Новость на родном

ГIайиб бугин абун, халкъ рехун тоге

18 маялда РФялъул президент Владимир Путиница тIобитIараб видео-конференциялда бицана Дагъистаналда бугеб ахIвал-хIалалъул хIакъалъулъ. Видео-бухьеналда гIахьаллъана РФялъул сахлъи цIуниялъул министр Миха­ил Мурашкоги, РФялъул бетIерай санитарияй тохтур Анна Попо­ваги, ДРялъул муфти АхIмад-хIажи-афанди ГIабдулаевги, ДРялъул бетIер Владимир Васильевги, ДРялъул Халкъияб Собраниялъул председатель Хизри ШихсагIидовги.   Коронавирусалъул инфекция тIибитIиялда бан, Дагъистанал­да захIматаб хIал бугинги абун, Владимир Путиница ракIалде щвезабуна...

Новость на родном

Унтаразул къадар лъабазариде бахана

11 маялда Владимир Пути­ница цIияб хитIаб гьабуна хал­къалде. Гьесул кIалъаялдаса ас­лияб хIасиллъун босизе бегьула хIалтIуларел къоязул болжал лъугIанин улкаялдаян президентас аби. Амма эпидемиялде данде гьабулеб къеркьей лъугIун гьечIин тIадеги жубана гьес. Ре­гионалъул нухмалъулезухъе жи­дехъего кьолеб бугин ихтияр, бакIалда бугеб ахIвал-хIалалдеги балагьун рокъор чIеялъул низам халат бахъинабизеянги лъазабуна.   Нахъисеб къоялъ, ай 12 маялда Владимир Васильевас...

Новость на родном

БукIинчIеб лъикI, ккараб квеш

28 апрелалда улкаялъул нухмалъулев Владимир Путиница лъазабуна хIалтIуларел къоял 12 маялдалъагIан халат рахъинарулел ругилан. РекIкIаб «коронавирусалъ» унтаразул къадар цIикIкIун гурони дагьлъулебги гьечIо.   Унтаразул рахъалъ дунялалдаго нилъер улка гьабсагIат буго кIиабилеб бакIалда. Унтаразул къадар сордо-къоялда жаниб г1емерлъулеб буго 10000 чиясдалъун. Россиялъул регионазда гьоркьоб нилъер кIудияб гьечIеб республика буго щуабилеб бакIалда. Унтаразул къадар 2200 чиясдасаги цIикIкIана....

Новость на родном

Хьул буго хIеж гьоркьоб къотIиларин

«ХIеж-Миссиялъул» цIияв нухмалъулев, хIажизаби гуккулел гьоркьохъаби ва пандемиялъул хIасил   Россиялъул «ХIеж-Миссия» идараялъул нухмалъулевлъун тIамун вуго ХIизбуллагь Асуев. Ахираб щуго соналъ гьеб идараялъе нухмалъи гьабурав ХIамзаев МухIамадгун цадахъ хIалтIулевги вукIана гьев. Гьеб заманалда жаниб бечедаб хIалбихьиги гIураб бажариги щун бугин гьесие абураб пикру бижана ХIизбуллагьилгун букIараб гар-чIвариялдаса хадуб. ХIизбуллагь, МухIамад ХIамзаевас гIемерал соназ нухмалъи гьабуна Россиялъул «ХIеж-Миссиялъе». Щиб гIиллаялдалъун...

Новость на родном

КIицIул гочана, амма…

12 апрелалъ ЦIунтIа районалъул гIадамазе пашманаб асар гьабула. Гьезул умумул Чачаналде гочинарураб къо ккола гьеб. Гьел гочинариялда хурхараб буюрухъ бахъун букIана 1944 соналъул 9 марталда.   Дагъистаналдаса 114 росдал жамагIатал ритIана Чачаналде. Амма, тумазул миллат гурони, депортациялда букIараблъун рикIкIинчIо. Нус-нус соназ гIумру гьабурал бакIал гIадамазда тезариялъе гIиллалъун советияб нухмалъиялъ бачунеб букIана хъачIал мугIрузда ругел гIадамазе яшав гьабизе...

