Цонигиясда кIоларо гьеб гьабизе. Ниж киналго цолъанигицин кIоларо. Цин власталда бичIчIизабизе ккола гьел гьенире рачIине кколеблъи, гьединго баян гьабизе ккола съезд ахIулел чагIаз щиб бицине бугебали. Гурони, масала босани, цохIо нижер къокъаялъул бажари гIоларо гьебщинаб жо тIаде босизе. Нижер аналитикияб къокъаялда кIвела 200 чи вакIарараб гIелмияб форум тIобитIизе. Амма тIолго Дагъистаналъул халкъазул съездилан дица гьелда абиларо.
ГIагарлъиялда жаниб къварилъиги ккун, МухIамад Чагучиевасулгун бухьен гьабизе бажаричIо. Гьединлъидал гьесие гIоло рагIи кьолеб буго Чагучиевасул пикруцояв МухIамад Шамиловасе:
— Жакъа Дагъистаналда лъугьун бугеб хIалги цогидабги рукIалиде бачIинабизе ракIалде ккун буго дидаги Чагучиевасдаги. Дагъистан инсанасул ихтиярал цIунулеб бакIлъун лъугьинабизе республикаялъул бетIер Владимир Васильевасе кумек гьабилин лъазабуна Чагучиевас. Гьелъие гIоло цин хIакимзабазул кьерал рацIцIад гьаризе кколин рикIкIуна МухIамадица.
Гьеб гуребги, Чагучиев вуго гIалимчи. Экономикаялда ва социалиябгун политикияб гIумруялда хурхун гьабсагIаталда халкъалда бицине бегьулебги бегьуларебги информация буго гьесухъ. Гьелда рекъон гьабизе кколеб хIалтIул рахъалъ лъайги буго. Таманаб мех буго улкаялдаго машгьурал гIалимзабазул кумекалдалъун гьес гьанир батIи-батIиял цIех-рехал тIоритIулел ругелдаса. Чагучиевас гьеб кинабго къватIибе кьвагьулеб гьечIелъулха. Заман щвезегIан тун буго тIаде ваккизе.
Цогидаз щиб гьабулеб бугеб? Харбал рицин гурони, потенциал абулеб жо дида гьезулъ бихьулеб гьечIо.
— Юсуповасги Хадулаевасги абулеб буго Халидовасулгунги рагIи дандеккун бугила жидер, амма Чагучиев кинго аскIове гIагар гьавизе кIолев гьечIила. Гьез абухъе, ункъалгоги цолъун цо съезд щай тIобитIулареб?
— КIиябго нухалда дун ана гьезул данделъиялде? Дица гьезда абуна гьеб съезд гьабичIого букIине Чагучиевасда данде тIамурал гIадамал ругин нужилан. Гьадингоги лъалеб жо гьечIищха гьеб? РакIалда бугеб жо хIинкъичIого абулеб бугелъул гьес. Лъаялъулги бажариялъулги рахъалъ Чагучиевасдаса бергьарав чи вихьизаве, валлагь, живго гьевги тун, жакъаго ина дун гьединав чиясул рахъалде.
Чагучиевасул съездалда данде гьабулеб жо батичIони, цин ноябралда тIобитIизе ракIалда букIараб съезд, масала, Денга Халидовас щайха цебе бахъулеб бугеб?