Новость на родном

Рокъоб букIун бугеб лъикI…

       Рокъоб букIун бугеб лъикI… Карантиналъул пайда: коронавирусалъ «туснахъ гьаруразул» пикраби ва нилъ.   Коронавирусалъ тIубанго хисизабунин абизе бегьула нилъер респу- бликаялда жамгIияталъул гIумру. 28 марталдаса байбихьун пачалихъи- ялги пачалихъиял гурелги хIалтIул бакIал заманаялъ къан руго. Шко- лазда ихдалил каникулал халат гьарун руго 12 апрелалде щвезегIан. ХIалтIулел руго гIицIго чара гьечIого хъулухъ тIубазе...

Новость на родном

Анси шагьаралда жакъа бугеб хIал

Ума ХIайбулаева, Франциялъул Анси шагьар   Карантин нижер шагьаралда байбихьана 16 марталда ва кутакалда цIунулел руго рихьизарурал тIалабал. КъватIахъ къанагIатги чи вихьуларо, киналгоязде гIунтIун гьурмада маскабиги ххун хьвадулел руго. Аптекабазда къанагIалъун руго маскаби ва захIматаб хIал буго дезинфекциялъе хIажалъулел сурсатазул рахъалъ. Маскаби рокъо-рокъор жидецаго гIадамазги рукъулел руго. Мисалалъе, 13 сон барай дир яс ШугIайнатицаги рукъула гьел...

Новость на родном

МоцIидасан гьаб унти танкилилан хьул буго…

Коронавирусалда хурхун бугеб ахIвал-хIалалъул хIакъалъулъ бицунеб буго Дагъистан бахун къватIирехун ругел магIарулаз Коронавирусалда хурхун бугеб ахIвал-хIалалъул хIакъалъулъ бицунеб буго Дагъистан бахун къватIирехун ругел магIарулаз     Асият Ризванова, блогер (США) Коронавирусалда бан Америкаялъул штатазда ахIвал-хIал батIи-батIияб буго. Руго тIуранго жанире нухал къарал штаталги. Масала, Калифорния. Дагьал гьечIо эркенго тарал штаталги. ЦIакъго хIажалъи ккун гурони, рокъоса...

Новость на родном

Эбел тIаде щолел къоял рикIкIине календарь гьабун букIана

Гъизилюрт районалда гIумру гьабулей ПатIиматил ясалъул ясал Багъдадалъул туснахъалдаса Дагъистаналде тIадруссаралдаса лъагIел сверана. КIудияй ясалъул буго 13 сон, гьитIиналъул – 7 сон.   Ясазул эбел гьебго туснахъалда, ГIиракъалда йиго. Гьезул хъизан (росги, лъабго ясги, цо васги) Сириялде ун руго 2014 соналда. Цадахъго ун буго гьитIинай яцалъул хъизанги (лъабавго васги росги). Гьей гьабсагIаталда Сириялда, Ал-Хол  абулеб...

Новость на родном

Референдумалда хадуб хал кколел ЖамгIияб палатаялъ рищизе руго

26 марталда ДРялъул ЖамгIияб палатаялъ жамгIиял гIуцIабазулгун къотIи гьабуна РФялъул Конституция хисизабиялда бан тIобитIизесеб референдумалда хадуб халкколел чагIи цадахъ рекъон рищизе.   Палатаялъул нухмалъулев ГIаб­дулхIалим Мачаевас абуна хадув жив гьебго суалалъ политикиял партиязул вакилзабигунги дандчIвазе вугилан. Гьеб референдум 22 апрелалда тIобитIизе кколаан. Амма коронавирусалъе гIоло карантин лъазабиялда бан, гьеб тадбир нахъбахъун буго. Жеги къоги чIезабун...